Гьале т1аде щвана ихдалил т1оцебесеб байрам - Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо –-8 март. Гьеб къоялъ нилъеца к1одо гьарула нилъ гьарурал, кодоре рачун реэдарал, нилъер хириял, х1еренал, кинабго рахъалъан рек1ел хинлъиялъги, т1алаб-агъазалъги нилъ сверун ккурал улбул, нилъер къадруял, къиматал, х1ажаталъур нилъер хьолбохъ ратулел лъудби, яцал ва ясал. Ч1ужуг1адан - гьей ккола инсанасул талих1, рохел, рокьи, лъик1аб щиналде анищ-хьул. Гьединлъидалин т1олабго халкъалъего хирияб бугеб гьеб ихдалил гьайбатаб байрам. Ч1ужуг1адан -эбел кидаго йик1ана ва йиго к1удияб къуват. Гьелъул х1асратаб рак1алъ къезабула киг1ан к1удиябги зах1мат-г1акъуба, къварилъи. Мекъи бук1инаро ч1ужуг1адан гьеч1они ракьалда г1умру бук1инарин абуниги. Ч1ужуг1адан гьеч1еб рукъ -гьеб буго ц1а свараб гъансито. Ч1ужуг1аданалъул кверазги, г1акълуялъги, махщалицаги г1уц1ула дунял, данде бачуна хъизан -рукъ, гьелъ жавабчилъи ц1ик1к1араб бак1 ккола жамг1ияб г1умру цебет1езабиялда. Руччабаз х1аракатаб г1ахьаллъи гьабулеб буго г1ун бач1унеб г1елалъе лъайгун тарбия кьеялдаги, халкъалъе медицинаялъул хъулухъ гьабиялдаги ва гь. ц. бут1абаздаги. Заманаялъул зах1малъабазухъ балагьич1ого гьез х1аракат бахъулеб буго хъизамалда рекъелги, рокъоб талих1ги, гъасда ц1аги, г1агарлъиялъулгун гьуинлъиги, мадугьалихъ гьудуллъиги бук1инабизе. Улкаялъул т1олалго руччабазда цадахъ лъугьун нилъер районалъул руччабазги жигараб г1ахьаллъи гьабулеб буго районалъул экономика борхизабиялъулъ, лъималазе лъай, тарбия кьеялда, сахлъи ц1униялда, росдал маг1ишат цебет1езабиялда. Дагьал гьеч1о Ват1ан т1егьазабиялъе г1оло к1вах1- свак лъач1ого х1алт1улел руччаби. Гьел мустах1икъал руго кидагосеб реццалъеги адабалъеги. Хириял руччаби! Рак1-рак1алъ баркула нужеда 8 март! Гьарула киназего г1умруялда талих1, рохел, сахлъи, хъизан -рукъалъе аваданлъи, кибго ва сундулъго сабру, г1акълу, гьабулеб ишалъулъ икъбал. Барка, магIарулай, 8 март!
«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бет1ер Н.Задиев
Районалъул Собраниялъул председатель Х.Хваджаев.