Автор.П.Гунашева Август 2014с.
Сахаб боц1и г1езабиялда бараб буго инсанасул сахлъи ц1уни.7 августалда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана ветеринариял х1алт1ухъабазул совещание. Совещаниялда г1ахьаллъана районалъул бет1ер С. К. Юсуповги.Данделъиялда гьоркьоб лъураб аслияб суал бук1ана ветеринариял х1алт1ухъабаз т1оцебесеб бащдаб лъаг1алида гьабураб х1алт1ул х1асилазул х1акъалъулъ.
Автор.Ш.Г1алиев,районалъул музеялъул директор.Август 2014с.
Умма (Умалхайр) Муратовна Х1ажи-Мурат гьаюна 1905 соналъул 10 январалда Авар округалъул Хунзахъ росулъ Кавказалъул рагъул бах1арчиясул вас Гьит1инов Х1ажи-Муратие.Уммал эбел Зулх1ижат йик1ана революционер Мух1амадМирза Хизроевасул к1удияй яц. Эменги хун хут1арай 3-4 сон барай гьей г1емераб къо бихьун г1езаюла эбелалъ. Гьелъие сундулъго квербакъи гьабула Мух1амадмирзаца. Г1ун яч1уней йик1уна ц1одорай ва сундулго рахъалъ бег1ерай яс.
Автор.Н.Г1алиева.2014с.
Дагьаб цебег1ан, ниж редакциялъул х1алт1ухъаби ун рук1ана Уздалросу, Т1агьада, Хъах1ик1к1ал росабалъе. Хал гьабуна кинаб ах1вал-х1алалда гьел росабазул г1адамаз г1умру гьабулеб бугебали, гара-ч1вари гьабуна росдал цо-цо г1адамазулгун. Рехсарал росабазул администрациялъул бет1ер Х1асанов Рах1матулагьидаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари: