Киназдаго лъалеб батила Г1абдурах1ман Магаевасул нухмалъиялда гъоркь 1935 соналъ аваразул музыкалиябгун драмаялъулаб театралъ кьуч1 Хунзахъ лъураблъи. Гьелда хурхун 30 июлалъ Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана Авар театр г1уц1аралдаса 80 сон т1убаялъул юбилей к1одо гьабураб тадбир. Культураялъул к1алг1аялъул жанах1алъуб г1уц1ун бук1ана Авар театралъул артистазул ва театралъул тарихалъул бицунел суратазул выставка. Гьенирго ругоан гьоц1дерил устарзабазул т1аг1алабазул, умумуз рет1унеб бук1араб рет1ел-хьиталъул ва гьез х1алт1изабулеб бук1араб т1аг1ел-г1уч1алъул выставкаги.
Баркиялъулаб к1алъаялдалъун тадбир рагьана районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас. Районалъул нухмалъулес жиндирго ва т1олалго районцоязул рахъалдасан баркана театралъул коллективалда 80 сонилаб юбилей. Баркала кьуна театралъул х1алт1ухъабазе гьез нилъер умумузул г1адаталги культураги ц1унизе гьабураб ва гьабулеб бугеб к1вар ц1ик1к1араб х1алт1ухъ.
Театр г1уц1араб къаг1идаялъул ва гьелъул хадубккунисеб тарихалъул г1ат1идго бицана тарихчи Г1алибег Хъазанбиевас. Т1оцебе театралда лъолел рук1ун руго профессионалиял гурел пьесаби, хадур лъезе байбихьун руго Зайирбег Г1алихановасул, Ц1адаса Х1амзатил ва цогидалги доб заманаялъул машгьурал драматургазул пьесаби. Г1абдурах1ман Магаевасул нухмалъиялда гъоркь театралъе кьуч1 лъурал артистазда гъорлъ рук1ана нилъер ракьцоял Гъоркьколоса Мах1муд Г1абдулхаликъов, Шотот1аса Сидрат Меджидова, Т1анусиса Басир Инусилов, Гьоц1алъа Зайнаб Набиева ва Мух1амад Г1умаров, Муса Г1абасов ва цогидалги. Хадуб к1алъазе вахъана Дагъистаналъул журналистазул союзалъул председатель ва «Х1акъикъат» газеталъул редактор Г1али Камалов. Баркиялдаса хадуб гьес бицана Дагъистаналъул ва хасго маг1арул халкъалъул культураялда жаниб хундерица кколеб т1адег1анаб бак1алъул. Лаваши, Гъуниб, Хьаргаби ва цогидалги районазул вакилзабазги баркана театралъул х1алт1ухъабазда юбилей. Хьаргаби районалъул бет1ер Рамазан Малачиловас жиндирго к1алъаялда аслияб к1вар буссинабун бук1ана театралъул директорлъун Мух1амадрасул Мух1амадрасулов т1амуралдаса театралда ккараб хиса-басиялде. Театралъул коллективалъул ц1аралдасан Мух1амадрасул Мух1амадрасуловас Хунзахъ районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасе, Хасавюрт шагьаралъул мэр Сайгидпаша Г1умахановасе, РГВК «Дагъистан» телеканалалъул нухмалъулев Мух1амадбег Ах1мадовасе, «Дагестанская правда» ва «Х1акъикъат» газетазул редакциязе кьуна х1урматалъул гармотаби. Гьединго театралъул х1алт1и цебет1езабиялъулъ лъураб к1удияб бут1аялъухъ Унсоколо, Лаваши, Шамил, Гъуниб, Ч1арада, Гумбет ва Хьаргаби районазул нухмалъиязе, «Дагестанская жизнь», «Махачкалинские известия» газетазул ва «Проджи» журналалъул редакциязул коллективазе, РИА «Дагъистаналъул» нухмалъиялъе ва ГТРК «Дагъистаналъул» директор Луиза Г1алихановалъеги кьуна баркалаялъулал кагътал. Ахиралда Мух1амадрасулица баркала кьуна кидаго театралъе квербакъулел Хунзахъ районалъул нухмалъиялъе ва жамаг1аталъе.
Тадбиралъул официалияб бут1аялдаса хадуб театралъул артистаз бихьизабуна Расул Х1амзатовасул «Маг1арулай» спектакльги. Тадбир ана балагьарал разиго хут1уледухъ.
И. Мух1амадов.
|