Среда, 08.05.2024, 01:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 18 » ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ЖАНИСЕЛ ИШАЗУЛ ОРГАНАЛ Г1УЦ1АРАЛДАСА 94 СОН.
18:04
ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ЖАНИСЕЛ ИШАЗУЛ ОРГАНАЛ Г1УЦ1АРАЛДАСА 94 СОН.

Халкъалъул мурадалги ц1унулаго

Октябралъул революция ккун т1оцересел къояз г1уц1ана Россиялъул милиция.

Россиялдаго г1адин, революция ккун т1оцересел соназ т1обит1ана Дагъистаналдаги такъсирчилъи, шагьараздаги росабалъги рах1ат хвезабулеб бук1ана бикъа-хъамиялъ гъачагълъиялъ. 1920 соналъ ц1акъго зах1матаб х1ал бук1ана Дагъистаналда. Г1олохъанаб республикаялде данде ч1араз жигар бахъулеб бук1ана т1олабго халкъалъул рук1а-рахъин жидерго кверщаликье бачине.

Гьединаб зах1малъиялде ккараб Дагъистаналда бищун цебе ч1араблъун лъугьана гъачагълъиялде, ч1вадарухъабазде, ц1огьазде, ай т1олабго такъсирчилъиялде данде рагъ гьаби.

Гьел масъалаби т1урай мурадалда, 1920 соналъул 28 апрелалда Дагъистаналда г1уц1ана милиция. Гьелъул т1оцевесев нухмалъулевлъун вук1ана Керим Мамедбеков, гьев цадахъго вук1ана республикаялъул рагъулав комиссарлъунги. Гьесдаго цадахъ т1оцебе милиция г1уц1улел рук1ана С. Дударов, Хъ. Хъараев, М. Мамаев, Ю. Аскеров ва А. Мурсалов.

1920-1930 соназ Дагъистаналъул милициялъул наркомлъун вук1ана комбриг Атаев Муслим Х1ажиевич.

Дагъистаналъул милиция г1уц1аралдаса байбихьун нилъер районалъул г1олохъаби х1алт1ана шагьаразда ва бат1и-бат1иял районазда ихтиярал ц1унулезул мухъилъ.

Реццалъе мустах1икълъана 20 лел соназда х1алт1арал Атаев Къурамух1амад, уголовнияб розыскалъул х1алт1ухъан, Мух1амадов Г1али-х1алт1ана Къах1иб районалда участковыйлъун. Исбагьиев Исай-баг1арав партизан х1алт1ана Хунзахъ милициялда, «Рагъулаб баг1араб ц1ва» орден щварав Абухов Г1умар-х1алт1ана Хунзахъ, Гумбет районалда х1алт1арав Бакьагьеч1иса Саг1идов Нух1, «Рагъулаб баг1араб байрахъ» орден босарав Хизроев Хизри, Хунзахъа Х1усейнов Х1ажияв-Хунзахъ милициялъул фельдсвязалъул начальниклъун х1алт1арав, «Рагъулаб баг1араб байрахъ» орден босарав Хунзахъ милициялъул начальникасул заместительлъун х1алт1арав Гьит1инов Мух1у (цара).

Гьезда гьоркьоса Ват1аналде къо ккарал жидеего бокьун чангоял ана К1удияб Ват1анияб рагъде.

К1удияб Ват1анияб рагъдаса хадуб милициялъул мухъилъе журана рагъда лъадарарал анц1-анц1 бах1арзал. Гьезда гьоркьор рук1ана нилъер ракьцоял Муртазаев Мух1амад, Мух1амад Г1алибегов, Гъазимирзоев Гьимат, Халидов Расул ва г1емерал цогидалги.

Гьез бах1арчияб къеркьей гьабуна яргъид г1уц1арал гъачагъазде, дезертиразде ва цогидалги Советияб власталъул жанисел ва къват1исел тушбабазде данде рагъизе. Жиндир заманалда рух1алда барахщич1ого х1алт1ана ва Ват1аналъеги халкъалъеги г1оло рух1 кьуна республикаялъул бат1и-бат1иял жанисел ишазул отделазда, управлениязда х1алт1арал нилъер ракьцояз. Гьезда гьоркьор рук1ана Хунзахъа Мирзоев Ах1мад Ах1мадович, Хасавюрт ва Казбек районалда милициялъул начальниклъун х1алт1арав, Ц1адаса Т1алх1атов Мух1амад Ц1унт1а районалда х1алт1арав, Хьиниса Къурамух1амадов Г1али Къах1иб районалда начальникасул заместительлъун х1алт1арав, Хьиниса Г1умаров Абакар Гьиматович Чачаналъ Ритляб районалда х1алт1арав, Гьамущиса Х1ажимурадов Мах1ач Хунзахъ милициялда участковыйлъун х1алт1арав, К1ахъа Мух1амадов Сахрудин Насрудинович-Болъихъ, Хунзахъ ва МВДялда х1алт1арав, Хунзахъа Ах1мадов Мирза Г1арипович, ОМОН-2ялъул боец, Моч1охъа Унсоколо районалда х1алт1арав Х1ажимух1амадов Мух1амад Х1асанович, Бакьагьеч1иса Насух1ов Мурад Х1ажиевич Унсоколо х1алт1арав, Гъонохъа Сайгидов Мух1амад Гьит1иномух1амадович, Кизляр районалда участковыйлъун х1алт1арав ва гьелгурел цогидалги.

Гьал т1адехун рехсаразда гьоркьосан Пачалихъалъул Советалъул х1укмуялда рекъон лъабгоязул ц1ар кьуна гьел г1урал ва ц1аларал школазе:

Гьамущи-Х1ажимурадов Мах1ач Т1агьировичасул, К1ахъ-Мух1амадов Сахрудин Насрудиновичасул, Хунзахъ к1иабилеб школалъе Ахмедов Мирза Мух1амадг1ариповичасул.

Гьеб зах1матаб къеркьеялъул жидерго т1адаб борч намусалда т1убазабуна ва жакъа къоялде т1убазабулебги буго нилъер районалъул г1олохъабаз бат1и-бат1иял управлениязда ва отделазда.

МВДялъул министрасул заместительлъун х1алт1ана милициялъул полковник Хадисов Х1усейн-Лъаг1илухъа, транспортнияб управлениялъул начальникасул заместительлъун х1алт1ана Г1ахьалч1иса Мух1амадов Мух1амад-милицаялъул полковник, республикаялъул УБЭП ва уголовнияб розыскалъул начальниклъун х1алт1ана Хунзахъа Саг1идов Саг1адула полициялъул полковник, ГАИялъул начальникасул заместительлъун х1алт1ана Шамиль Х1усейнов милициялъул полковник, МВДялъул отделалъул начальниклъун х1алт1ана Хаштихов Мух1амад, полициялъул полковник УБЭПалъул начальникасул заместительлъун х1алт1ана полициялъул полковник Гитинов Х1ажимурад, Кизилюрт районалда полициялъул управлениялъе нухмалъи гьабуна полициялъул полковник Заирбегов Асх1абг1алица ва гь. ц.

Дагъистаналда ва Севернияб Кавказалда х1алуцараб ах1вал-х1ал лъугьараб заманалда нилъер районалъул жанисел ишазул отделалъул х1алт1ухъабаз бихьизабуна къох1еккей ва х1инкъи гьеч1олъи. Рагъулъ г1ахьаллъи гьабуна 35 х1алт1ухъанас. Щуго х1алт1ухъанасе щвана пачалихъалъул шапакъатал. Милиция г1уц1аралдаса 94 сон бай х1исабалдеги босун рак1алде щвезабизе бокьун буго бат1и-бат1ияб заманалъ Хунзахъ жанисел ишазул отделалъе нухмалъи гьабурал гьалмагъзабазул ц1арал:

1943-1944, 1953-1958 ва 1963-1971 соназ Х1амзатов Махсут1 Х1амзатовичас-Ц1ада росу, милициялъул подполковник.

1971-9179 соназ Бакьагьеч1иса Баринов Г1али Г1алиевичас, милициялъул подполковник.

1979-1987 соназ Гумбет районалъул Ингишуса Хайрулаев Мух1амад Хасбулатовичас, милициялъул подполковник.

1987-1996 соназ К1ахъ росулъа Мух1амадов Муслим Насрудиновичас, милициялъул подполковник.

1996-2006 соназ Г1обода росулъа Каримулаев Шамил Нурмух1амадовичас, милициялъул полковник.

2006-2008 соназ Ц1ада росулъа Г1абдулаев Х1асан Ах1мадовичас, милициялъул майор.

2008-2011 соназ Ц1ада росулъа Г1алибегов Мух1амадг1арип Г1алибеговичас, полициялъул полковник.

2011-2014 соназ Ц1ада росулъа Султанов Гъайрбег Г1абдулх1амидовичас, полициялъул майор.

2014 соналдаса районалъул жанисел ишазул отделалъе нухмалъи гьабулеб буго Бакьагьеч1и росулъа Тайгибов Х1ажимурад Абдулманаповичас, полициялъул майор.

Цере милициялда х1алт1арал гьалмагъзабаз байбихьарал ишал цере рачунаго, жакъа Хунзахъ полициялъул х1алт1ухъабаз щибаб къойил х1алт1и гьабулебги буго районалда такъсирлъи дагьлъизабизе. Гьеб х1алт1улъ Аллагьас квербакъи гьабеги гьезие.

Ц1ар ккун рехсезе ва баркала кьезе бокьун буго жидер заманалда халкъалъул парахалъи ц1унулаго цо бут1аялъул х1алт1и гьабурал Хунзахъ милициялда х1алт1арал гьанже х1алхьиялда ругел ветераназе.

Х1ажиев Т1алх1атухайрие, Г1умаров Мух1амадие, Мусаев Мух1амадие, Мух1амадов Муслимие, Батиров Саг1адулагьие, Мух1амадов Мух1амадрасулие, Маламух1амадов Мах1ачие, Казанбиев Зиявудиние, Мух1амадов Х1амзатие, Г1абдулхаликъов Г1абдулхаликъие, Каримулаев Шамилие ва цогидазеги.

Рак1алдаса унаро жакъа нилъеда аск1ор гьеч1ел:

Х1амзатов Махсут1, Хадисов Х1усейн, Баринов Г1али, Г1алиев Х1амид, Махмудов Запир, Т1алх1атов Х1амзат, Г1абдуразакъов Т1алх1ат, Рах1матулаев Саг1аду ва Мух1амад, Мавлиев Х1ажи, Г1алибегов Мух1амад, Мух1амадов Нурмух1амад, Г1абдурах1манов Къурамух1амад, Нурмух1амадов Ах1мад, Юсупов Карим ва гь. ц. Х1ал алжаналъубе ккун батаги гьел рак1бац1ц1адал хъулухъчаг1азулги.

Ахиралдаги бокьун буго районалъул жанисел ишазул х1алт1ухъаби, жидер ц1ик1к1унисеб г1умру халкъалъе хъулухъ гьабулаго арал милициялъул ветераназда баркизе Дагъистаналъул жанисел ишазул органал (милиция) г1уц1аралдаса 94 сон бай. Гьарула киназего сахлъи, халатаб г1умру, х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби. Гьединго баркула киназдаго т1аде щолеб бугеб бергьенлъиялъул къо, 9 май, гьарула нужее роц1араб зобги ракълилаб г1умруги.

Жанисел ишазул органазул ветеран Х1. Г1абдулаев.     





 

Просмотров: 534 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz