Четверг, 02.05.2024, 04:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Декабрь » 14 » ДИРЕКТОР РАСУЛ.
01:26
ДИРЕКТОР РАСУЛ.

Гьедин абула Расул Атаевасда жинца жаниб г1умру гьабулеб Хунзахъ росдал г1адамаз гуребги т1олабго районалъул учительзабазги.

Расул гьавуна 1953 соналъ Хунзахъ росулъ хъулухъ чиясул хъизамалда. Т1ок1лъигун лъуг1изабун Хунзахъ гьоркьохъеб школагун Расул ц1ализе лъугьуна Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб педагогияб институталъул химиялъулгун-биологиялъул факультеталде. 1975 соналъ байбихьана Р. Атаевас Хунзахъ гьоркьохъеб школалда муг1алимасул х1урматияб х1алт1уде. Расулилъ, бугеб лъайги, х1алт1уде бугеб гъираги бахчун хут1уларо. Х1алт1изе лъугьун лъаг1ел балалде Расул Х1усенх1ажиевич т1амула тарбия кьеялъул рахъалъ школалъул директорасул заместительлъун. Гьениб загьирлъула Расулил педагогияб х1алт1уде бугеб рокьи, пагьму ва бажари. Гьебго соналъ школалда г1уц1ула кьурдулгун коч1ол ансамбль, самбоялъул, дзюдоялъул секциял. Расул Атаевасе кидаго хирияб бук1ана спорт. Гьелде гьесул рокьи базабула эмен Х1усенх1ажица. Гьев мунагьал чурад вук1ана волейболалъул рахъалъ Россиялъул чемпион. Институталда ц1алулеб заманалда Расул г1ахьаллъулаан самбоялъул, дзюдоялъул республикаялъул ва Россиялъул к1варалъул къецазда. Чанц1улго вахъана Россиялъул чемпионаталда призерлъун. Т1убазабуна самбоялъул рахъалъ «Кандидат в мастера спорта» норма. Заман анаг1ан камиллъула Расулил педагогасулаб махщел, ц1ик1к1уна х1алт1уде гъираги. Кинабго пикруги, махщелгун лъайги гьас буссинабула ц1алдохъабазде, гьезул щивасул бажариги, т1алабчилъиги, ц1алуде бугеб гъираги лъазабиялде, рукъоб хъизаназул ах1вал-х1ал баян гьабиялде. Расулица жиндирго рак1алде щвеялда абула жиндие к1удияб талих1 кканин СССРалдаги, Дагъистаналдаги ц1ар раг1арал учительзаби Хажа Локалова, Х1ажи Ясулов, Х1амзат Ниг1матулаев, Иманшапиг1 Г1алимчуев, Г1абдусамад Баталов г1адал насих1ат чаг1и щвей,- ян. Гьеб кинабго кьоч1ое босун 1988 соналъ Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул т1олабго учительзабазул коллективалъ Расул Х1усенх1ажиевич вищула жидерго директорлъун. Жакъа къоялде щвезег1анги жинде гьабураб божилъи рит1ухъ гьабун х1алт1улевги вуго гьев.

Х1алт1изе лъугьун т1оцебесеб къоялъго Расулица пикру буссинабула школалда г1адлу-низам бук1инабиялде, ц1алулъ ц1и-ц1иял къаг1идаби х1алт1изариялде ва гьединго школалъул материалияб База щула гьабиялде. Гьесул бажариялдалъун бала школалда т1адеги 5 классалъе мина, байбихьул классазе бат1аго ц1ияб корпус. Гьенибго бана лъимал кваназе гьанжесел т1алабазда рекъон кколеб, къвариг1анщиналдалъун хьезабураб столовая-пищеблок. Школалда х1алт1улеб буго 2 компьютеразул класс. Щивав учителасул рес буго интернеталде раккун дарсие къвариг1араб материал балагьизе. Школалъул ц1алдохъабаз жигараб г1ахьаллъи гьабула лъималазда гьоркьор районалда т1орит1улел киналго тадбиразда ва кидаго рук1уна цересел бак1азда. Расул Х1усенх1ажиевич директорлъун вугеб заманалда меседил ва г1арцул медалгун школа лъуг1ун буго 103 ц1алдохъанас. 2006 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школалъе щвана Президентасул грант, директорасе кьуна «Лучший директор России» абураб ц1ар. Ахирал соназ Расул Х1усенх1ажиевичас директорлъиялда цадахъ школалда рачуна КТНДялъул дарсал. (Культура и традиции Дагестана). Гьениб муг1алимас к1вар кьола г1ун бач1унеб г1елалда маг1арул г1адат, г1амал намус ц1уни, вижараб ракь, рахьдал мац1 к1очон тезе бегьунгут1иялде.

Халкъияб лъайкьеялъул бут1аялда гьабураб рак1бац1адаб х1алт1уе г1оло Расул Атаев мустах1икълъана х1укуматалъул т1адег1анал шапакъатазе-«Дагъистаналъул лъай кьеялъул отличник» «РСФСРалъул лъай кьеялъул мустах1икъав х1алт1ухъан» абурал х1урматалъул ц1аразе, гьединго руго халкъияб лъай кьеялъул министерствоялъ, РУОялъ кьурал грамотаби, баркалаялъул кагътал. Расулица ва хъизан Нупайсатица тарбия-лъай кьун г1езаруна ясги, васги. Гьел к1иязгоги т1аса бищана муг1алимасул махщел ва эменгун цадахъ гъеж гурун х1алт1улел руго г1агараб школалда.

Жиндехунго бугеб т1алабчилъиялъги, рак1бац1алъиялъги, г1адамаздехун бугеб рокьиялъги цадахъ х1алт1улез, ц1алдохъабаз, умумуз к1удияб адабгун рехсола гьесул ц1ар. Расул вуго унго-унгояв маг1арулав, гьобол-гьудул хирияв инсан, гьесул рукъ кидаго ва киназего рагьараб буго.

-Щва мун маг1арухъе бокьараб мехалъ,

Бухе цебе ккараб каву к1овухъе.

Дур ц1ар гьикъиларо, рокъой вачина

Духъе т1аса бахъун хъабарча кьела.

 

Дур чодуй хер базе хважаин ина,

Хех лъадул ц1алк1уялъ наку бачина.

Бух1улел-ч1урх1улел мах1ал рахъина

Ва нахъа рокъоса шиша бач1ина.

Гьедин хъвалеб буго Расул Х1амзатовас  жиндирго цо коч1олъ. Дида ккола к1удияв шаг1ирас гьаб асар хъван бугин жиндирго ц1ар г1ахьал Расул г1адал унго-унгоял маг1арулазе сайгъат гьабун,- ан.

Гьаб соналъул 19 декабралда Расулил буго к1иго юбилей-г1умрудул 60 сон т1убай ва 25 сон директорлъиялъул х1алт1уда. Бокьун буго т1олабго районалъул учительзабазул, гьудул-гьалмагъзабазул рахъалдасан Расулида баркизе гьайбатаб юбилей.

Кьеги дуе жеги Т1адег1анав Аллагьас гьедиг1анго г1умру, г1олохъанаб рак1гун, сунареб къасдгун къойил ниж роххулеб махсаро-хоч1гун.

РУОялъул аппарат.

Районалъул лъайкьеялъул профсоюзалъул председатель М. Мах1мудов.

 

     

Просмотров: 794 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz