Четверг, 02.05.2024, 03:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Декабрь » 7 » ЦЕБЕ ГЬАНЖЕ Г1АДИН Г1АРАЦ ХИРИЯБ БУК1ИНЧ1О.
10:35
ЦЕБЕ ГЬАНЖЕ Г1АДИН Г1АРАЦ ХИРИЯБ БУК1ИНЧ1О.

Вихьилалде цеве лъана дида Харахьиса врач Маликов Г1аливагьаб Басирович. Лъана гьоц1дерица г1емер бицунеб раг1ун. Бицунеб бук1ана адаб-х1урматгун, рецц-бакъгун. Веццулев вук1ана лъик1ав, унтарасда гурх1ел-рах1му вугев, лъай бугев врач х1исабалдаги г1амал-хасият берцинав, хьвада-ч1вадизе лъалев г1олохъанчи х1исабалдаги. Чанц1улго Гьоц1алъ данделъун, г1одорч1ун дидаги лъана гьев лъик1аб рахъалъан.

Г1аливагьаб к1одо гьавун, гьоц1дерил жамаг1аталъ гьесие кьуна «Почетный гражданин Гоцатля» абураб х1урматияб ц1ар. Доб мехалъ дун вук1ана укол гьабун унтизабулев чи вугин гьит1инго бижараб асаралдаса врачасул х1акъалъулъ т1ок1аб бат1ияб бич1ч1и чорхолъ гьеч1ев, бет1ер унтарабг1ан жо лъаларев, базалияв г1олохъанчи. Гьединавго вук1ана Г1аливагьабги (Ниж цого г1елалъул г1адамал ккола.) Долдаса цо гьит1инаб ралъад ц1езе г1олеб лъим ана Буц1улдерил лъараца Каспиялде босун. Гьоркьо-гьоркьор дандч1валаан, кверал росун, салам кьолаан, т1аса бихьизабураб хабар бицун, рат1алъулаан. Дагьал церег1ан къояз Г1арани больницаялда дандч1вана ниж. Рак1алде щвезаруна г1олохъанаб, аваданаб заман, Гьоц1алъ рук1арал кополал дандч1ваял, жакъасеб къоялъул къваридал саринал, рак1алдаго гьеч1ого хисарал нижго.

Нилъер х1акъалъулъ къиса байбихьула ч1ах1иязул г1умруялде лъугьаралдаса, ай школа таралдаса. Школа Г1аливагьабица лъуг1изабун буго лъик1ал къиматаздалъун. Лъилниги малъа-хъваялдалъун гуреб, рак1алъ ах1ун ц1ализе лъугьун вуго Дагъистаналъул мединституталде. Ришват кьолила, кьуралги рихьич1ила, лъач1ила. Босулебги кьолебги бук1ун батилила, КГБялъ цо преподаватель жанив лъунилан бицен бук1анила. Ц1алулъ проблемаби рук1инч1ила. Институт лъик1 лъуг1анила, красный диплом щвеч1ила, гьелде г1агарлъараб бук1анила. Х1алт1изе вит1ана Ч1охъ участкаялъулаб больницаялде бет1ерав врачлъун, хадув х1алт1ана Ц1умада районалъул больницаялда. Гьоц1алъ ва Харахьи участкабазулаб больницабазул бет1ерав ва мухъилав врачлъун. Кив х1алт1ун вугониги лъайги махщелги бугев, жинде божаразул сахлъи ц1унизе к1вах1-свак гьеч1ого х1алт1улев врачлъунги чилъи ц1унарав маг1арулавлъунги вук1ана Г1аливагьаб. Г1адада гуро Гьоц1алъ росдал жамаг1аталъ гьесие «Почетный гражданин села Гоцатль» абураб х1урматияб ц1ар кьураб. Унтаразухъа дуца г1арац т1алаб гьабулареб бук1ин дида лъала, кьезе, чвантиниб къазабизе къасдал гьарулелниги рук1унароанищан кьураб суалалъе щвана гьадинаб жаваб: Гьанжег1адин ц1акъго гъурщал хириял г1адамал гуро, Г1иса, цере рук1арал. Г1арцухъ чилъиги, намус-ях1ги бичулел г1емер рук1инч1о. Больницаялдаса сахлъун нахъе унес гьит1инабго квана-гьекъей г1уц1улаан, ялъуни врачасе, баркала кьун, унаан. Дидаго г1арац кьезе къасд гьабулел г1адамал данде ч1вач1о.

-Зах1матаб х1алт1и бугин тохтурлъиян абулеб раг1ана. Дуцаго щибилан абилеб, Г1аливагьаб?

-Зах1маталъул г1умруялъул г1ага-шагарго лъабил бут1а чиясул х1алт1уда нахъа уна. Бокьулеб х1алт1уде ккей к1удияб талих1 буго чиясул. Бокьулеб х1алт1уде чи гъираялда хьвадула, х1алт1уда ч1алг1унаро, свакаларо. Дирги талих1 буго бокьулеб х1алт1уде ккей. Врачасул х1алт1ул къойил норма бук1унаро. Кумек гьарун вач1арав бокьараб заманаялъ къадги къасиги, бокьараб бак1алда-больницаялдаги, рокъовги къабул гьавула врачас. Жиндир х1алт1ул къо лъуг1анилан унтарасе кумек гьабизе врачас инкар гьабилищха.

Сардилъ рокъоре рач1ун, чан вахъине кколев врач кьижаралъуса? Гьеб дица зах1малъилъун рик1к1инч1о ва гьанжеги рик1к1унаро. Гьанжеги дагьал гурелъул къасиги къадги рокъоре рач1унел.

Х1алт1уе зах1матал шарт1ал дандч1вана Ц1умада х1алт1улаго. Хасалоги риидаги чода рек1унги г1емерисеб лъелгоги ине кколев вук1ана Ц1умадисезул муг1руздасанги кьурабалъанги рахъарал ч1едерал сухъмахъаздасан. Цо сордоялъ хехаб кумекан ах1и бач1ун унаго, чугун цадахъ Сасикьезул лъаралъе вортун ана. Цо колот1а унтаралъе операция гьабулаго, лъуг1ана ругъун букъулеб кун. Спирталъ чурараб квасул кунаца букъизе ккана ругъун, бат1ияб кун-квар колот1а бук1инч1ого. Цох1о дунго гурого врач гьеч1ого х1алт1изе ккана дун Харахьи участкаялъулаб больницаялда. Т1олабго Харахьи участкаялъул росабазеги т1аде лъабго Гьарадерихъ росдалги, Г1оч1ло, Моч1охъ росабазул г1адамазеги медицинаялъулаб хъулухъ гьабулеб бук1ана цох1о дицаго. Гьедин бук1аниги бокьулеб х1алт1уда вук1иналъги батила, г1олохъанго вук1иналъги батизе бегьула, к1вах1-свак лъалароан, х1алт1и ч1алг1унароан.

-Цебегоялдаса дуда Харахьи мухъалъул г1адамаз «Рентгенан» ц1ар лъун бугин раг1ана. Гьелъул маг1на щиб?

Гьоркьохъел г1асрабазул ц1ар раг1арав г1алимчи-тохтур Ибн Синаца бидул давление борцунеб бук1ана килщаз пульсалдалъун. Къоабилеб г1асруялъул ахиралде щвезег1анги унтуда ц1ар лъезе (диагноз лъазе) врачасе кумекалъе бук1ана г1иц1го фонедоскопги тонометрги. Гьанже г1адинан УЗИги, томографалги, флюорографалги рентген-аппаратгицин бук1инч1еб мехалъ, врачас унти ч1езабулаан мац1алъ, беразухъ, черхалъул цогидал лугбухъ, гьезул хиса-басиязухъ балагьун, унтарасулгун гара-ч1вариялдалъун, ц1ех-рехалдалъун. Х1албихьиялда цадахъ бач1унаан диагноз лъезе махщел-гьунарги. Гьанжеги диагностикиял аппаратазул бихьизабиялги дирго х1албихьиялдасан щвараб лъайги х1алт1изабун лъола дица унтуе диагноз.

Г1. Г1исаев.      

Просмотров: 556 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz