Воскресенье, 05.05.2024, 01:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июль » 10 » АХИХЪАНЛЪИ: СОН ВА ЖАКЪА.
21:38
АХИХЪАНЛЪИ: СОН ВА ЖАКЪА.

Республикаялъул Бет1ерасул «Эффективияб АПК» проекталда гъорлъ буго ахихъанлъи ц1илъизабиги. Исанасеб сон лъазабун буго ахихъанлъиялъул сонлъунги. Гьединги бугелъул, кинал х1алт1аби гьарулел ругел рехун тун бук1араб росдал маг1ишаталъул к1вар бугеб бут1а ц1илъизабиялъе? Цебесеб ва жакъасеб ахихъанлъиялъул, исана районалда гьеб бут1аялда гьарурал х1алт1абазул газеталъе бицунеб буго районалъул росдал маг1ишаталъул отделалъул специалист Ибрагьимов Ах1мадица.

-Ах1мад, Совет х1укуматалъул соназ кинаб х1алалда бук1араб нилъер районалда ахихъанлъи?

-Гьел рук1ана ахихъанлъиялде кутакалда ц1ик1к1араб к1вар кьурал сонал. Районалда бук1ана 1000-1100 га ахазул. Бук1ана жидер х1алт1и г1езег1ан церет1урал ахихъанлъиялъул маг1ишатал: гьоц1дерил, херехьдерил ва мущулдерил. Консервазул заводазде пихъ бач1унаан нилъер районалдаса гуребги, Гъуниб, Хьаргаби, Шамил районаздасацин. Пихъ бича-хисиялъул ургъел г1адамазда бук1инч1о. Заводазе зарал кколеб бугони гьеб пачалихъалъ бец1улаан. Къад ахакь, къаси консервазул заводазда х1алт1улаан г1адамал. 1000-г1ан тонна пихъил бук1унаан гьоц1дерил совхозалда. Гьоц1дерил ахбазаналъе, сортал ккун бат1а гьабич1ого бач1араб х1алалдаго, ВДНХялда щун бук1ана медальги.

Заводалда гьарулаан ахбазаналъул, г1ечул, генул, баг1лидул компотал, варенье, джем, повидло, сокал. Нилъер продукция Сахалиналде, Находкаялде, Комиялде бит1улаан. Къват1исел х1укуматаздегиунаан компотал.

Пачалихъалъ ах ч1олеб бугони киг1ан къвариг1аниги г1арац кьолаан. Ахал ч1олаан цебеккун гьел рук1инч1ел, лъалъазе лъим гьеч1ел бак1аздацин. Уздалросулъ 1990-91 соназ к1иго соналда жаниб ч1ун бук1ана 7000 гъвет1, гьел ч1араб 30 га ракьул сверун къанги бук1ана. Гьенибе лъим кьабизе бан бук1ана насосалъулаб станцияги. 800 метраялъ эхеде кьабулаан станциялъ лъим. Гьанже гьел гъут1бузул цонигияб хут1ич1о.

Колхоз-совхоз бук1ана ц1акъ лъик1аб жо. Жамаг1ат гъункизабун ккун бук1ана гьез. Кинабго гьабулаан цадахъ. Х1алт1и г1уц1ун бук1ана саг1тил механизмг1адин. Гьанже г1адамаз хурзал рекьуларо техника, оцал гьеч1олъиялъ. Совхозазул бук1ана кьвариг1араб техника, 40-50 оц. 1 га сверун къазе ккани х1ажалъула 100 азарго гъурущ, цебе гьоц1дерица ахал, хурзал-кинабго мунпаг1ат босулеб ракь сверун къан бук1ана, гьелде т1адеги гьел ц1унизе чаг1иги толаан. Лъим гьеч1еб бак1алде цистерна бачун ведрабаз баччулаан лъим. Машина бач1унареб бак1алде х1амул данде гьарун рокъо-рокъоса баччулаан рак. 2002-2003 соназ 13 гаялда ц1и гьабун рук1ана ахал. Ахихъанлъиялда 10-г1ан чиясе щун бук1ана Зах1маталъул Баг1араб Байрахъалъул орден. Бищун т1оцебе «Дагъистаналъул мустах1икъав ахихъан» ц1ар щвана Гьоц1алъа Ибрагьимов Г1абдулагьие.

90-лел соназ цо механизмг1адин берцинго х1алт1илеб бук1араб маг1ишат биххана, ракьалги г1адамазда гьоркьор рикьана. Гьанже гьел г1емерисез рекьич1ого тун руго.

-Исана районалда 40 гектаралда гъут1би ч1анилан абулеб буго. Киб-киб ва кинал пихъил гъут1би ч1арал?

-Гъут1би ч1ана маг1арухъги гъутабаздаги ругел маг1ишатазги жалго г1адамазги. Гъутабазда 10 гаялда гъут1би ч1ана Хизроевасул ц1аралда бугеб СПКялъ, 5 гаялда ч1ана «Харахьи» МУПалъ. 8 гаялда ахбазаналъул гъут1би ч1ана Уздалросулъ «Хьикьохъ» ОООялъул бет1ергьан Давудов Мух1амадица. Хадубккунги 5-6 гектаралда гъут1би ч1езе рак1алда буго гьесда. Бакьагьеч1иса «Труженик» КФХялъул хважаин Х1амзатов Х1усеница 4 гектаралда ч1ана г1ечул гъут1би. Х1усение бокьун буго, кинабниги 10 га г1езабун, т1адеги гъут1би ч1езе, пихъ ц1унулеб хранилище гьабизеги. Гьабсаг1аталда гьес ц1и ч1араб ахикье лъим бачунеб буго. Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб ОПХялъ 2 гектаралда ч1ана г1ечул гъут1би. Бач1унеб ихдал 1000 гъвет1 ч1езе рак1алда буго ц1игьулдерида. 11 гектаралда ахбазан, г1еч гуребги, генул, баг1лидул, кокомил, мокьрол, ч1ах1ияб хурмадул ва цогидал гъут1биги ч1ана г1адамаз. Гьоц1алъ ч1ана 800-г1ан гъвет1, Х1ариколоса Г1усманов Х1амзатица 70 гъвет1 ч1ана, дицаго ч1ана 25 гъвет1, дида лъан гъут1би ч1ана Заг1иб, Г1орут1а, Коло, Хьиндахъ ва цогидалги росабалъа г1адамазги-кинабниги ч1ана 3000-г1ан пихъил гъвет1.

Гьал маг1ишатаздагун г1адамазда гуребги, цойгидаздаги рак1алда буго хаслихъеги гъут1би ч1езе. «Лъаг1илухъ» СПКялъ х1исабалде босун буго 5 гектаралда пихъил гъут1би ч1езе. 3 гектаралда гъут1би ч1езе рак1алда буго районалъул росдал маг1ишаталъул бет1ерав агроном Гванзилаев Шамилидаги.

-Ч1езе гьебгощинаб гъвет1 киса босараб?

-Исана республикаялда, г1аммаб лъаг1алил планалда бихьизабун бук1ана 1600 гаялда гъут1би ч1езе, гьелдасан 600-г1ан гаялда ихдалил заманаялъ ч1езе. Нилъер районалъе бихьизабун бук1ана лъаг1алие 40 гектаралда-10-да ихдал, 30-да хаслихъе гъут1би ч1езе. 40 гектаралда гъут1би нилъеца ихдалго ч1ана. Республикаялда гъут1би ч1езе гьедиг1анасеб ракьул къадар бихьизабун бук1ана гьелда ч1езе г1урал гурони гъут1би (сертификат бугел) пачалихъиял питомниказда рук1инч1олъиялъ. Питомникал жалго г1адамал бет1ергьаналги рук1унелъул, г1адамаз жидецаго ралагьун ч1ана гъут1би. Ц1игьулдерица ч1езе гъут1би росана Крымалдаса, Давудов Мух1амадица ва Х1амзатов Х1усеница-Буйнакскиялда бугеб питомникалдаса.

-Нилъерго районалда гьеч1ищ лъицаниги питомникал гьарулел?

-Гьеч1о. Цебе Гьоц1алъ совхозалда бук1ана питомник. Гьениб лъик1аб лъаялъул специалистал рук1ана. Мех-мехалъ гьел ц1ализе рит1улаан, цойгидал питомниказде гьезул х1албихьи лъазаризе рит1улаан. Гьезда  гъут1би к1уризе, рац1ц1ине малъулаан.

-Рес бугищ пачалихъалдаса кинаб бук1аниги кумек щвезе ахихъанлъиялда х1алт1аби гьарулел г1адамазе?

-Г1адамазе рес буго ц1ияб ах г1езабуралъухъ ва басрияб ах ц1и гьабуралъухъ абун пачалихъалъул федералияб ва республикаялъулаб субсидия щвезе. Гъут1бузул дотация щвезе ккани 1 га ракьулг1аги бук1ине ккола, хадубги х1ажалъула проект, законнияб къот1и-къай (договор) гьабураб, ракьул анализ бихьизабураб кагъат, гъут1би росарал бак1аздаса сертификат ва цогидалги документал. Гъалат1ал гьеч1ого бит1ун ц1урал, киналго х1ажатал документал ругони рес буго субсидия щвезе. Федералияб г1арац щвезе ккани ц1акъго мух1канал документал рук1ине ккола.

-Араб соналъ ахихъанлъиялда субсидия лъие щвараб? Гьеб киб х1алт1изабураб?

Субсидия щола цебеккунго гьабураб х1алт1ухъ. 5-6 гаялда ах ч1аралъухъ субсидия щвана «Гьац1алухъ» СПКялъе. Исана субсидия щвезе документал х1адурулел руго «Харахьи» МУПалъ ва Уздалросулъа Давудов Мух1амадица.

-Ругищ субсидиялъе г1оло гурел, жидеего рак1-рак1алъ бокьун ахал г1езарулел г1адамал?

-Гьединал г1адамал руго Г1орут1а, Хьини, Заг1иб, Нак1к1икь, Коло, Хьиндахъ, Гьоц1алъ росабалъ. Гьоц1алъа Х1амзатх1ажиев Х1амзатх1ажи ва Мух1амадг1алиев Мух1амадкамил, Г1орут1аса Г1алиев Х1асан, Х1ажиев Х1асан, Мух1амадов Г1усман, Бейбулатов Шамил, Колоса Шамсудинов Х1асан ва цогидалги. Субсидиялъул отделалъул начальник Мух1амадов Гъазияс ч1ун руго г1ечул, генул, ц1улакьодул гъут1би, гьес г1уц1ун буго «Белая речка» ОПХ.

-Г1адамал рук1уна ч1арал гъут1бузул чамалиго бакъванилан. Г1езег1ан харжалги т1ад гьарун, зах1матги бихьун гьабураб х1алт1и г1адада ккезе лъиеха бокьилеб? Щиб гьабизе лъик1аб бугеб ч1араб гъвет1 рек1ине ккани?

-Бищун т1оцебе къвариг1уна лъик1аб, гъут1би г1езаризе дандекколеб ракь, хадуб кин гъут1би ч1езе кколебали бихьизабураб проект. Довго Бакьагьеч1иса Х1амзатов Х1усеница гъут1би ч1ана ц1акъ лъик1, гьел ч1еялъе х1ажатабщинабги х1исабалде босун.

Гъвет1 ч1олелъул г1емерисел г1адамаз бахъула конусг1адаб гвенд, гьебин абуни бук1ине ккола 50 см. гъварилъиялъул, 100-80 г1еблъиялъул гургинаб. Гъвет1 ч1олелъул бегьуларо гвандинибе рак базе кьалбазда хъвалеб къаг1идаялъ, гьелъ гъот1ол кьалбал рух1изарула. Ведроялъуб гьабизе ккола ц1ияб ракгин ракь жубараб лъамалъи (болтушка), ч1елалде гъут1би гьелъулъ ччун ч1езе ккола.

Ч1ун лъуг1идал т1аде ц1ад баницин, 20-30 литр лъел т1езе ккола гъвет1алде гъоркье, хадубккунги мех-мехалдасан гъут1би лъалъазе ккола. Ахбазаналъ баг1ари х1ехьаниги, г1ечуе, генуе чара гьеч1ого лъим бук1ине ккола. Ихдалилалдасаги бищун ц1ик1к1араб к1вар бук1уна хаслихъе лъалъалъул. Гьебин абуни, г1адамаз г1емериселъул к1вар гьабич1ого тола. 1 квадратияб метралъе 100 литр хаслихъе лъалъалъул къвариг1уна. Гьедин гьабуни хасало кьалбалги ц1ороларо, лъел нахърателги бук1уна. Гъут1би лъалъач1ого цо сонцин гьоркьоб биччани гьел нахъе ккола. Гъвет1 лъик1 г1езе ккани, гьезул кьалбал х1алт1изе ккани гьел сверун гьанк1изе ккола. Гъут1би, хасго г1олохъанал, рохьизеги ккола гьезул хъал кьват1ич1ого бук1ине. Бит1араб къаг1идаялъ гьел рохьизе ккола цох1о ихдал гуреб, лъаг1алида жаниб 3 нухалъ-ноябрь, февраль моц1азда ва риидала, хъал баг1ариялъ бух1ич1ого бук1ине. Гъут1би к1урун къач1азеги ккола. К1урарал гъут1буз ц1ик1к1ун заманаялъ пихъ кьола. Дида к1ик1униса чияс бицана жиндир 50 сон бараб мокьрол гъвет1 бугилан, жинца гьеб щибаб соналъ к1урулилан, мокьрол гъвет1 буго 15 соналъ х1алт1улеб гъвет1. Гьединаб лъик1аб хъулухъалъ гьелъ кьолеб хайир бихьулищ? Ах щула гьабун сверун къазе ккола, г1и-ц1ани к1анц1ани гъут1бузе к1удияб зарал гьабула.

К1очон тезе бегьуларо заралиял х1ут1азде данде опрыскивание гьабизеги. Г1езег1ан рук1уна гъут1би г1езарулаго гьаризе кколел х1алт1аби, гьал  руго аслиял, чара гьеч1ого гьаризе х1ажатал ишал.

-Пихъ бугеб соналъ гьеб бича-хисиялъул ургъел бук1уна г1адамазе. Консервазул цехал, заводал ц1игьаризе бегьуларищ районалда?

-Ц1игьаризе ккани кинабго гьанжезаманалъул т1алабазде данде кколеб, ц1ияб гьабизе ккола, къвариг1уна лъик1аб рекламаги. Пачалихъалъ консервазул заводал раялъе биччалеб г1арац гьеч1о. Рес бугев чияс бани бук1ина. Ц1игьабураб К1ик1уни заводалъул вуго бет1ергьан. Гьенибе араб соналъ 10 гъурщиде босулеб бук1ана ахбазан. Гьенибе жанибе кьезе пихъ киг1ан бокьаниги жидерго г1адамазул бук1инарищ? Лъик1аб бук1инаан маг1арухъ киб бук1аниги кинабго пихъ жанибе босизе бажарулеб цо лъик1аб завод гьабулебани.

2-3 сон буго Дагъистаналда пихъал ц1унулеб хранилище гьабизе байбихьаралдаса.

-Кват1ич1ого Хьаргаби районалда т1обит1изе буго «Ахбазан» абулеб республикаялъул фестиваль. Щиб х1адурлъи гьабулеб бугеб нилъер г1адамаз гьелде?

-Дица ахбазан бижулеб бак1алде-Гьамущи, Харахьи, Г1орут1а, Коло, Хьиндахъ, Уздалросулъ росабалъе лъазабуна гьелда г1ахьаллъи гьабеян. Фестивалалда рук1ине руго бат1и-бат1иял къецал, ахбазаналъул выставка, бергьаразе кьезе руго сайгъатал.

Берцинаб, цо т1анк1 гьеч1еб, ай товарный вид бугеб ахбазан бижулаан Гьоц1алъ лъеде гъоркье араб ахикь. Гьениб 3 тонна генул кьолел гъут1би рук1ана. Гьединлъидал нижер г1адамал ахбазан бичизе къват1ире анароан, заводалде кьолаан. Конкурсазда бергьунеб ахбазан бук1ине ккани ц1идасан ахал г1езаризе ккела.

-Ах1мад, баркала дуе пайдаяб, интересаб гара-ч1вариялъухъ.

-Дуеги баркала.

П. Гунашева.    

  

Просмотров: 564 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz