Гьаб векалъул тарих хадуб магIарухъ
Хунзахъги ЦIадабги цIалулеб мехалъ;
Дир цIар киб букIинеб: чIваралъ, хваралъищ,
Я хабар лъачIого тIагIаразулъищ?
ЧIваразулъги гуро, хваралъги гуро,
Я хабар лъачIого тIагIаралъ гуро.
Ханжарги тIагъурги магIидаги бан,
Мун бихьула даим чIаго, Дагъистан.
Расул Хlамзатов.
Санайилгlадин исанаги дунялалдаго кlодо гьабуна кlудияв шагlир Расул Хlамзатов гьавураб къо. Гьелда хурхун Дагъистаналда тlобитlана иргадулаб “Хъахlал къункърабазул фестиваль”. Гьелда гlахьаллъи гьабизе республикаялде рачlун рукlана тlолабго улкаялдасаго 40 гlан хъвадарухъабиги поэталги. Кидагогlадин байрам байбихьана шагlирасул хабаде зияратги гьабун, гьенир тlугьдул лъеялдасан. Гьелдаса хадуб регионалъул Хlукуматалъул председатель Гlабдулмуслим Гlабдулмуслимов дандчlвана республикаялде рачlарал шагlирзабазулгун хъвадарухъабазул гlатlидаб къокъагун. Гьезул цо бутlа щвана поэтасул Ватlаналде - Хунзахъ районалдеги. Гьезда гъорлъ рукlана Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Николай Иванов, МГУялъул ва МГИКалъул журналистикаялъул кафедраялъул профессор, поэт ва фольклорист Александр Бобров, поэт, прозаик, миллиял адабиятазул Советалъул председатель, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мухlамад Ахlмадов ва цогидалги. Рузманалдаса хадуб тадбиралда гlахьаллъи гьабизе рачlарал гьалбазда дандчlвай гьабуна районалъул тlалъиялъ.
Хадуб киназго цадахъ сапар бухьана шагlирасул Ватlан-Цlада росулъе. Гьениб памятникалда цере тlугьдулги лъун, щвана шагlирасул рукъ-музеялде ва поэзиялъул рокъоре. Гьелъул азбаралда гьалбадерие бихьизабуна театралъулаб этюдги. Гlуцlана районалъул гlолилал поэтазулгун хъвадарухъабазулгун дандчlвайги.
Гьелдаса хадуб жиндирго баркиялъулаб кlалъаялдалъун тадбиралъул официалияб бутlа рагьана районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас. “Жакъа дун цlакъ вохарав вуго 36 аб. “Хъахlал къункърабазул къоял” Халкъазда гьоркьосеб литературияб фестивалалда гlахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Нилъеда лъала гьеб фестивалалъ жиндирго байбихьи 1986 соналдаго лъураблъи. Гьеб байрам тасдикъ гьабун букlана живго Расул Хlамзатовас рагъда хварал ракlалде щвезариялъул мурадалда. Амма хадубккун гьеб лъугьана поэзиялъул ва рухlияб байрамлъун. Къисматалъ цоязе рес кьуна шагlирасул ракьцояллъун рижун ратизе, цогиязе рес щвана гьесулгун лъикlаб лъай-хъваялда рукlине. Ракlалде ккола нилъер щибав кутакалда вохарав вугин гьелдасаян. Поэтасул юбилейги сабабалъе ккун Дагъистаналда ва Хунзахъ районалда гlумруялде рахъинарулел руго нилъер гlагараб росу-ракь цебетlеялде руссарал кlудияб къадар социалиялгун экономикиял проектазул. Жакъа Расул нилъгун гьечlониги, гьев чlаго вуго нилъер ракlазулъ, гьесул цlвабзазда хъвараб цlаралъ гвангъизабун буго нилъер сверухълъи. Цо иш буго кучlдул гьари, цоги жо буго магlаруласул Конституция хlадури ва гьелда рекъон гlумру тlами. Расул кидаго гьелдаса кьуричlо ва киналго гьелде ахlулел рукlана. Ракlчlун абизе кlола нилъер жакъасеб ва хадусел гlелазе, батlи-батlиял миллатазул гlадамазе Расулил рагlи моралиябгунрухlияб рахъалде ахlулеб нухлъун ва гьесул цlар Дагъистаналъулго символлъун хутlизе бугилан. Гьесул ракълидеги, лъикlлъиялдеги, рокьиялдеги ахlарал асарал цlидасан чlаголъизе руго нилъер ракlазулъ”, - ян абуна гьес.
ДРялъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель, Халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас жиндирго кIалъаялда бихьизабуна Хунзахъ, Дагъистаналда, Россиялда тIад гьал къояз тIавап гьабулел ругел «ХъахIал къункърабаз», Расул чIаго вугеб мехалъгогIадин, цолъизарунин кIудияб улкаялъул миллаталги халкъалгиян. ТIадеялъул букIинисеб 100-сонилаб юбилеялъе байбихьи лъолеблъун, жавабчилъи цIикIкIараблъун бугин исанисеб фестивалиланги абуна гьес.
Кlалъаял гьаруна тlаде рачlарал гьалбадерицаги. Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Н. Ивановас жиндирго кIалъаялда гьадин абуна:
«Расулица жиндирго поэзиялда кидаго ахIана эбелалде, рижараб ватIаналде рокьи цIунараллъун, кIудиязул адаб-хъатир ккураллъун, нилъерго цебесеб тарих лъалеллъун рукIине. Жакъасеб, ццим цебе ккураб, гьудуллъи-вацлъи нахъе цураб заманалда, кидагоялдаса цIакъ хIажат руго шагIирасул асарал».
Официалияб бутIаялдаса хадуб районалъул культураялъул хIаракатчагIаз ва тIаде бачIараб гIурус кочIол «Волна» ансамблялъ кьуна концертги.
И. МУХIАМАДОВ
|