Нижер талих1лъун ккана советияб заманаялъ районалда бищун лъик1ал школаздаса цояблъун рик1к1унеб бук1араб Г1арани районазда гьоркьосеб руччабазул гьоркьохъеб школалда ц1ализе рес щвей. Школа бук1ана унго-унгояб лъаялъул къебелъи. Чанго бат1ияб районалдасаги, районалъул росабалъаги ясал цо хъизаналъул лъимал г1адин г1уна.
Жеги к1удияб бит1ккейлъун рик1к1уна нижеца нижер классалъул нухмалъулейлъун Бакьагьеч1иса Г1апипат Гъазиевна йик1ин. Гьей йик1ана нижер к1иабилей эбеллъун. Гьелъул недегьаб гьимиялъги, х1еренаб каламалъги жиндирго лъималг1адин реэдана ниж. Г1апипатил г1умрудул дарсал нижее рук1ана г1умрудул нух гвангъулеб маяклъун. Гьелъ кьураб тарбия-лъаялъ кьуч1 лъуна нижер хадусеб г1умруялде. Гьит1инал нижеца х1аракат бахъулаан щибаб жоялъулъ гьелда релъарал рук1ине. Г1апипат йик1ана нижее кинабго рахъалъ гвангъараб мисаллъун.
Гьале сверана нижер школа лъуг1аралдаса 38 сон. Амма нижеда рак1алда хут1ана доб г1анч1аб, талих1аб лъимерлъиги нижерго х1алимай эбел Г1апипатги. Нижеца к1удияб рек1ел пашманлъигун къабул гьабуна Г1апипат къадаралде щванин абураб пашманаб хабар.
Т1абиг1ат берцинаб, рии т1егьараб
Т1огьолаб июлалъ т1ерхьун араб бакъ,
Шагьру-рамазаналъ, хирияб моц1алъ
Нак1к1укье т1ерхьана канаб шагьримоц1.
Ниж божулел гьеч1о кьог1аб харбида
Хирияй Г1апипат къанщанин абун.
Къокъидго дунял тун ахираталде
Юссунареб сапар дуца бухьанин.
Дур рик1к1ен г1емерал г1олилал ясал
Эбел ят1алъанин къваридго руго
Къанал дуда ч1вазе г1айиб гурищан
Бераз маг1уги т1ун рак1 бекун руго.
Дур недегьаб гьими, х1еренаб калам
Кидаго бук1ина нижер рак1азулъ,
Ниж г1умрудул нухда нуха рег1арай
Хвел гьеч1еб бук1ина нижее дур ц1ар.
Берцинаб каламалъ ниж реэдарай
Алжан насибайлъун гьаюн ятаги,
Рек1ел рокьи нижей бикьун кьуралъухъ
Ахират лъик1аб кьун йохизаеги.
Дур лъик1лъи борцине роцен г1оларо,
Борцаги Аллагьас ахираталда.
Х1алимлъи рехсезе х1ал к1олеб гьеч1о
Х1ал к1олев Бет1ергьан, йит1ун ккезае.
|