Воскресенье, 28.04.2024, 06:23 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Октябрь » 3 » «ДИЦА АЛЛАГЬАСЕ ЩУКРУ ГЬАБУЛА»
19:58
«ДИЦА АЛЛАГЬАСЕ ЩУКРУ ГЬАБУЛА»

Учительзаби. Гьел руго бат1и-бат1иял-рак1 разиял ва къваридал, х1еренал ва хъач1ал, кидаго киреялиго г1едег1улел ва х1инцал. Ина заман киналиго хехго к1очон тела, киналиго дагьалго рак1алда ч1ела. Амма руго гьезда гьоркьор кидаго рек1елъа унарелги. Щайгурелъул гьезул рокьи ккун бук1унелъул жидерго махщалихъ, ц1алдохъабиги гьезие рат1а гьарич1ого г1адатго рокьиялъухъ.

1952 соналъ Тульский областалъул Белевскиялъул педагогикияб училищеги лъуг1изабун, г1олохъанай, жан-жигаралъул ц1урай Валентина Петровна яч1ана Хунзахъ росдал гьоркьохъеб школалде х1алт1изе.

Гъваридаб лъай бугей, бокьулеб ишалдехун к1удияб гъира-шавкъ бугей Валентина бач1инахъего жуяна х1алт1уде гъорлъе, жигар бахъана маг1арул лъималазда к1удияб г1урус мац1 ва литература гъваридго малъизе, гьелде гьезул рокьи бижизабизе. Гьей г1емерай х1алт1улаан ц1алдохъабазда мац1 гуребги, гъалат1 гьеч1ого хъвазе, ц1ализе малъиялда т1ад.

Бигьаго бук1инч1о Валентина Петровнаялъе бат1ияб миллаталъул, бат1иял г1адатазул, бат1ияб мац1алъул г1адамазда гьоркьоеги яч1ун х1алт1изе. Амма гьей къуркьич1о, жигар бахъана жиндирго г1агараб мац1алда г1ей гьабун ч1еч1ого маг1арул мац1ги, маг1арул г1адатаздаги, г1амал-хасиятаздаги рекъон хьвадизе.

Ц1али лъуг1ун хадуб направлениялда рекъон х1алт1изе кколей йик1арай 3 сон лъуг1ун хадуб Валентина Петровна т1ад юссун уней йик1ана жийго гьаюраб ва г1ураб ракьалде. Амма берцинаб г1амал-хасияталъул, гьайбатаб лага-черхалъул яс йихьич1ого хут1ич1о нилъер г1адамазда. Г1емерал рук1ана гьелъулгун къисмат цолъизабизе бокьарал г1олохъаби, амма Аллагьасул х1укму адинаб бук1ун батила, бихьизе хъваралдаса нилъ кирениги рорч1уларелъул, гьелъ г1умрудул гьудуллъун т1аса вищана цадахъ х1алт1улев вук1арав Г1аликулов Мух1амад. Г1езаг1ан талих1ал рук1ана гьезул цадахъ т1амурал къоял.

Чанго соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школалдаги х1алт1ун, гьез г1умру гьабизе т1аса бищана Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул зах1матчаг1аз г1умру гьабулеб Самилахъ росу. Гьеб росдал школалъул лъималаз тарбия-лъай кьеялда ана гьезул аслияб къаг1идаялда г1умруги. Валентина Петровна рехсараб школалда х1алт1ана г1адатияй учительницаялдасан байбихьун директоралъул хъулухъалде щвезег1анги. Школалъул х1алт1иялда цадахъго, гьелъ бачунаан рукъалъул маг1ишатги. Бищунго г1исинал г1анк1у-х1елекоялдаса бахъараб, хъазал, ордекал, гургурал, чахъу-хух, г1ачиязде, ганщазде щвезег1анги гьелъул рокъоб камураб боц1и бук1инч1о. Бук1ана лъилалдасаго берцинго хъулухъ гьабун, кьер-кьерал ниг1матал г1езарулеб ах-хурги. Дица гьелда гьикъана, мун маг1арул руччабаздасан ругьунлъун ятилин гьединаб х1алт1и-пишаялъеян. Гьелъ жаваб кьуна К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда немцал нилъеда т1аде к1анц1араб мехалда 12 сон барай яс йик1анила жий. Киналго г1олохъабиги Ват1ан ц1унизе ун, руччабазде, жий г1адинал ясазде ккун бук1анила кинабго колхозалъул х1алт1и. Херги бецулаанила, хурги бекьулаанила, гьабич1еб х1алт1иги теч1ила. Гьит1инго эбелги хун, гьединги т1аде кканила кинабго х1алт1и гьабизе. Гьединлъидал, Дагъистаналде яч1иналдего, ругьунай йик1анила жий, руччабазулги бихьиназулги бокьараб х1алт1и гьабизе.

Учителасул х1алт1и т1аса бищиялъе г1илла ц1ехедал, Валентинаца бицана жидер хъизанго учительзабазул кколилан, эбел, эмен, яц учительзабилъун х1алт1улел рук1анилан. Гьелъ ва лъималазде бугеб к1удияб рокьиялъ ячанила жий учителасул махщел т1аса бищизе. Лъебергоялдаса ц1ик1к1ун соналъ х1алт1ана Валентина жиндирго бокьулеб х1алт1уда. Гьабсаг1атги к1удияб рек1ел хинлъигун рак1алде щвезарула гьелъ жиндирго т1оцересел насих1атчаг1и, цадахъ х1алт1арал т1оцересел учительзаби. Гьелда бич1ч1улаан х1алт1ул х1асил ккезе ккани, жиндаго т1ад х1алт1изе, педагогикияб махщел камил гьабизе кколеблъи. Гьединлъидал щибаб къойилаб к1вар кьолаан гьелъ х1алт1ул рахъи борхизабиялде. Гьедин гьабиялъ къойидаса къойиде борхулеб бук1ана гьелъул цадахъ х1алт1улезда ва ц1алдохъабазда гьоркьоб къимат-къадру.

Валентинал махщел, сабру, рак1 бац1ц1алъи, зах1мат бокьи бук1ана ва гьаб жакъасеб къоялдеги буго педагогазул ва ц1алдохъабазул чанго г1елалъе мисаллъун.

Валентина Петровнаялъул х1акъалъулъ бицунаго, гьелда цере ц1алулел рук1арал, цадахъ х1алт1улел рук1арал ц1алдохъабазул, учительзабазул рек1елъ ратула гьелъул х1акъалъулъ абизе г1емерал лъик1ал, хинал, берцинал раг1аби. Гьелда цадахъ х1алт1улел рук1арал Самилахъ гьоркьохъеб школалъул учительзабаз г1емер бицуна Валентина Петровна ва Мух1амад Мух1уевич Г1аликуловаз школалъе нухмалъи гьабулеб заманалда гьениб бук1араб г1уц1а-к1ут1иялъул, гьез кьолел рук1арал г1акъилал дарсазул, гьарулел рук1арал насих1атазул, малъа-хъваязул, т1адег1анаб махщел, жидедехунго ва цадахъ х1алт1улездехун жавабчилъи т1алаб гьаби, зах1мат бокьи бук1анилан бицуна гьез жидерго Валял х1акъалъулъ.

Гьез лъимал куцалаан Ват1ан бокьизе, рижараб ракьалъулги гьелъул г1адамазулги къимат гьабизе, г1адамазда гьоркьоб бит1ун хьвадизе, гьереси, мац1 гьабунгут1изе.

Рохизе ккараб жо буго Дагъистаналдеги яч1ун, Мух1амадие ун хадуб, Валентина Петровнаялъ бусурбанаб дин, жиндаго бук1араб ц1арги хисун гьелъ лъун буго Муслиматилан абураб ц1арги.

Дица Аллагьасе щукруги, реццги гьабула,-ян абула Муслиматица,-дие кьураб кинабго лъик1абщиналъухъ. Г1адамазе мунпаг1алъи бугеб, рак1алъ т1аса бищараб х1алт1уда х1алт1изе щвей гуребги, Бет1ергьанас дие кьуна берцинаб хъизан-рукъ, лъик1ал иман-адаб бугел лъимал, лъик1аб г1агарлъи, дунги йокьулей, диеги рокьулел дида цере ц1аларал лъимал, цадахъ х1алт1арал учительзаби.

Муслиматил рак1бац1ц1адаб х1алт1уе г1оло гьелъие кьуна г1емерал Лъай кьеялъул министерствоялъул, Кизилюрталъул ТУНоялъул ц1аралдасан г1емерал х1урматиял грамотаби, шапакъатал. Ккола гьей Дагъистаналъул мустах1икъай учительги.

Гьал г1агарал къоязда Муслиматица т1убана г1умруялъул 85 сон. Бокьун буго рак1-рак1алъ гьаюраб къоги, учителасул къоги баркулаго гьаризе гьелъие чорхое щулияб сахлъи, рохел. Йиччанте гьей жеги жиндиего бокьарабг1ан заманаялъ жиндирго лъималгун, лъималазул лъималгун сах-саламатго хут1изе. Т1урайги гьелъул рак1алда ругелщинал мурадал.

Цадахъ х1алт1аразул гьариялда рекъон хъвана Н. Г1алиевалъ.      

Просмотров: 582 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz