Автор.П.Гунашева.Август 2014с.
Инсанияталъул г1умруялъулъ, кида бук1аниги, аслияб бак1 ккураб, г1адан хьихьараб бут1алъун ккола росдал маг1ишат. Ц1и гьабун г1уц1иялъул заманалдаса байбихьун, г1емерисел даран-базаралдеги руссун, ц1акъго г1одобе ккана гьелде улкаялъ кьолеб к1варги, риххана, ч1унтана Союзалдаго ц1ар раг1арал колхоз-совхозалги. Кин бук1аниги, нилъер районалда ц1унизе к1вана колхозал (гьанже СПКял). Г1агараб улка росдал маг1ишат бахъинабич1они, къват1исел пачалихъаздаса ричун росарал, г1езег1ан багьаял, г1емериселъул жидер пайдаялдаса зарал ц1ик1к1арал ниг1матаз хайир кьолареблъиги бич1ч1ун, санал анаг1ан улкаялъ дагь-дагьккун байбихьана гьелде к1вар буссинабизе. Росдал маг1ишат г1езебизе пачалихъалъ гьабулеб кумекалъул (субсидирование) бицеян дица гьарана районалъул росдал маг1ишаталъул управлениялъул специалистазда. Гьелъул х1акъалъулъ баян кьуна УСХялъул бет1ерай бухгалтер Мусаева Паврузатица