24 январалда районалъул маданияталъулгин г1адатазул централъул к1алг1аялда т1обит1ана райсобраниялъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул бет1ерасул заместителаз, росабазул бегавулзабаз, районалъул прокурорас ва гьел гурел цогидазги.
Сессия бачана районалъул Собраниялъул председатель Хваджаев Хваджаца.
Гьенир гьоркьор лъурал суаллъун рук1ана районалъул уставалъул проект гьоркьоб лъей ва районалъул бюджеталда хиса-басиял гьари.
Россиялъул ОМВДялъул Хунзахъ бугеб полициялъул отделалъул начальник Сайпулаев Мух1амадх1ажиясул анлъго моц1алда жаниб гьабураб х1алт1ул х1исаб кьей ва бат1и-бат1иялги.
Т1оцебе районалъул бюджеталда хиса-басиял, т1адежураял гьариялъул х1акъалъулъ докладгун к1алъазе вахъарав районалъул финансазул отделалъул начальник Х1айдарбегов Х1айдарица г1одорч1аразе бицана бюджеталда гьарурал хиса-басиязул х1акъалъулъ:
1.Т1оцебесеб статьялъул 1 бут1аялда «в сумме 744723,884 тысяч рублей», абурал раг1аби хисизе кколел руго «в сумме 749857,884 тыс. рублей» абурал раг1абаздалъун, «в сумме 523047,284 тысяч рублей» хисизе кколел руго «в сумме 528181,284 тысяч рублей» абурал раг1абаздалъун.
2.Т1оцебесеб статьялъул 2 бут1аялда «в сумме 744723,884 азарго гъурущ» хисизе кколеб буго «в сумме 766793,4966 тысяч рублей».
3.Х1укму гьабуна № 2, 3, 5, 6 приложениял ц1ияб редакциялде къват1ире кьезе.
Хадуб 6 моц1алда жаниб гьабураб х1алт1ул х1исаб кьеялъулаб докладгун к1алъазе вахъана районалъул полициялъул отделалъул начальник Мух1амадх1ажияв Сайпулаев. Аслияб къаг1идаялда гьеб отделалъул х1алт1и буссараб бук1ун буго экстремизмалде данде, терроризмалде данде къеркьеялде, районалда г1адлу-низам борхизабиялде, такъсирчилъи, хъамалчилъи лъуг1изабиялде, гьарурал такъсирал рагьиялде.
Рук1ана гьесие кьолел цо-цо суалалги. Ахиралда отделалъул х1алт1уе сессиялъ гьоркьохъеб къимат кьуна.
Сессиялда гьоркьор лъурал киналго суалал рорхана ва гьел ана цоцада рич1ч1иялъул ах1вал-х1алалда.
Гъоркьехун кьолел руго сессиялъул официалиял документал.
|