Гьединаб ц1аралда гъоркь Хунзахъ «Солнышко» лъимал церет1езариялъул централдаги рохалилаб ах1вал-х1алалда, гьелдаго цадахъ пашманлъиялъул асаргун к1одо гьабуна 9 маялъул гьайбатаб байрам. Гьениве ах1ун вук1ана Хунзахъ росулъа цого-цо т1аде вахъун вилъине к1олев К1удияб Ват1анияб рагъул ветеран Мух1амадрасул Гьиматов, суратал рихьун гурого жидеда инсул гьумер лъаларел, К1удияб Ват1анияб рагъдеги ун жиде-жидер эмен т1ад вусинч1ел, т1убараб г1умруго кидадай гьев вач1инаян инсул хиялазда, гьесул пикрабазда, гьесухъ урхъун арал рагъул заманалъул лъимал Умужат Ахъбердиева, Пат1имат Мухтарова, Сиядат Г1исаева, райадминистрациялъул, районалъул лъай кьеялъул ва г1олилазул политикаялъул отделалъул вакилзаби, лъималазул умумул ва цогидалги.
Байбихьудаго абизе ккола, централъул х1алт1ухъаби кутакалда лъик1 х1адурун ругоан байрам г1уц1адго т1обит1иялъе. Ясли-ахалде жанире лъугьунеб азбаралдасанго бугоан балагьаразул рак1азе лъик1аб асар гьабулеб К1удияб Ват1анияб рагъде аразулги, гьениса т1ад руссинч1езулги суратал ч1ван, гьезие рецц гьабулеб «Реццалъул аллея». Залалде жанире лъугьиндал рихьизарулел рук1ана рагъул кьог1лъиялъул, гьелъ лъурал ругъназул бицунел видеороликал, г1одобе биччан бачунеб рагъул заманалъул музыка…
Байрам рагьана ва байбихьудаса ахиралде щвезег1ан гьеб берцинго бачана централъул музыкалияй нухмалъулйв Сапият Хъайтмазовалъ. Гьит1ичалгун цадахъ гьелъ цебе ч1езабуна байбихьаралдаса гьеб лъуг1изег1ан рагъул лах1затал.
К1алъазе вахъарав рагъул ва зах1маталъул ветеран М-Р. Гьиматовас бицана нилъер к1удияб улкаялъул, к1удияб халкъалъул, к1удияб гьунаралъул. - Фашизмалда т1ад бергьенлъи босизе колароанилан, - абуна гьес,- нилъер улкаялъул к1удияб бах1арчилъи бук1инч1ебани. Рагъ байбихьараб къоялдасанго нилъер улкаялъул, гьездаго гъорлъ нилъер районалъулги, бах1арчиял васал ва ясал ана кьун г1арзагун Ват1ан ц1унизе. Нилъер г1олохъаби бихьинчилъиялда рагъулел рук1ана кьалул фронталдаги, партизаназул отрядаздаги. Щивав к1иабилес г1умру кьуна нилъер Ват1ан чияда бараблъун гьеч1олъиялъе г1оло. Аза-азар г1адамал х1алт1улел рук1ана фабрик-заводаздаги, ахакьгин хурзабахъги, «Кинабго фронталъе, кинабго бергьенлъиялъе г1оло!» абураб ах1иялда гъоркь фронталъе ярагъги, рет1ел-хьитги, кванил ниг1маталги ч1езариялъе г1оло.
К1алъазе рахъарал, цого къварилъиялъ рак1ал т1егьач1ел, Умужатица, Пат1иматица ва Сиядатица иргадал рак1алде щвезаруна умумзул жидада лъалеб рагъулаб нух, К1удияб Бергьенлъи босун заман ун бук1аниги, гьанже гурого гьанже дада вач1инародаян хьулалда араб г1умру.
Лъималазул церерахъиналги рук1ана рек1ее к1удиб асар гьабулел. Гьез ах1улел рагъул заманалъул «Катюша», ва гьел гурелги куч1дуз бихьизабулеб бук1ана кинаб гъираялда нилъер умумул гьужумалде унел рук1аралали. Ахиралда к1алъазе рахъарал гьалбадерица рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна жидее гьединаб берцинаб байрам г1уц1арал, кванил ниг1матаздалъун бечедаб стол х1адур гьабурал централъул х1алт1ухъабазе.
Къойидаса-къойиде дагьлъулел руго К1удияб Ват1анияб рагъул ветеранал. Гьединал байрамал т1орит1иялъ, ветераназулгун дандч1ваял гьариялъ, рес кьола г1ун бач1унеб г1елалъе рагъулабгин патриотикияб тарбия щвеялъе, нилъер умумузул хвел гьеч1ел гьунарал лъазариялъе. Жеги ясли-ахалъул г1умурялдаго ругел г1исинал лъималазда рак1алда ч1ела жидее ветераназ гьарурал к1алъаял, гьезул г1умруялдасан бах1арчиял лах1затал.
Лъималазул гъира бала ч1аго ругел ветераназул т1алаб-агъаз гьабизе, гьелгун адаб-х1урматалда к1алъазе, нилъгун гьеч1ел, жакъасеб гьайбатаб г1умруялъе г1оло г1умру кьурал г1олохъаби абадиялъго рек1елъ хут1изе.
Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о.
|