Суббота, 27.04.2024, 20:03 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Октябрь » 3 » ЦЕБЕТ1ЕЯЛДЕ ГАЛАБИ.
20:32
ЦЕБЕТ1ЕЯЛДЕ ГАЛАБИ.

Хунзахъ район кибего лъала росдал маг1ишат цебе т1езабиялъулъ ч1ах1иял бергьенлъаби росарал зах1матчаг1азул багьадурал ишаздалъун. Районалъул экономикаялъул гьеб бут1аялда бугеб жакъасеб х1акъикъаталъул бицунеб буго «Дагестанская правда» газеталъул мухбирасулгун районалъул бет1ер С. Юсуповасул бук1араб гара-ч1вариялда.

- Саг1ид Камилевич, республикаялъул бет1ерасул «Рахъи бугеб АПК» проекталъул х1акъалъулъ  дур пикру. Бугищ гьелдаса районалъе кумек?

- Цебехун чанц1улго бихьизабухъе гьеб проекталъул к1удияб к1вар буго Дагъистаналъул росдал маг1ишат  цебет1еялъе. Гьанжеялдаса 100-100 соназ цебеги, хадуб ккунги росдал маг1ишат  бук1ана ва буго республикаялъул экономикаялъул аслияб бут1алъун. Халкъ кванил ниг1матаздалъун хьезаби г1адаб  ц1ик1к1араб к1варалъул масъала т1убазабиялда цадахъго гьеб гурищ г1адамазе  х1алт1ул бак1алги, налогалги? Мисаллъун ккола Республикаялъул бет1ерас гьеб рахъалде кьолеб к1вар ц1ик1к1араб бук1ун церет1еялъулъ бищун цересезулъ АПК рик1к1араб.

- Проект г1умруялде бахъинабиялъулъ ругищ х1асилал, рази гьарулищгьез?

- Абиларо цох1о лъаг1алида жаниб нижеда ц1акъго  ч1ах1иял масъалаби т1уразе к1ванилан. Амма х1асилго ккеч1огоги хут1ич1о. Масала, дагьаб цебе х1исабалде босун чанго сонал г1еч1ендерил Тельманил ц1аралда бугеб колхозалъул хъутаналда рагьана рахьдал ниг1матал гьарулеб цех. Гьениб гьаризе руго бат1и-бат1иял сортазул  х1ан, нису, гъаймахъ г1адамаз г1емер пайда босулел. Исана к1албичан къоялда цебе районалда т1обит1араб росдал маг1ишаталъул ниг1матазул ярмаркаялдаги гьезде бук1ана  г1адамазул ц1ик1к1араб т1алаб. Цоги мисал – «ДагАгроИталия» фирмаялъ  ц1игьулдерил хъутаналда х1албихьана ражи бекьизе, гьелъулги байбихьи квешаб гьеч1о, бак1алда нилъецаго г1езабураб гьеб республикаялъул базарал ц1ун  бугеб китаялъул ражиялдаса лъик1аб батаниги, квешаб гьеч1о. Цоги мисал: Араб соналъ  Гьац1алухъаги  Сивухъаги к1иго фермер мустах1икълъана цо-цоясе 5-5 миллион гъурущалъул гранталъе.  Г1арац кодобе щун хадуб гьез раг1и кьуна лъаг1елгун бащадаялда жаниб фермабиги ран гьениб боц1и хьихьизе. Мук1урлъизе ккола дунго бак1алде щун хал гьабидал к1иязго г1арац бихьизабураб мурадалъе х1алт1изабулеб бук1иналъе. Гьезул гьарулел  бак1ал раялъул х1алт1аби 85-90 проценталъ раг1алде рахъун руго. Фермабазда ц1ик1к1унисеб кверзул зах1мат  механизмабаз хисун буго, гьединлъидал божарав вуго г1олилал гьел фермабазда гъираялда х1алт1изе рук1иналда.

- Т1адехун  бицараб г1емерисеб г1одоблъиялда-хъутабазда гьарурал  х1алт1аби кколел руго. Кин бугебиш  маг1арухъ? Дагьаб цебе бихьана Коло-Хьиндахъ г1уц1араб  фермерлъиялъул маг1ишат.

- У. Буго гьединаб ферма  маг1арухъги бак1алъулал г1адамаз жидерго г1арац лъуна гьеб ишалъулъ. Мук1урлъизе ккола, киназдаго гуро  гьединаб гали т1амизе к1олеб, 20-30 ч1ег1ер х1айванги азарго г1анасеб г1иги хьихьулел хъизамал районалда г1езаг1анго ругониги районалъул росдал маг1ишаталъул управлениялъ хъаравуллъи гьабула гьединал маг1ишатазул ах1вал-х1алалда хадуб.  Маг1арухъги буго чанго маг1ишат цо-цо миллион гъурущалъул грантал щварал.

Ахихъанлъи басани, къанаг1атаздаги к1олеб гьеч1о гьелда гъорлъе лъугьине. Советазул заманалдайин абуни гьоц1дерилги,херехьдерилги консервал гьарулел заводазул х1аракаталдалъун цебе т1ун бук1анин ахихъанлъиян абизе бегьула. Гьел заводал ч1ч1аралдаса нахъ бекана ахихъанлъиги. Дагь-дагьккун рехун тана лъалъади, к1уриялде г1унт1унги гъут1бузе гьабулеб хъулухъ – х1асил  г1адада  хвана г1емерисел  ахал. Кин бугониги ахихъанлъи  ц1игьабилин абураб пикру нижеца рехун тун гьеч1о, 2015 соналъ ц1иял ахал ч1еялъе х1адурараб планги буго. Рак1алде ккола гьелъие квербакъи «Рахъи бугеб АПК» проекталъулги щвелилан.

Интенсивиялин гьанже раккарал ахал нижер гьава-бакъалъул шарт1азде данде кколаро. Хунзахъ т1алъиялда г1адатиял ахалгицин къанаг1ат гурого рек1унаро, ц1акъго ц1орой х1ехьолел цо-цо г1ечул сортал гурони. К1удияб хьулгун балагьун руго районалде рач1унеб К1ахъ-Бакьагьеч1и нухул раг1ал ккун ругел ахал  ц1и гьаризе  рак1алда  бугел церехъабазул х1асилазухъ.  К1ахъ гьелде байбихьи лъун буго, бекьеч1ин абуни гьанжего-гьанже х1адурлъулел  руго. Маг1арухъги г1одоблъиялдаги специалистазул кумекалдалъун рат1а гьаризе руго ахазе ярагьунел ракьул участкаби. Хъутабаздаги Харахьи, Гьоц1алъ участкабазул росабалъги гьеб бажарунгут1и бук1ине гьеч1о.

-  Г1ат1идал авлахъал г1адал, хурзал ругоХунзахъ т1алъиялъул росабазда сверухъ. Рега-рекьиялъул бокьарал х1алт1абазе техникаялдаса пайда босизе рес буго. Гьанибин абуни гьел рецунги цин гьеч1о…

- Божа, нижер г1адамал ц1акъ мух1канал руго. Пайда кколеб ракьул  гьит1инаб кесек бекьич1ого толаро. Могьолал культураби росани, маг1арухъ гектаралдаса гьезул 10  центнер цин щолеб гьеч1о,хъутаналъул лъалъалеб ракьалда – 20 центнер, Ставрополалда дагьабги ц1ик1к1ун. Исанайин абуни х1исабалде босизе ккола ихдал ц1оронги, хадуб горо-ц1ералъги, х1ал ккун рарал ц1адазги ах-хур хвезабураблъи. Гьединлъидалин 2014  соналъул хурул бач1ин маг1арухъ г1иц1го  бакъвараб хер-ч1ах1  кколеб буго.

 Ж.Жамбулаев.

Просмотров: 578 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz