Вторник, 07.05.2024, 09:22 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 21 » «БАГ1АРАБ Ц1ВА» ОРДЕНАЛЪУЛ КАВАЛЕР.
14:30
«БАГ1АРАБ Ц1ВА» ОРДЕНАЛЪУЛ КАВАЛЕР.

Бит1ун г1олохъанлъи т1егьалеб г1ужалъ т1ад ярагъ борчине ккана Хунзахъа Къебедов Х1амидицаги. 18 соналъул г1умруялда вук1ана гьев 1941 соналъул июналда Ват1ан ц1унизе axlapaб мехалъ. Рагъулаб хъулухъ гьабизе ккана 18 армиялъул 318 кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1339 полкалъул автоматчиказул ротаялде. Гьев вук1ана х1инкъи-къай гьеч1ев, тирияв, лебалав, командованиялъул буюрухъ т1ад калам бук1унаредухъ т1убазабулев рагъухъанлъун. Къокъаб заманалда Къебедов вахъана ротаялъул старшиналъун.

1943 соналъул 10 сентябралда Новороссийск тушманасдаса эркен гьаби­зе 18 аб. армиялъ Ч1ег1ераб ралъдал раг1алде десант рехана. Гьеб десанталда гъорлъ вук1ана маг1арул ях1ги, намусги чорхолъ бессарав старшина Къебедовги. Ралъдал раг1алда решт1аралго, нилъер десантникал тушманасул щулалъабазде гьужумалъ ана. Фашистаз нилъерал гор свериялде ккезаруна. Ункъго сордо-къоялъ нилъераз тушманасулгун гьоркьоса къот1ич1еб рагъ гьабуна ва камиги ккеч1ого, десантникал горсвериялдаса къват1ире рорч1ана.

Оборонаялъул министерствалъул Подольскиялда бугеб музеялъул архивалдаса бач1араб бая-налда хъвалеб буго:

-«Тушманасдаса Но­вороссийск эркен гьабизе рехараб десанталъул ав­томатчиказул старшина Къебедов Х1амидица туш­манасул солдатазул ва офицерзабазул 15 чи ч1вана ва танкабазде рехулеб гранатаялъ цо автомашинаги кьвагьизабуна»-абун. Гьел ва цойгидалги бах1арчиял рагъулал хъулухъазе г1оло Къебедов Х1амидил каранда гвангъана «Баг1араб ц1ва» орден.

1944 соналъул 28 январалдаги 1339 аб. кьва­гьдохъабазул полкалъул автоматчиказул десант рехана Югалъулаб Крымалде, гьелда гъорлъ вук1ана нилъер маг1арулавги. Севастополалъул районалда нилъер десантникал, гьаб нухалъги, тушманасул горсвериялде ккана. Гьенив зах1матго лъукъана Х1амид ва гьевги цадахъ рук1аралги асирлъиялде ккана. Ват1алъана гьев гъежалдаса.

Ват1анияб рагъ лъуг1улеб мехалъ Х1амид вук1ана асирлъиялде ккарал рагъухъабазул лагералда Франциялъул Лиль шагьаралда. Гьеб лагералдаса Къебедов эркен гьавуна Америкаялъул аскараз ва 1945 соналъул 13  августалда  Германиялъул Торгау шагьаралда бук1араб фильтрационнияб пункталда асирлъи­ялде ккеялъе г1иллабиги мух1кан гьарун, Къебедов Х1амид жиндирго г1агараб росулъе-Хунзахъе т1ад вуссинавуна.

Ват1анияб рагъдаса хадуб школазда малъулеб бук1ана рагъулаб г1елму (военное дело). Г1араниб гьоркьохъеб школалда гьелъул дарсал кьолаан рагъул инвалид «гъеж гьеч1ев Х1амидица». Ра­гъулаб къаг1идаялъ кьварун рет1а-къарав гьес цо квералъ х1алаан волейбол, гьев к1анц1улаан борхалъудеги ва халалъухъеги, гамач1ги рехулаан районалдаго бищунго рик1к1аде. Дарсаздаги гьес ц1алдохъаби куцалаан солдатал г1адин рук1ине ва гьеб рахъалъ бигьалъаби гьарулароан лъиениги, я ясазе, я васазе. Гьесул къадру бук1ана учительзабазул, умумузул коллективазда гъорлъги. Гьес х1аракатаб г1ахьаллъи гьабулаан районалъул общественнияб г1умруялъулъги, жамаг1атазул ишазулъги.

Рагъулал нухазда бихьараб зах1малъи-къварилъиялъ ахир-къадги жиндирабго гьабич1ого теч1о. 1965 соналда г1исинал лъималги, г1олохъанай лъадиги, ха­дуб г1олеб г1елалъе мисалияб лъалк1ги нахъе тун, абадияб рукъалде вуссана Х1амид. Алжан насиб гьабун батаги гьесие.





 

Просмотров: 482 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz