Цебесеб номералда нижеца хъван бук1ана 8 марталъ районалда т1обит1араб руччабазул мажлисалъул ва гьелда Мах1ачхъалаялда балеб бугеб Г1иса Аварагасул (р.г1) ц1аралда бугеб рух1ияб централъе 300 азаргоялдасаги ц1ик1к1ун гъурущ бак1ариялъул. Ва амма хундерил руччабаз т1аде босун бук1ана садакъаялъул къадар миллион гъурущалде бахинабизе. Ва, гьале-рохел, ч1ух1и ва рак1 разилъи!
Дагъистаналъул Бет1ер Владимир Васильевас Халкъияб Собраниялде гьабураб хит1абалда к1вар кьуна араб соналда ккарал х1асилазде гуребги, жакъа къоялда жаниб цере ч1арал масъалабаздеги, бицана гьел т1уразариялъе х1ажатал нухазулги, х1алт1ул аслиял рахъазулги.