Пятница, 26.04.2024, 16:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 8 » 5 ОКТЯБРЬ – УЧИТЕЛАСУЛ КЪО. МУН ЦО ЛЪИМАЛАЗЕ МУГ1АЛИМ ГУРО,МУГ1АЛИМЗАЙ РУГО Т1ОЛГО ХАЛКЪАЛЪЕ…
16:07
5 ОКТЯБРЬ – УЧИТЕЛАСУЛ КЪО. МУН ЦО ЛЪИМАЛАЗЕ МУГ1АЛИМ ГУРО,МУГ1АЛИМЗАЙ РУГО Т1ОЛГО ХАЛКЪАЛЪЕ…

Инсанасе тарбия – лъай кьеялъулъ к1удияб бут1а лъола учителас. Г1емерисеб мехалъ учителасул бажари – махщалида бараб бук1уна г1олев инсанасул дунялалдехун лъугьунеб бербалагьи, гьес т1аса бищулеб нух. Педагогасул х1алт1и гьеб ккола ч1ей гьеч1еб зах1мат, чияр лъимал рокьи, гьездехун эбелалъулаб бербалагьи гьаби. Нилъер районалда бугеб 7 школаздагун ясли-ахазда лъималазе тарбия-лъай кьолеб буго азаргог1ан педагогас. Гьезул щивав мустах1икъав вуго адабалъегун реццалъе. Киналго педагогазул х1акъалъулъ газеталъул цо номералда бицун бажаруларелъул, жакъа гьаниб кьолеб буго  цо чангоясул материал.

1971 соналдаса нахъе  к1вах1-свак тун  лъай кьеялда х1алт1улей йиго Г1ободаса  Мух1амадова Мухлисат Мух1амадовна. Учителасул зах1маталъулаб нух Мухлисатица байбихьана Х1ариколо школалдасан химиялъулгун, биологиялъул учительницалъун.

Хадуб Мухлисат х1алт1ана районалъул методкабинеталда. 1973-85 соназ гьелъ дарсал кьуна Г1арани ясазул школалда. Хадусел сонал Мухлисатил ана Буйнакск шагьаралъул профтехучилищеялда студентазда химия малъулаго. 1987 соналдаса нахъе жакъа къоялде щвезег1ан гьей махщел  камилай педагогалъ историялъул дарсал кьолел руго Г1обода гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазе. Мухлисат йиго Россиялъул лъай кьеялъул х1урматияй х1алт1ухъан.

 

Лъик1аб лъаялъул, бажари бугей  нухмалъулей ккола Уздалросдал гьоркьохъеб школалъул директор Мух1амадова Арайпанат Мух1амадрасуловна.

1986 соналдаса нахъе х1алт1улей йиго Арайпанат лъай кьеялъул мухъалда. 1986  соналдаса 1997 соналде щвезег1ан гьелъ математикаялъул дарсал кьуна Т1агьада гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазе, хадуб гьенийго х1алт1ана организаторлъун. 2002  соналдаса нахъе Арайпанат х1алт1улей  йиго Уздалросдал гьоркьохъеб школалда. 2014 соналъ директорлъун т1амизег1ан, гьелъ т1уразаруна директорасул заместителасул ишал.

 

1968 соналъ Буйнакскиялъул педучилищеги лъаг1изабун районалде т1ад юссана  Гунашева Сабигат Хучбаровна. Бач1инахъе гьей х1алт1ана Г1арани школалда. 1971 соналдаса жакъа къоялде щвезег1ан Сабигат х1алт1улей йиго  лъик1азул цояблъун рик1к1унеб Г1обода ясли-ахалда. 1978 соналдаса нахъе гьелъ нухмалъи гьабулеб буго ясли-ахалъе. 1985 соналъ Сабигатица лъуг1изабуна ДГПИялъул физикаялъулгун математикаялъул факультет. Сабигат ккола Россиялъул лъай кьеялъул х1урматияй х1алт1ухъан.

 

1956 соналдаса нахъе 59 соналъ Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда математикаялъул учительлъун х1алт1ана Ниматулаев Х1амзат Мух1амадович. Цадахъ х1алт1улезги гьесул  ц1алдохъабазги математикаялъул генералин гьесда лъураб  ц1аралъ бихьизабулеб буго Х1амзатил лъаялъул борхатаб даража бук1ин. 15 соналъ нухмалъи гьабуна Х1амзатица  Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъе. Х1амзат Мух1амадович вуго халкъияб лъай кьеялъул отличник, халкъияб лъай кьеялъул мустах1икъав х1алт1ухъан. Гьабсаг1ат х1ухьбахъиялда вугониги, цадахъ х1алт1араз к1удияб адабалда рехсола гьев гьайбатав педагогасул ц1ар.

 

1976 соналъ ДГУялъул къват1исел  мац1азул факультетги лъуг1изабун росулъе т1ад юссана Хунзахъа Г1умарова Пат1имат Х1амзатовна. Г1ахьалч1и, Хунзахъ № 2, 1999 соналдаса нахъе Хунзахъ № 1 гьоркьохъел школазда инглис, г1урус, авар мац1ал малъана Пат1иматица лъималазда. Гъваридаб лъаялъул, лъималазе лъик1аб лъай жинцаго кьолей  гьездасаги лъай т1алаб гьабулей учительница ккола Пат1имат.

 

40 соналъулаб педагогасул стаж буго лъималазе г1умру кьурай, гьел жиндиралголъун рихьулей Шотот1а аслияб школалъул байбихьул классазул учительница Мух1амадова Нурбика  Нурмух1амадовнаялъул. 1976 соналдаса  1990 соналде щвезег1ан Нурбикаца тарбия-лъай кьуна Ц1ада росдал лъималазе. 1990 соналдаса нахъе Нурбика х1алт1улей йиго г1агараб росдал школалда. Гьелъ лъуг1изабуна Буйнакскиялъул  педучилище ва ДГПИ. Гьелъул зах1мат к1одо гьабуна ДРялъул Лъай кьеялъул министерствалъул баркалаялъул кагъаталдалъун.

 

Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда рак1 унтун ц1алул т1алаб  гьабулев чи ккола гьелъул завуч Г1алибегов Мух1амад Г1усманович. Мух1амад Г1усманович бокьараб мехалъ ватула школалда. 1981 соналъ ДГПИги лъуг1изабун Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалде х1алт1изе вач1ана гьев. 1984 соналдаса нахъе физкультураялъул, биологиялъул учительлъун, организаторлъун ва хадув завучлъун х1алт1улев вуго Г1усманил Мух1амад.

 

P.S. Учителасул къоги баркун, к1удияб баркала кьолеб буго материал бак1аризе кумек гьабурал районалъул лъай кьеялъул отделалъул х1алт1ухъаби Дибирчуева Рукъигатие, Атаева Рашидатие ва Хунзахъ № 1  гьоркьохъеб школалъул х1алт1ухъан Батирова Рукъигатие. Лъик1аб сахлъи-рохалида таги нуж, рак1алда ругел мурадалги т1урайги.

Данде гьаруна П. Гунашевалъ.

 

 

 

 

Просмотров: 1375 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz