Х1урматиял районцоял!
Раг1алде щвана ХХ1 г1асруялъул цоги сон, бегана нилъер
г1умруялъул цоги т1амач, нилъеца дандч1вай гьабулеб буго Ц1ияб 2014 соналда.
Бигьаяб бук1инч1о 2013 сон Россиялъулги, Дагъистаналъулги
г1адамазе. Хасго гьеб зах1матаб бук1ана нилъ г1адал муг1рузул районазда г1умру
гьабулезе.
Амма кидаго бигьаял гурел шарт1азда г1умру гьабулел,
ях1-намусалъул ц1урал, т1аде бач1араб бак1аб къо бихьинчилъиялда х1ехьезе
к1олел, нилъер районалъул г1адамазда бажарана 2013 соналъул маг1ишатиялги,
социалиялги суалал г1умруялде рахъине гьарун. Район цебе бачиналъул нухда гьез
лъуна рак1 ч1араб цоги гали.
2013 сон бук1ана г1адамазул рук1а-рахъин лъик1лъиялда,
спорталда церет1еял ва бергьенлъаби г1емераблъун.
Нилъ бищунго ч1ух1изе ккараб жо: районалъул г1адамаз г1умру
гьабулеб буго рек1ел парахалъиялда, ракълилаб ах1вал-х1алалда, цадахъ рекъон,
цолъун, гьудуллъиялда ва вацлъиялда.
Нилъеца бац1адго ва т1адег1анаб къадруялда ц1унун буго
Исламияб дин ва умумуз нилъехъе кьовухъе кьолеб буго г1ун бач1унеб г1елалъухъе.
Ц1ияб соналде районалъул г1адамал рач1унел руго ц1иял хьулалгун ва анищалгун,
бук1инеселде щулияб рек1ел ч1ейгун. Амма жеги ч1ах1иял руго районалъул
г1адамазул г1умруялъул даража борхизабиялъе т1уразе цере ч1арал масъалаби. Гьел
нижеда рихьула ва рич1ч1ула. Амма ниж таваккалалда ва жигаралда къеркьезе руго
гьел г1умруялде рахъине гьаризе. Нижер планазеги ишазеги къуват кьола
халкъалъул цоцалъ гъункиялъ, х1аракатчилъиялъ, т1адег1анаб сабруялъ ва нижеде
гьабулеб рит1ухъаб божилъиялъ!
Х1урматиял ва г1агарал ракьцоял1 Рак1-рак1алъ баркула нужеда
т1аде щвараб Ц1ияб-2014 сон! Гьарула щивасе сахлъи, рекъел, рес буголъи ва
талих1. Т1адег1анав Аллагьас баракат рещт1айги щивасул рукъалда! Т1урайги
щивасул рек1елъ ругел лъик1ал къасдалгун мурадал, лъик1лъаги г1умру-яшав.
Биччанте Ц1ияб сон нилъер щивасе бук1ине рохалилаблъун, ургъел-балагьал
рик1к1алъараблъун, ракълилаблъун ва талих1аблъун, рос-лъади, хъизан-лъимал,
т1олалго г1адамал цоцазда рич1ч1араблъун, районалда цере ч1арал масъалаби
т1ураялъе, г1адамазул г1умру-яшав лъик1лъиялъе г1оло киналго районцоял гъункулеблъун
ва цолъулеблъун.
Ц1ияб сонгун, ц1ияб талих1-рохелгун, х1урматиял районцоял!
Баркат-рах1маталъул ц1ураблъун батаги Ц1ияб сон киназего.
«Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер Саг1ид
Юсупов.
|