Суббота, 27.04.2024, 07:59 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 14 » ДИР РАК1АЛДЕЩВЕЯЛ.
20:54
ДИР РАК1АЛДЕЩВЕЯЛ.

Байбихьул классалда дие лъик1аб лъай щвеялъулъ ва мисалияб г1адлу-низам, хьвада-ч1вади, рук1а-рахъин куцаялъулъ к1удияб бут1а лъуна Мух1амадова Хатиматица (Сергейил Хади). Хатиматица ц1акъ к1вар кьолаан дарсихъ г1енеккиялде, ц1алдохъабазда дарс лъаялда т1ад х1алт1улаан, дополнительный х1алт1аби г1емер гьарулаан, ц1алдохъабазул рокъое г1емер щолаан. Лъик1аб кьуч1 лъуна Хатиматица нижер класс байбихьул лъайги щун 5 классалде бахъине.

Г1урус мац1алъул учительница йик1ана Гусьева Маргарита Петровна. К1удияб бут1а лъуна гьелъ ц1алдохъабазда г1урус мац1 лъаялда, ц1акъ к1вар кьолаан словарный запасалде, г1емер гьарулаан диктантал, изложениял, хат1 берцинго хъваялда т1ад г1емер х1алт1улаан. Ц1ализе т1амулаан раг1изе гьабун, ударениялде, акценталде к1вар кьолаан.

Х1исабалъул дарсал кьолаан Гъонохъа Х1усейнов Тажудиница. Дица ц1акъ адаб-хъатир гьабулев учитель вук1ана Тажудин. Ц1алдохъабазда х1ал рекъезабизе лъалаан гьесда. Махсаро-хоч1 г1емер гьабулаан, гьит1инаб жо лъаниги ц1алдохъабазул рак1 батизабулаан. Контрольныял х1алт1абазулъ жалго-жидедаго ч1ун х1алт1улаго кумек гьабулаан лъималазе. Т1ад ургъизе ва бет1ер х1алт1изарулел расандаби, х1аял г1емер гьарулаан дарсил заманалда.

Рахьдал мац1алъул дарсал кьолаан Мух1амадов Х1амзатица. Х1амзатида лъик1 лъалаан жиндирго предмет. Ц1акъ г1емер ц1алдезе т1амулаан лъимал гьаракь борхун. Ц1ализарулаан маг1арул хъвадарухъабазул т1ахьал. Ц1алдохъаби киданиги рат1а гьарулароан, лъаялда рекъараб къиматги лъолаан. Гьес г1емер х1алт1изарулаан кицаби, бицанк1аби, абиял. Ниж рачунаан библиотекаялде маг1арул т1ахьал, журналал, газетал рихьизе ва ц1ализе.

Физикаялъул дарсал кьуна Г1абдурах1манов Г1абдурах1маница. Жиндирго предмет гуребги Г1абдурах1манида лъалаан астрономия, геометрия, химия, кинабго рахъалъ жо лъалев учитель вук1ана гьев. Ц1акъ бокьулаан дарсил заманалда суалал кьезе, жавабги кьолаан мух1канго бич1ч1уледухъ. Дарсил заманалда г1емер гьарулаан опытал, рихьизарулаан бат1и-бат1иял т1аг1ел-алатал, г1емер гьарулаан киноял. Физикаялъул кружокалде г1емерал лъимал хьвадулаан, лъайги щолаан лъик1аб.

Химиялъул дарсал кьуна Бат1алов Г1абдусамадица. Дарсил заманалда г1емер гьабулаан махсаро-хоч1, рицунаан анекдотал, ккараб-тараб, амма дарс бицунеб заманалда бегьулароан доре-гьанире руссине, гьеб бицунаан ц1акъ мух1канго, гъваридго, киназдаго бич1ч1иледухъ. Щуго-анлъго ц1алдохъан цадахъ вахъине гьавулаан доскаялде дарс гьикъизе. Г1абдусамадил лъик1аб хурхен бук1унаан лъималазул умумузулгун. Лабораторниял х1алт1аби г1емер гьарулаан мух1канго лъазе кколаан химиялъул т1аг1елазул ц1арал ай пробирка, колба ва гь.ц. Менделеевасул таблица лъаялде, малъиялде кьолаан ц1ик1к1араб к1вар.

Географиялъул дарсал кьуна Х1амзалов Г1абдулат1ипица. Дарсил заманалда ц1акъ к1вар кьолаан лъималазул г1адлу-низамалде. Карта лъазе кколаан мух1канго, дарсил заманалда х1алт1изарулаан атласал, глобусал, лъазе кколаан пачалихъазул ц1арал ва гьезул тахшагьарал. К1вар кьолаан географиялъул тетрадал х1алт1изариялде. Гьенир хъвазе кколаан бат1и-бат1иял раг1аби, г1оразул, ралъадазул, муг1рузул, улкабазул, шагьаразул ц1арал. Г1емерал лъималазе бокьулаан гьеб дарс.

Историялъул дарсал кьолаан Г1ашица-Хьиниса Юсупил хъизан сабру бугей, г1одое иччарай, амма дарс кьолеб заманаялъ лъимал г1енеккизаризе махщел бук1ана гьелъул. Дарс бицунаан мух1канго, гъваридго. Картаялда т1ад х1алт1изе т1амулаан. Пайда босулаан наглядное пособиялдаса, ай плакатал, стендал бат1и-бат1иял т1аг1елал дарсда х1алт1изарулаан, г1емер рихьизарулаан кинофильмал. Школалъул музеялда жанибги кьолаан чанго дарс. Историялъул краеведениялъул кружокалда ругел лъимал рачун рук1ана Датуна росдада аск1об бугеб хъала бихьизе. Г1ашица дарсиде г1емер ах1улаан эбел-эмен ц1алдохъабазул лъик1аб-квешаб бицине, бугеб жо абизе.

Физкультураялъул дарсал кьуна Х1айбулаев Камалица. Ц1акъ лъик1 лъалаан спорталъул тарих гьесда г1емер гьабулаан махсаро-хоч1, ц1алдохъабазда гъорлъ восун вук1унаан. Х1алаан волейбол, баскетбол, футбол, лапто, бурди кьабг1и. Г1ахьаллъулаан т1адагьаб атлетикаялда, чанагъазда, конькабазда хъещт1еялда, хоккей х1аялда. Г1емер т1орит1улаан классазда гьоркьор къецал, школалъул линейкаялда лъималазе кьолаан грамотаби, дипломал, кубокал. Щибаб моц1алъ къват1ибе биччалаан спорталъул кружокалъул газета. Г1емер х1алт1изарулаан «Советский спорт» газета, «Физкультура и спорт», «Спортивные игры», «Физкультура в школе» журналал. Школалда х1алт1улаан т1адагьаб атлетикаялъул, волейболалъул, тенисалъул чанго бат1иял кружокал, т1орит1улаан бат1и-бат1иял школазулгун къецал.

Жакъа гьезул г1емерисел нилъедаса рат1алъана, мунагьал чурун, ахират лъик1аб кьун батаги, нахъе гьеч1езёул. Дида г1емер рак1алде щола ц1алулеб заман-авадабанаб, эркенаб, рохалилаб, лъик1аб адаб-хъатиралда араб школалъул г1умруялъул заман.

Г1амирханов Расул, Россиялъул лъай кьеялъул отличник, РДялъул мустах1икъав учитель.       

Просмотров: 547 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz