11-16 ноябралда Бах1рейналда т1обит1ана ММАялъул рахъалъ IММАF версиялъул дунялалъул чемпионат. Гьеб лъугьана рехсараб спорталъул тарихалда бищунго к1удияблъун. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна 76 улкаялдаса 500 ц1ик1к1ун спортсменас. Турниралда лъик1ал х1асилал рихьизаруна нилъер районцояз. Анлъгояз ккуна призалъулал бак1ал. Гьездасан чемпионаллъун рахъана Шамхалов Муртазаг1али ва Гьит1инов Рамазан. К1иабилеб бак1 щвана Х1айдаров Загьидие. Мазгарул медалал росана Шамилов Набица, Гъазиев Шамилица ва Г1алиханов Шамилица.Баркула нилъер спортсменазда щварал бергьенлъаби ва призалъулал бак1ал. Гьарула щулияб сахлъи ва жеги ч1ах1иял бергьенлъаби!
Автор.И.Мух1амадов.Ноябрь 2019 сон.
20 ноябралда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана райсобраниялъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда г1хьаллъи гьабуна районалъул бет1ерас, гьесул заместителаз, отделазул нухмалъулез, росабазул бегавулзабаз ва цогидазги.