2016 абилеб хунздерие байбихьана пашманаб хабаралдасан. Т1оцебесеб январалъул сардида нилъедаса ят1алъана Фазу. Нилъее-нилъер Фазу. Г1аламалъего-Дагъистаналъул Халкъияй поэт, 68 бат1ияб мац1алде таржама гьабураб 80 т1ехьалъул автор, Шималияб Кавказалда руччабазда гьоркьоб г1иц1го цо жиндие т1адег1анаб пачалихъияб шапакъат-Андрей Первозваниясул орден щварай жамг1ияй, пачалихъияй х1аракатч1ужу, «Маг1арулай» журналалъул хиси гьеч1ей редактор, Дагъистаналъул руччабазул советалъул председатель... Фазу Г1алиевалъул шапакъатазулгун бергьенлъабазул сиях1 ц1акъго халатаб буго. Гьелде г1адамазул бербалагьиги бук1ана ц1акъго бат1и-бат1ияб: цоязе гьей рух1лъун йокьулаан, цойгидаз наг1ана кьолаан, лъабабилез гьелъулъ жах1да гьабулаан. Амма якъинаб х1ужжа-гьей г1адатай маг1арулай поэзиялъул бищунго борхатаб мег1ералде яхана г1иц1го жиндирго т1ок1борч1араб гьунаралдалъун, свак гьеч1еб зах1маталдалъун ва рагьараб рак1алдалъун. Кинго лъугьинч1о дир халкъиялъулгун дандч1вай. Йохуца холаго районалъул СМИязе гьелъ рикьулел гара-ч1вариязде рит1улаан х1алт1ухъаби. Рак1алде кколаан, дун жеги творческияб рахъалъ ц1убан гьеч1ин гьедиг1ан к1удияй шаг1иргун гара-ч1вариялъеян. Кинаб х1икмалъиха дир бук1араб, 2014 соналъ телефоналъ гьелъухъе ах1идал, г1ажаибго г1адатай, рак1 рагьарай Фазулгун телефоналъцин нижер гьуинаб хабар халалъидал. Ц1алана шаг1иралъ дие жиндирго кеч1ги. «Т1огьода босараб хундерил т1алъи, т1ок1аб бихьиладай-бихьилародай?»-ан г1ащикъго гьелъ ц1алараб мохъалда ниж к1ияйго цадахъ г1одун ана. Дица х1аракат бахъулеб бук1ана Фазу Х1амзатовналъул рак1 батизабизе, жеги г1емер соназ рихьилин дуда гинчадерил т1огьол майданги дудаса ч1ух1арал хунзгиян гьей йохизайизе... Цинги шаг1иралъ дун жиндихъего гьоболлъухъ ах1ана. Гъира бук1ана додиг1ан берцинго шиг1рабазулъ Г1алиевалъ к1одо гьабураб хундерил т1алъиялдаса т1огьол гулгун Фазухъе щвезе... Амма Аллагьасул къадар лъидаго нахъч1вазе к1оларо. Аллагь гурх1аги гьелдаги, хадур гъезе ругел нилъедаги. Инна лиллагьи ва ина иллайгьи раджиун.
Ф. Мух1амадова.
|