4-5 апрелалда г1адатлъун лъугьахъе Хунзахъ т1обит1ана «Мужество» орденалъул кавалер, нилъер ч1ух1и ва унго-унгояв бах1арчи Х1усейнов Мух1амад рак1алде щвезавиялъул мурадалда Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школа лъуг1ун арал выпускниказда гьоркьоб волейболалъул турнир. Гьеб турнир т1обит1улеб буго районалда 1995 соналдасан байбихьун. 2003 соналдаса нахъе гьеб бухьинабун буго Мух1амадил ц1аралда.
Цереселго г1адин исанасеб турнирги г1уц1ун бук1ана бах1арчиясда цадахъ ц1алараз, х1алт1араз ва гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ. Исанасеб турниралда г1ахьаллъи гьабуна ич1го командаялъ. Гьезда гьоркьор рук1ана школлъималаздаса байбихьун к1икъойилъа сонал аразде г1унт1ун бат1и-бат1иял г1елазул командаби.
Турниралъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун гьеб рагьана районалъул бет1ерасул заместитель Гьит1инов Х1амидица ва лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Г1умаров Залимханица. Турнир берцин гьабун бук1ана Расул Г1амирхановас ругьун гьарурал гьит1инал акробатазги.
Хадуб байбихьана х1аязде. К1иго къоялъ халат рахъарал х1аязул х1асилалда финалалде рорч1ана 2008 соналъ школа лъуг1арал г1олилазулги ва ц1ик1к1араб ригьалъул волейболалъул ветераназулги командаби. Байбихьудасанго х1алуцана гьезул къеркьей. Залалда г1одор ч1арал х1айранлъун рук1ана ригьалде рахарал ругониги жеги ветераназул чорхолъа т1аг1инч1еб жан-жигаралъухъги, гьез щибго дандияздаса нахъе ккеч1ого тириго ва г1уц1адго бачунеб х1аялъухъги балагьун. Амма кин бук1аниги г1олилаз жидерабго борч1изе биччач1о, ц1акъ х1алуцараб ва зах1матаб х1аялда гьез 1:2 х1исабгун бергьенлъи босана. Лъабабилеб бак1алъе мустах1икълъана 2011 соналъ школа лъуг1аразул команда. Турниралъул ахиралда бергьараб ва ч1алде рач1арал командабазе кьуна хьвадулеб кубокгун г1арцулал сайгъаталги. Гьединго хасал сайгъатал кьун к1одо гьабуран щибаб номинациялда бергьенлъи босарал игрокалги.
Турнир ана т1адег1анаб даражаялъул г1уц1иялда.
И. Мух1амадов.
|