Автор.Н.Г1алиева.Июль 2014с.
Гьал къоязда районалъул г1адамал социалияб рахъалъ ц1униялъул управлениялъул, г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул х1алт1ухъабигун цадахъ ниж щвана Уздалросулъе хъулухъалъулаб сапаралъ. Нижер х1алт1ул мурад бук1ана росабазул г1адамазул г1умру лъазаби, г1олел, г1оларел рахъал ц1ехей, г1адатиял г1адамазулгун гара-ч1вари гьаби. Т1оцебе рехсараб росулъе ниж щведал, годек1анир г1одорги ч1ун росдал г1умруялъул, маг1ишат яшавалъул бицунел ратана нижеда цо-цо г1адамал. Гьезда гъорлъе журана ниж редакциялъул ва телевидениялъул х1алт1ухъабиги.