Бергьенлъи босаразул х1урматалда
Т1аде щолеб буго фашистияб Германиялда т1ад бах1арчияб Советияб халкъалъ бергьенлъи босун 70 сон т1убаялъул праздник.
Бигьаго щвеч1о гьеб бергьенлъи. 27 миллион чияс рух1 кьуна ва би г1одобе т1уна гьаб нилъер талих1аб г1умруялъе г1оло. Гьеб бергьенлъиялъулъ цо хасаб бак1 ккуна Коло ва Хьиндахъ росабазул г1олохъабазги. Ват1аналде ккараб къо борхизе фронталде ана 60 рагъухъан. Эбел-инсухъе, лъималазухъе, хъизаназухъе т1ад руссинч1о 28 рагъухъан. Фронталъул бащадаб рахъ ккола тыл. Рокъор ругез тылалда бихьизабуна бах1арчияб зах1мат. Гьел х1алт1ана ччуг1а кколел батагъазда, окопал рухъулел бак1азда, щибго барахщич1ого кьуна фронталъе жидер рокъоб бугеб маг1ишат.
К1удияб Бергьенлъиялда дандч1вай гьабулаго, дагьлъун руго гьел бах1арзазул кьерал. Харахьи участкаялдаго хут1ун вуго Хьиндахъ росулъа цого-цо Х1адисов Камил.
Гьал къоязда Камилги вихьизе, гьесул рагъул нухги ц1ехезе, гьесие сайгъаталги росун, гьесда Бергьенлъиялъул къоги баркизе, Камилихъе сапар бухьана Хьиндахъ гьоркьохъеб школалъул 10-11 классазул ц1алдохъабаз ва ОБЖялъул учитель Мухтаров Абулмуслимица. Камил унтун вук1иналъ сапар гьабуна гьесул рокъобе.
Гьенире рач1иналъул мурад бицун к1алъай гьабуна школалъул директор Мух1амадов Мух1амадица. Ц1алдохъабазе к1удияб асар гьабуна рагъул нухалъул ва бихьараб г1акъубаялъул Камилица бицаралъ. Камил фронталде ун вуго 1940 соналъ. 1943 с. Воронеж шагьар бахъулаго зах1матго лъукъун вуго. Астраханалъул госпиталалда 4 операция гьабун буго. 1943 соналъул июль моц1алда орденал, медалалгун рокъове вач1ун вуго. Киназго кверал росидал, Камилил рохалие г1орхъи бук1инч1о. Бадиса маг1у чвахулаго гьес гьал раг1аби абуна: «Дидани дунял бихьана, 92 сон бана. Дир рак1 унтула жеги хъизанал гьарич1ел, г1умру бихьич1ел г1олохъаби рагъда т1аг1иналъ. Аллагьас нижеда бихьараб балагь нужеда бихьизе хъван батугеги»,-ян.
Мусалаев Г1алибег, Хьиндахъ школалъул учитель.
|