Среда, 08.05.2024, 02:17 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 23 » Ч1УХ1УЛА РОСУЦОЯСДАСА.
23:19
Ч1УХ1УЛА РОСУЦОЯСДАСА.

Районалъул спорталъул г1умруялда жаниб бихьулеб бут1а лъуна эркенаб гугариялъул мастер Хунзахъ росулъа Зайирбег Г1аммаевас. Гугариялъул гьесул бук1араб махщелалъул ва бергьенлъабазул лъала районалъул ва республикаялъул спорт бокьулезда. Гьит1инго бижана Зайирбегилъ гугариялде рокьи. Гугариялде гьев ругьун гьавиялъе ва махщел камил гьабиялъе т1оцебе квербакъи гьабурав чи ккола Дибир Дарбищев.

Росулъ г1агараб школалда 7 классги лъуг1изабун, 1961 соналъ Зайирбег ц1ализе лъугьана Мах1ачхъалаялъул механическияб техникумалде. Гьеб заманалда байбихьана гьес унго-унгояб къаг1идаялда гугариялде к1вар кьезе. Хьвадана «Динамо» обществалъул г1исинал гугарухъабазул группаялде. Гьебго соналъ г1ахьаллъана Орджоникидзе шагьаралда т1орит1арал гугариялъул къецазда. Гьениб щвана к1иабилеб бак1.

Гугариялде Зайирбегил бугеб рокьиги хехго камиллъулеб бугеб махщелги х1исабалде босун, «Динамо» обществалъул тренераз байбихьана гьесде ц1ик1к1ун к1вар кьезе. 1963 соналда Тбилиси шагьаралда т1орит1арал гугариялъул къецазда Зайирбегие щвана лъабабилеб бак1. Гьебго соналъ Мах1ачхъалаялда т1орит1арал г1олохъанал гугарухъабазул къецазда гьев мустах1икълъана республикаялъул чемпионасул ц1аралъе. СССРалъул мустах1икъав тренер А. А. Карапетянида бихьула Зайирбегил т1адагьаб х1инкъи гьеч1еб, лебалаб махщалилаб гугари ва гьев вачуна «Динамо» обществалъул гугарухъабазул т1оцебесеб командаялде гъорлъе.

1965 соналъ Зайирбегил лъуг1ана техникум ва нахъисеб соналъ ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталде. Гьеб соналъ «Баг1араб Байрахъ» газеталъул призалъе г1оло Хьаргаби т1орит1арал къецазда Зайирбегие щвана т1оцебесеб бак1. 1967 соналъ Орджоникидзе шагьаралда т1орит1арал «Буревестник» обществалъул къецазда нилъер гугарухъан вахъана чемпионлъун ва гьесие ихтияр щвана СССРалъул г1олохъанал гугарухъабазда гьоркьор т1орит1улел ч1ах1иял къецазда Зайирбегие щвана лъабабилеб бак1 ва мустах1икълъана спорталъул мастерасул ц1аралъе. Гьеб бук1ана гьесул рак1алдаса унареб к1удияб рохел.

1968 соналъ союзалъул къецал рикьун рук1ана ункъго бат1ияб зонаялде: Ереваналда, Алма-Атаялда, Ригаялда ва Красноярскиялда. Нилъер гугарухъабаз г1ахьаллъи гьабуна Ереван шагьаралда т1орит1арал зоналиял къецазда. Гьел къецазда машгьурал гугарухъабазда т1ад бергьенлъиги босун, Зайирбег вахъана чемпионлъун гьелдаго цадахъ ихтиярги щвана СССРалъул эркенаб гугариялъул чемпионаталда г1ахьаллъи гьабизе. Гьебго соналъ Зайирбег ах1ула Дагъистаналъул ц1ар раг1арал гугарухъабазул т1оцебесеб командаялде. Гьеб заманаялъ командаялда рук1ана З. Г1абдулабеков, А. Алахвердиев, вацал Насрулаевал, Г. Х1ажиев, Г1абдулмуслимов ва цогидалги.

Ленинград шагьаралда т1обит1араб СССРалъул чемпионаталда нилъер гугарухъанасе щвана анлъабилеб бак1. 1969 соналъ т1орит1арал СССРалъул студентазул къецазда Зайирбегие щвана к1иабилеб бак1. Бит1 ккеч1о гьел къецазда гьесие, мах1алзул щурунги борч1ун рах1ат хвезе гьабуна. Бищунго гугарухъанасул махщел ва гьунар камиллъараб заманалда, медицинаялъул специалистаз гьукъана хадубккун гьеб бокьулеб иш гьабизе.

Университетги лъуг1изабун Зайирбег х1алт1улев вук1ана Мах1ачхъалаялда рахьдал заводалъул директорлъун.

Гьес гьанжеги г1олилазе гьарула спорталъул малъа-хъваял, вуго гьединго г1олилазул лъик1ав насих1атчилъунги. Жакъа къоялда Зайирбег вуго х1алхьиялда лъималазул лъималазда аск1ов. Гьарула Зайирбегие щулияб сахлъи гьабулеб данде билъаги баракат лъеги.  






 

Просмотров: 594 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz