Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2012г.
Нилъер гьайбатаб ракь раг1араб буго унго-унгояб берцинаб
т1абиг1аталъул рорхатал муг1руздалъунги,
г1ат1идал лъараздалъунги гуребги, ц1ар раг1арал спортсменаздалъунги,
к1удиял поэтаздалъунги. Гьезда гьоркьой
йиго дунялалдаго ц1ар раг1арай, жиндир
поэзия хвел гьеч1еб реццалъеги, ц1аралъеги мустах1икълъарай Дагъистаналъул
халкъияй поэтесса Фазу Г1алиева. Гьелъ жиндирго бут1а лъуна дунялалъулго
поэзиялдаги.
|
4 декабрь… Гьорол эбелалъ гучаб кверщелги гьабун,
цивилизациялъул лъик1лъибаздаса – бухьеналдаса, токалдаса мах1рум гьарураб
г1адатаб къо. Инсанасда квегъизе к1олареб т1абиг1ияб балагьалъ къват1иб минатахъ
балеб бугеб дунялалъухъги балагьун,
циндаго рак1алде бач1ана къиямасеб къолъун ц1ик1к1унисез х1инкъизарулел ругеб
21 декабрь. Ганч1ие лагълъи гьабулел щалали «майя» индейцазул календаралда
рекъон, гьеб къо раг1ула инсанияталъул ахирисеб къо. Халатбахъараб бец1аб
сордоялде сверизе бугин г1умруян бицунеб буго цо-цо «кашмурлъи» кодосез,
бук1ине гьеч1ин я кваназе, я гьекъезе, я хинлъи, я канлъи… Х1акимзабазул
свериялда т1ибит1ун бугоан хабар, цо росдал бегавулас кванил ниг1матазул
гьарзаяб нахърател х1адурун бугин гьеб къо
г1унт1илалдеян. Дирго рак1 г1антлъиялъ «Росдае батилаха?» ян дица гьикъаралдаги ц1акъ кеп щвана гьеб
бицаразе. «Гуро жиндиего».
|
Автор.Р.Х1амзатов.Декабрь 2012г.
Гьал къоязда райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель
Батиров Саг1адулагьил кабинеталда данделъун бук1ана «Хунзахъ район»
муниципалияб г1уц1иялда цебе бугеб
нухазда х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъул комиссия. Данделъиялда
г1ахьаллъарал комиссиялъул членал –
ГАИялъул, нухазул участкаялъул, РУОялъул ва АТПялъул вакилзабаз баян кьуна
хасалил шарт1азда нухда хьвадиялда х1инкъи гьеч1олъи бук1инабиялъе жиде-жидер бут1аялда гьабулеб
бугеб х1алт1ул х1акъалъулъ.
|
Автор.П.Гунашева.Декабрь 2012г.
20 декабралда Хунзахъ
райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана терроризмалде
дандеч1еялъул комиссиялъул
(антитеррористическая) заседание. Гьелда г1ахьаллъана республикаялъул
терроризмалде дандеч1еялъул
комиссиялъул вакилзаби,
киналгоязде г1унт1ун районаздаса жавабиял г1адамал, райадминистрациялъул
бат1и-бат1иял г1уц1абазул нухмалъулел, росабазул бегавулзаби, имамзаби СМИялъул
вакилзаби ва цогидалги.
|
|