Пятница, 26.04.2024, 17:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 8 » Ч1ЕЗЕ ЗАМАН ГЬЕЧ1О.
16:29
Ч1ЕЗЕ ЗАМАН ГЬЕЧ1О.

Ихдалго г1адин, ч1езе заман гьеч1еб х1алуцараб мех бук1уна хасалихълъиялъул моц1ал хур-хералда х1алт1улезе. Г1азу балалде х1адурун, рокъобе баччун бахъинабизе ккола боц1и-панзалъе хаселалъе г1ураб раг1и-хер, рекьун рахъинаризе ккола хасалихъе х1алухъаби.

Районалъул маг1ишатазда хасалоде раг1и-хер х1адур гьабиялъулги хасалихъе рекьи гьабиялъулги х1алт1аби иналъул бицеян дица бухьен ккуна районалъул росдал маг1ишаталъул отделалъул хур-хералъул рахъалъ аслияв специалист Гванзилаев Шамилилгун. Кида ах1аниги Шамил ватула хурив ялъуни магъилъ х1алт1улев. Гьанжесаги хурив ц1оросаролъ бак1арулев вугилан бицана Шамилица.

Районалъул маг1ишатазда хасалоде раг1и-хнр х1адур гьабун раг1алде бахъулеб буго. Районалъул маг1ишатазда жакъа къоялде х1адурун буго 42100 тонна харил, 1300 сенажалъул, 600 тонна соломадул. Г1и-боц1уда ургъел гьеч1ого хасел т1амизабизелъун ц1ик1к1ун х1аракат бахъун х1алт1ана цо-цо маг1ишатал. Бекьеч1дерил Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб маг1ишаталъ х1адур гьабун буго 2200 тонна харил, 600 тонна сенажалъул, 146 тонна фуражалъул ва 50 тонна соломадул. Гьац1алухъ  хасалоялде нахъе лъун буго 1800 тонна харил. Бекьун бук1араб пиринч1ул лъик1аб бач1ин щолеб буго гьезие – гьедин 1 гаялдаса гьез бак1арулеб буго 47 центнер пиринч1ул. Г1и-боц1уда хасел т1амизабиялда ургъел гьеч1еб х1алалъ х1адурлъи гьабун буго Х1арисезул «Баг1арав партизаналъги». Г1архъазде буссинабун буго 1400 тонна харил, данде гьабун буго 176 тонна фуражалъул ва 60 тонна соломадул. Раг1и-хералъул лъик1аб нахърателалъ г1орц1адго т1амила хасел Хунздерил Хизроевасул ц1аралда бугеб маг1ишаталъул г1и-боц1уцаги. 1400 тонна харил, 700 тонна сенажалъул, 300 тонна фуражалъул, 50 тонна соломадул х1адур гьабиялъ бицунеб буго колхозчаг1и гъеж гурун х1алт1ун рук1иналъул. Гьединго 50 гаялдаса бахчадулал культураби (1 гаялдаса 30 центнер бахъана) ва 30 гаялдаса пиринч1 (1 гаялдаса 50 центнер) бак1арана гьез. Хасалоде раг1и-хер х1адур гьабиялъулъ лъик1ал х1асилал рихьизаруна т1анусдерил хъутанчаг1азги. «Машгьурал г1адамал» маг1ишаталъул колхозчаг1аз кьерхиналде нахъе лъун буго 1200 тонна харил ва 170 тонна фуражалъул.

Гьал къояз бабайбихьана маг1ишатазул  ракьазда хасалихъе рекьи гьабизе. Хасалихъе культураби рекьизе рак1алда буго  кинабниги 2700 гаялда, гьелда гьоркьоса 900 гаялда бекьизе буго пурч1ина, хут1араб ракьалда – ролъ. Жакъа къоялде (5 октябралде) бегун буго 1800 га ракьул, бегизе хут1ун буго 900 га. Районалъул киналго маг1ишатазда т1ад ран  унел  руго рекьиялъул х1алт1аби. Гьабсаг1атлда жаниб районалда бекьун буго 30 процент ракьул. Кинабниги бекьун буго 600 гектар ракьул: 430 гектаралда бекьун пурч1ина, 170 гектаралда – ролъ. Жакъа къоялде 120 гектаралда пурч1ина бекьана «Баг1арав партизан»  СПКялъ, 120 гектаралда ролъ бекьана Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб маг1ишаталъги. Щибаб нус-нус гектаралда рекьи  гьабун буго Гьац1алухъ (ролъ бекьана)  ва «Машгьурал г1адамал» ( пурчина бекьана)  СПКязги. Гьал руго хаслихъе рекьиялъул т1оцересел х1асилал, узухъда къойидаса-къойиде гьел ц1ик1к1ине руго. Хаслихъе  культураби рекьун лъуг1изе ккола 20-25 октябралде.

Чанго соналъ т1ат1алаго хур-хералъул х1алт1аби гьарулел гьеч1о Г1орот1а ва Моч1охъ СПКаялда. Г1арадерил боц1и-панзги гьеч1о, г1адада ч1унтизе тун буго гьез лъик1аб ракь. 510 га ракьул бугеб маг1ишаталъ исана г1иц1го 15 гаялда бекьун бук1ана пиринч1. Мач1хъадерил СПКаялда ц1ияв нухмалъулев тун вуго. К1удияб хьул буго гьес х1алт1и гьабун, СПК ч1аго гьабилин.

Маг1ишатазул ч1ах1иял ракьазда х1алт1аби гьарулелъул, чара гьеч1ого къвариг1уна техника. Гьеб рахъалъ кинаб х1ал бугеб районалда, бугищ СПКязда техника, ян гьикъана дица Шамилида.

Ункъго соналъ цебе лизингалдалъун ч1ах1иял СПКаяз жидеего х1ажатаб техника босун бук1анилан бицана Шамилица. 80 процент х1алт1изабулеб техника- тракторал, комбайнал, косилкаби ва гь.ц. руго маг1ишатазул. Г1исинал СПКязда гьеб техника босизе к1ун бук1инч1о. Техникаялъе х1ажатал запчастал, ц1атари хиралъун бук1аниги гьелъулги г1унгут1и гьеч1о. Хасалихъе рекьи гьабулаго бищун к1удияб квал-квал гьабулеб буго хьонал г1унгут1иялъ. Дагъистаналда хьонал г1езарулеб бак1 гьеч1о. Гьединлъидал лъик1ал элитниял хьонал Ставрополалдаса ва Краснодаралдаса росизе ккола маг1ишатаз.

Гьедин бажарухъе х1алт1улел руго районалъул г1емерисел маг1ишатал. Хаслихълъиялъул хинал къоял г1адада риччач1ого х1алт1изе къуватги, сахлъиги, тавпикъги кьеги колхозчаг1азе. Бекьараб ц1ун бач1аги!

Ц1ех-рех гьабуна П. Гунашевалъ

 

 

 

 

 

 

 

 

Просмотров: 459 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz