Суббота, 27.04.2024, 01:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Август » 15 » ДАГЪИСТАНИЯЙ-БОКСАЛЪУЛ ЧЕМПИОН.
09:56
ДАГЪИСТАНИЯЙ-БОКСАЛЪУЛ ЧЕМПИОН.

Нилъер ракьцояй СагIадат ГIабдулаева гьал къоязда яхъана ТIологороссиялъулал боксалъул къецазул чемпионлъун. Гьеб ккола гьелъул лъабабилеб бергьенлъи. 2012 соналдаса нахъе СагIадат гIумру гьабун йиго Москваялда, гьенийго хьвадула боксалъул школалдеги. Гьабсаг1аталда гьелъул бищун кIудияб мурад ккола 2016 соналъ Рио-Де-Жанейро шагьаралда тIоритIизе ругел Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъи. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ гьелъ гIатIидго бицунеб буго нижергун гара-чIвариялда.

СагIадат ГIабдулаевалъул эбел-эмен ккола Хунзахъ мухъалъул ЦIада ва ТIануси росулъа, жийго гьей гIун йиго МахIачхъалаялда. Боксалде гьей ячIун йиго ракIалдаго гьечIого, гIумруялъул 19 сон букIаго. Кин гьеб ккарабали гьадин бицунеб буго гьелъ.

СагIадат ГIабдулаева: «БитIараб бицани сунца дун гьелде гьесизаюраяли дида лъаларо гьабсагIат. ГьитIинаб мехалъго дун йикIана речIчIа-регIарай, тирияй яслъун, амма боксалде хьвадизе доб мехалъ ракIалда букIинчIо. ГьитIинго дун хьвадулаан кьурдул ансамблялде, бокьулаан кечI-бакъан. Амма цо-цо гIиллабазда бан цо заманаялъ дица гьеб кинабго рехун тана. Дида жаниб бугеб кIудияб жан цо сунде бугониги буссинабизе бокьун букIана дие, кинаб бугониги рагъулаб тайпаби ругеб спорталда хIалбихьизе бокьун букIана, хас гьабун бокс дица тIасабищун букIинчIо. Амма Аллагьас гьадин хъван букIун буго, дун ккана боксалъул школалде. Гьенибги гIемер заман баларин дицаян кколеб букIана ракIалде, гьединлъидал эбел-инсудаги дица гьелъул цIар бахъун букIинчIо. Амма дир бугеб гьунаралъул хал гьабун хадуб дир тIоцевесев тренерас абуна дур гьелъие гьунар бугин, дуца бокс рехун тезе бегьуларилан. Эбел-инсуе тIоцебе, узухъада, рекIее гIечIо гьеб, хасго мунагьал чураяв эмен дандечIун вукIана, цохIо йигей ясалъ жиндирго гIумру боксалда хурхинабизе гьесие бокьун букIинчIо. Амма дир тренерас рокъовеги вачIун бичIчIизабуна гьесда дир гьелъие кIудияб гьунар бугилан. Хадуб жиндирго разилъи кьуниги инсуда кколеб букIана дида гьеб дагь-дагьккун чIалгIинилан, амма чIалгIинчIо дида бокс, гьелъул гIаксалда дагь-дагьккун дун гьелда тIуянго гъорлъ йосана».

Июлалъул ахиралда Избербаш шагьаралда тIобитIараб боксалъул рахъалъ тIолгороссиялъул турниралда СагIадатие щвана меседил медаль. ГьанжелъагIан жий цее яхъуней йикIанин тIадагьаб цIайиялда, исана тIоцеебе хIалбихьанила дагьаб бакIаб цIайиялда, гьединлъидал захIматги букIанин цIияб цIайиялде ругьунлъизеян абуна гьелъ. Гьеб ккола СагIадатица боксалда босараб лъабабилеб бергьенлъи.

ГIагараб заманалда бокс рехун тезе гьелда ракIалда гьечIо. СагIадатил мурад буго тIасияб соналда тIоритIизе ругел Олимпиялъул хIаяздаги гIахьаллъизе ва дагь-дагьккун профессионалияб спорталдеги нух бахъизе.

СагIадат ГIабдулаева: «У, бокьун буго хIакъикъатадаги дирго бугеб гьунар Олимпиадаялда бихьизабизе, гьелде тIадчIун хIадурлъулейги йиго гьабсагIат. Аллагьас хъван батани дун гьение йорчIани, Олимпиада лъугIун хадуб цо лъагIалица хIухьбахъи гьабила дица. Гьелдаса хадуб дида ракIалда буго Бичас биччани профессионалияб боксалдеги нух бахъизе. ГьабсагIат гьелъул бицине бокьун гьечIо дие гIатIидго, амма дие гьениб нух хIадуризе рагIи кьурал чагIи руго».

Нижеца гьелда гьикъана боксалда дуе бищунго рекIее гIолеб рахъ кинабилан.

СагIадат ГIабудулаева: «Дица рикIкIуна бокс бугин интеллектуалияб спортивияб тайпалъунилан. Дие гьениб рекIее гIолеб рахъ буго дандиясде дуца кьаби щвезабулаго, цадахъго мунго гьесдаса цIунизе нухал ратизе дуца пикру хIалтIизаби. Гьеб кинабго гьабизе ккола цIакъ хехго, киналалиго секундазда жаниб. Гьеле гьединаб бокс бокьула дие».

ГIадатияб гIумруялда жаниб дуца хIалтIизабизе кканиш боксалда дуего щвараб махщелин гьикъидал гьадин бицана гьелъ.

СагIадат ГIабдулаева: «Боксалъул махщалие дун ругьун гьайизегIан рукIана дир гьединал ахIвал-хIалал, амма боксалъе ругьун гьайизе байбихьаралдаса гьединал ахIвал-хIалазде дун ккечIо. Лъаларо дица сверухъ лъугьунеб бугеб жоялде гьедигIан пикру гьабичIого теялъ ккун батила гьедин. Яги дун цIакъго дирго ишалда гъорлъе йосун йикIиналъ дида халлъичIого ратизе бегьула гьединал бакIал. Амма дун гьединаб ахIвал хIалалде ккани дица узухъда хIалтIизабизе буго диего щвараб махщел, амма цIакъго хIажалъи ккани гурони чиясде квер борхулей гIадай магIна гьечIей гIаданги дун гуро».

Дагъистаналда руччабазул спорт цебетIеялъе чанги ресал ругилан абулеб буго СагIадатица, амма аслияб куцалда эркенаб гугари, бокс гIадал тайпабазде гIолохъаби руссун рукIиналъ, руччаби нахъа хутIун ругила. Мисалалъе тIадагьаб атлетикаялда, теннисалда, гимнастикаялда ва цогидалги спортивиял тайпабазда дагъистаниязул ясал церетIеялъе ресал ругилан абулеб буго.

БатIи-батIиял турниразде инеги щибаб церерахъиналда гIахьаллъиялъеги дуе гIарцудалъун кумек лъицайин гьабулебин гьикъидал гьелъ кIудияб хIурматалда ракIалде щвезавуна Хунзахъ мухъалъул бетIер Юсупов СагIид, гьесул гIадаб кумек жинде лъилниги щвечIин, гьес рагIи кьун бугила хадубккунги кумек гьабизе.

Спортсменка хIисабалда гурей, гIадатияб яшавалда мун кинай гIаданин йигейилан абурабги суал кьуна нижеца гьелъие.

СагIадат ГIабдулаева: «Дицагоги гIемер пикру гьабула гьелъул, спортги рехун тараб, гIадатияб гIумруялде юссун хадуй кинаб пишаялдедай дун юссинайилан. Дие бокьула йогаялъул упражнениял хIалтIизаризе, чIагояб гIумруялда йикIине. Кинан букIаниги спорт рехун тезе дида ракIалда гьечIо, ялъуни кинаб букIаниги спортивияб школалъе нухмалъи гьабизе инаан дун. Боксалдаса эркенаб заманалъ абуни дие бокьула гIагарлъигун цадахъ гьеб заман тIамизе, кинаб бугониги тIагIамаб квен хIадуризе, мугIрузде эхеде тира-сверизе ине. Амма цIакъго дагьаб заман гурони гьелъие щоларо. ЛъагIалида жаниб кIиго моцI гурони хIухьбахъизе дие щоларо, хутIарабщинаб заман уна хIадурлъулей, батIи-батIиял къецазда цееяхъуней».

ГьабсагIат дунялада бищунго машгьурал руччаби боксерал кколин Америкаялъул цолъарал штатаздаса, Голландиялдаса гьединго Япониялдасаян бицана СагIадат ГIабдулаяевалъ. Гьелгун дандчIвазе кватIичIого Польшаялда тIоритIизе ругел боксалъул рахъалъ халкъазда гьоркьосел къецазде хIадурлъулей йиго гьей.

А. Алдашева.  

 

 

Просмотров: 474 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz