Автор.Пат1имат Гунашева.Июль 2012г.
ХХ г1асруялъул байбихьуда Россиялда пачаги т1аса рехун,
революцияги бергьун, улкаялъул бет1ерлъуде рач1ана большевикал. Гьелго
хиса-басиял лъугьана Дагъистаналдаги. Гьеб заманаялъ загьирлъана
большевизмалъул идеяби жидер г1умрудул аслулъун гьабурал, кинаб бугониги
х1инкъи-къай лъаларел, бер къач1ого бокьараб иш т1убазе х1адурал граждан рагъул
церехъаби. Гьезда гьоркьор рук1ана Хунзахъ росулъа Муслим Атаевги,
Мух1амадмирза Хизроевги. Жакъа нижее бицине бокьун буго М. Хизроевасул г1умруялъулъ
ккарал, районалъеги республикаялъеги к1вар бугел, тарихалда лъак1 тарал цо-цо
лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ.