Ц1ада росулъ культураялъул рокъоб т1обит1ана районалъул пагьму-гьунар бугел лъималазул ассамблея. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас, гьесул заместителаз, Загьид Хучбаровас г1уц1араб мискиназе садакъа-вакъпу гьабиялда хурхараб фондалъул вакилзабаз, учительзабаз ва гьединго ц1алулъ, олимпиадабазда, конкурсазда лъик1ал х1асилал рихьизарурал ц1алдохъабаз.
К1алъазе цеве вахъарав районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас баркала кьуна киналниги ассамблеялъул г1ахьалчаг1азе, учительзабазе, г1уц1арухъабазе ва Загьид Хучбаровасе, бажари бугел лъималазе кидаго кумек гьабиялъухъ. Саг1ид Юсуповас, гьесул заместитель Г1аммаев Шамилица ва районалъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев Залумхан Г1умаровас 35 ц1алдохъанасе сайгъат гьаруна рак1алде щвеялъул медалал ва гьединго районалъул лъайкьеялъул управлениялъул рахъалдасан 10 учителасе кьуна сайгъатал, ц1алдохъаби церет1езариялъухъ.
Загьид Хучбаровасул фондалъул рахъалдасан гьелъул вакил Карина Харчиевалъ районалъул 10 школалъул ц1алдохъанасе кьуна 50000 гъурущ, тарбиягун лъайкьеялъухъ рихьизарурал лъик1ал х1асилазе г1оло 8 учителасеги кьуна 25 аза-азар гъурущ.
Ассамблеялда ц1алдохъабаз бихьизабуна жидерго махщел, ц1алана Р. Х1амзатовасул куч1дул, гьаруна фокусал.
Ассамблея лъуг1игун районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас жиндирго кабинеталда къабул гьавуна 30 спортсмен г1олилавги гьезул тренерзабиги ва жиндирго рахъалъан гьезие кьуна г1арцулал сайгъатал-нилъер район цебе т1езабулел спортсменазеги ц1алдохъабазеги жиндир рахъалъан кидаго бук1ине бугин к1вараб кумекилан абуна Саг1ид Юсуповас.
Т1адег1анал бергьенлъаби киналниги ц1алдохъабазеги спортсменазеги!
А. Мух1амадова.
|