Суббота, 27.04.2024, 06:15 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Март » 26 » АГЬЛУЯЛЪЕ ВАСИГАТ, ЛЪИМАЛАЗЕ НАСИХ1АТ.
14:19
АГЬЛУЯЛЪЕ ВАСИГАТ, ЛЪИМАЛАЗЕ НАСИХ1АТ.

Бук1ана замана дин-исламги гьукъараб, балъго бан гурого как базеги, к1ал кквезеги г1адамал х1инкъараб, хварав чиясда хадуб къулгьу-алх1ам гьабизе, зикру бачине гьукъараб. Къалел рук1ана масжидал, гьукъулел рук1ана мадрасал, лъуг1изарулел рук1ана г1алимзаби.

Гьабсаг1аталда нилъее г1ат1идал ресал щун руго киг1ан лъик1 бокьаниги дин гьабизе, исламалъул рукнаби т1уразаризе, х1ежалде ине, как-к1ал мух1кан гьабизе, динияб г1елму лъазабизе, шариг1аталъул кьуч1алда хьвадизе.

Мажгитазги, мадрасабазги г1ун бач1унеб г1ел куцалеб буго инсанасулъ иман, ислам, адаб ц1унизе, инсанасе сахаватаб, бербахилаб г1умру гьабизе кканани х1ажаталщинал шарт1ал т1уразе, гьезда малъулеб буго лъик1аб даражаялда хьвадизе, квешалдасаги, х1арамалдасаги ц1унизе.

Рохизе ккараблъун ккола жакъа нилъер районалдаги къоялдаса ц1ик1к1унел рук1ин мадрасабиги, масжидалги, гьенир ц1алулел мутаг1илзабиги.

Жакъа нижгун дандч1вана Хунзахъ районалда бугеб Исламияб университеталъул муг1алим Х1асанова Рукъигат-х1ажи. Гьелдаги-нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.

Кинаб х1алт1и гьабулеб бугеб жакъа къоялда районалда руччабазда гьоркьоб дин-исламалъул тарбия кьеялда хурхун?

- Алх1амдулиллагьи раббил г1аламин, щибаб рецц буго гьеч1еб бак1алда т1олго г1аламги бижизабурав ва гьеб г1ажаибаб х1икмат-тадбиралда хьихьулев Аллагьасе, хадубго свалат салам лъеги Аллагьас бижизабураб щибаб жоялъул бищун хириявлъун кколев нилъер авараг Мух1аммадидаги (с.т.г1.в.) гьесул агьлуялдаги. Амин.

2015 соналъ Хунзахъ росулъ рагьана Дагъистаналъул Исламияб университеталъул Хунзахъ бугеб филиалалъул руччабазе лъай кьеялъул отделение. Гьединго росулъ х1алт1улеб буго ясазул к1иго мадраса. Цоялда радал 9-12 саг1аталде щвезег1ан руччаби ц1алула исламияб университеталъул программаялда рекъон. Къад саг1ат 13 т1убаралддаса 16 саг1аталде щвезег1ан школьниказе кьола Къуръан ц1алиялъул дарсал. Гьединго лъаг1алида жаниб гьоркьоб къот1ич1ого мадрасаби х1алт1улел росаби ккола Гьамущи, мущули, Хархьи, Гьоц1алъ росаби.

Руго росаби риидал лъимал школалдаса г1одор тараб мехалда къуръаналъул дарсал лъолеб. Бокьилаан гьенирги т1убараб лъаг1алицаго г1ун бач1унеб г1елалъе исламияб тарбия-лъай кьеялъул х1алт1и г1уц1изе. Алагьас тавфикъ кьеги ният бац1адго цох1о Т1адег1анав Аллагьасе г1оло дин т1ибит1изабизе.

-Чан соналъ ц1алулел университеталда. Аслияб къаг1идаялда щиб гьениб ц1алулезда малъулеб?

Жакъа къоялда жаниб университеталъул 3 курсалда ц1алулел ясазул къадар бахуна 34 чиясде. Гьениб ц1али г1уц1ун буго дин-исламалъул кьуч1ал малъиялда цадахъго Къуръан ц1ализе, как базе, к1ал кквезе, закат, х1ежалъул баянал лъазариялде, малъула сарф г1елму, г1араб мац1, свалат салам лъеяв Аварагасул сияр, гьесул х1адисал, кьола т1арикъаталъул дарсал.

Университеталда исламияб ц1алуде гуребги к1вар кьола хъизамалда рукъалъул гъансито ц1унарай, рокъоб рац1ц1алъиги ч1езабулей, т1аг1амаб квен-т1ех гьабиялда цадахъго, букъулей, лъут1улей, рукъалъул агьлуялъулго сахлъиялда хадуй ч1олей, жамг1ияталдагин хъизаналда рук1а рахъин берцин гьабулей, г1адамазулгун гьоркьоблъи гъункизабулей ч1ужуг1адан куцаялде. Гьеб кинабго малъаралъул кумекалдалъун ва Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун университеталдаса къват1ие йиччала исламалда куцарай къимат-къадру т1адег1анай маг1арулай, росасул адаб ккурай ч1ужу, лъималазе бит1араб тарбия кьолей эбел.

-Кинаб х1алт1и гьабулеб исламияб даг1ват гьабиялъе?

- Динияб идаралъул нухмалъулезда гъоркь 2015 соналдаса байбихьун Хунзахъ районалда г1уц1ун буго руччабазда гьоркьоб исламияб даг1ват цебе т1езабиялъул х1алт1иги. Гьезул программаялда рекъон районалъул жиб-жиб росулъ т1орит1ана руччабазул мажлисал, школазда, ясли-ахазда гьаруна данделъаби, гьединго щибаб моц1рол ахирисеб щамат къоялъ т1обит1ула руччабазул данделъи. Гьениб аслияб къаг1идаялъ рорхула как баялъул, к1ал кквеялъул, шарг1алдаса рахъарал г1адатазул заралалъул, жаназа къач1аялъул, хвел хобалда ч1ужуг1аданалда хурхарал, жакъа къоялъул ц1ик1кун к1вар кьезе ккарал суалал.

Хунзахъ бугеб цояб мадрасаялъе нухмалъи гьабулеб буго Х1ажимух1амадова Х1алиматица. Гьебги ккола исламияб университеталъул цо бут1а.

Рехсараб мадрасаялда х1алт1и бачуна 3 группаялдеги бикьун. Т1оцебесеб группаялда дарсал кьола саг1ат 9 т1убаралдаса 12 т1убазег1ан. Гьение хьвадула 12 ч1ужуг1адан. Гьеб группаялда к1вар кьола г1араб мац1 малъиялде, гьелъул грамматика лъазабиялде, нилъер аварагзабазул тарих, дин исламалъул кьуч1ал ч1, хадур рач1уна Къуръан ц1алиялдеги. Гьений ц1алулей йиго 12 яс.

К1иабилеб группаялда дарсал уна саг1ат цо т1убаралдаса ункъго т1убазег1ан. Гьенибги аслияб къаг1идаялда к1вар кьола дин-исламалъул кьуч1ал малъиялдагун цадахъ Къуръан ц1алиялде. Гьеб группаялде хьвадула 40 г1ан яс.

Лъабабилеб къасисеб группаялда дарсал кьола къаси саг1ат 7 т1убаралдаса анц1го т1убазег1ан. Гьел ккола аслияб къаг1идаялда хъизан рукъалда ругел руччаби. Гьезул к1вар буссинабун бук1уна Къуръан ц1алиялде.

К1иабилеб мадрасаялъе нухмалъи гьабулеб буго Ниг1матулаева Субайбатица. Гьеб рик1к1уна районалъул творчествоялъул рукъалъул кружок г1адинги. Гьениб дарсал кьола лъимал школалдаса руссун хадуб. Гьеб кружокалда лъималазда малъула как базе, какилъ ц1алулел къулгьу, алх1ам, аттах1ияту г1адал какил азкарал рит1ун махражалда ц1ализе лъазариялде, нилъер аварагзабазул (с.т.г1.в.) х1адисал рицине. Хадуб дагь-дагь ккун лъимал рач1уна г1араб мац1, гьелъул грамматика, Къуръан ц1ализе лъазабиялдеги.

Ясазул ц1алуде гъира базабиялъул мурадалда зама-заманалда т1орит1ула исламиял мажлисазда хурхарал церерахъинал, гьарула эбел-инсул адаб гьабиялде, к1удиязул х1урмат гьабизе ккеялде руссарал гара-ч1вариял ва гьел гурел г1емерал цогидалги тадбирал.

-Рукъигат-х1ажи, баркала гара-ч1вариялъухъ.

Мух1аммад аварагасул (с.т.г1.в.) х1адисалда буго: «Щив чи вук1аниги рокъоса къват1иве Аллагьасе г1олонлъун лъаялда хадув вахъарав, гьесие Аллагьас Алжаналде ине нух бигьа гьабула»-ян абураб. Аллагьас тавфикъ кьеги ният бац1ц1адго нилъер руччабаз гьабулеб бугебщинаб х1алт1и жеги лъик1 роц1инабизе. Аллагьас дунялалдаги ахираталдаги лъик1абщинаб гьабизе, квешаб тезе тавфикъ кьеги киназего. Талих1алъ къвал жемаги нужеда.

Н. Г1алиева

Просмотров: 1046 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz