Арал г1одор къояз Ц1ада росулъ т1обит1ана мунагьалчураяв Х1ажи Къурамух1амадов рак1алде щвезавиялъул республикаялъул волейболалъул рахъалъ турнир.
Турниралда г1ахьаллъи гьабуна Гъуниб, Шамил, Болъихъ, Хунзахъ, Ц1умада ва Гумбет районалдаса командабаз. Т1оцебесеб къоялъул х1асилазда рекъон финалалде рорч1ана Гъуниб, Шамил, Хунзахъ,Болъихъ районазул командаби.
Лъабабилеб бак1алъе г1оло х1ана Шамил ва Болъихъ районазул командаби, бергьенлъи щвана Шамил районалъул командаялъе. Х1алуцарал къецаздаса хадуб 3-1 х1асилгун бергьана Хунзахърайоналъул команда, к1иабилеб бак1 щвана Гъуниб районалъул командаялъе. Турнир лъуг1игун бергьаразеги призеразеги кьуна кубок, дипломал, медалал ва 90, 70, 50, 15 азарго гъурущ г1арцулал сайгъатал.
Гьединго рихьизаруна турниралъул бищун лъик1ав игрок-Шамиль Х1усенов (Хунзахъ), бищун лъик1ав гьужум гьабулев-Расул Ибрагьимов (Гъуниб), бищун лъик1ав защитник Мух1амад Мух1амадсадикъов (Хунзахъ), бищун лъик1ав пас кьолев-Г1алиев Г1алилмух1амад (Шамил район), турниралъул бищун г1олохъанав игрок-ЯрагъиАбулмуслимов (Хунзахъ), «Приз зрительских симпатий) щвана Ц1умадаса Шамил Мух1амадовасе. К1очон теч1о турнир г1уц1аразда волейболалъул ветераналги. Гьезиеги рук1ана рак1алде щвеялъулал сайгъатал. Г1аммаб къаг1идаялъ босани къецалана г1уц1адго ва балагьаразе интерес ц1ик1к1араб х1алалда.
А. Мух1амадова.
|