Гьал къоязда нилъер районалде бач1ана цоги рохалилаб хабар. 59 соналъ рак1 бац1ц1адго Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалда муг1алимлъун х1алт1арав, математикаялъул Генералин ч1ух1ун пишацояз жинда абулев Ниматулаев Х1амзат Мух1амадовичасе щвана т1адег1анаб «Дагъистаналъул мустах1икъав учитель» абураб ц1ар. Гьеб ц1аралъе Х1амзат Мух1амадович цевего мустах1икъав вук1ана. Гьабсаг1атги х1алхьиялда вугониги, Ниматулаев Х1амзатил ц1ар цадахъ х1алт1араз гуребги, гьесул рук1арал ц1алдохъабазги лъик1ав, вокьулев, гъваридаб лъаялъул учителин рехсола.
Т1олалго районцоязул рахъалдасан Х1амзат Мух1амадовичасда рак1-рак1алъ гьеб ц1арги баркулаго, гьарула гьесие щулияб сахлъи, халатал соназул парахатаб г1умру.
Пишацоял
Цере ц1аларал
Районцоял.
Х1алт1и бихьич1ого хут1уларо
Чара гьеч1ого х1ажатаб, кутакалда к1вар ц1ик1к1араб, жидеда г1адамасул сахлъиги г1умруги бараб х1алт1и ккола ветеринарасул хъулухъ. К1удияб реццалъегун адабалъе мустах1икъал руго нилъер ветеринарияб хъулухъалъул киналго х1алт1ухъаби. Гьезул рак1 бац1ц1адаб зах1мат киназдаго бихьула ва лъала.
Наккдалъ бахчун варани т1убаларелъул, гьабураб х1алт1и ахир-къадги бихьич1ого хут1уларо. Гьал къояз нилъер районалул ветеринарал, г1емерсоназулаб рак1 бац1ц1адаб хъулухъалъухъ, к1одо гьаруна Россиялъул Росдал маг1ишаталъул министерствалъул баркалаялъул кагътаздалъун. Министерствалъ баркала кьуна Кочубеялъул ветучасткаялъул заведующий Мух1амадов Пирбудагъ Мух1амадовичасе, Буц1ра ветучастокалъул заведующий Давудов Мух1амад Ах1мадовичасе ва Гьоц1алъ ветучастокалъул заведующий Х1асанбегов Мух1амад Мух1амадовичасе. Г1емерал соназ г1и-боц1уе хъулухъ гьабулеб буго гьез. Пирбудагъ Мух1амадовичасул 37 сон буго ветеринарлъун х1алт1улелдаса нахъе. 35-35 соналъ х1алт1ана Мух1амад Ах1мадовичги Мух1амад Мух1амадовичги.
Т1олалго районцоязул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркула нилъер ветх1алт1ухъабазда гьезул шапакъатал. Гьарула гьезие чорхое сахлъи, рукъалда баракат, хъизан-лъималгун цадахъ рохалилаб г1умру, х1алт1ул роцада рекъараб харж-мухь. Дагьалги ч1ах1иял шапакъатал щун рохаги нуж.
Райадминистрация
Райсобрание
«Росдал зах1матчи».
|