Пятница, 29.03.2024, 05:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Сентябрь » 15 » ЮБИЛЕЙ. Ц1ИДАСАН, Ц1ИДАСАН Ц1АДАСТАНАЛДЕ…
19:51
ЮБИЛЕЙ. Ц1ИДАСАН, Ц1ИДАСАН Ц1АДАСТАНАЛДЕ…

Г1адатлъун лъугьахъе фестиваль байбихьана 8 сентябралда радал республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильев, Федерациялъул Советалъул Председателасул заместитель Ильяс Г1умаханов, Дагъистаналъул Х1укуматалъул нухмалъулев Артем Здунов, гьесул т1оцевесев заместитель Анатолий Карибов, Х1укуматалъулгун Бет1ерасул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсаг1идов, гьесулго заместитель Елена Ельник ва Расул Х1амзатовасул г1ага-божарал, цадахъ х1алт1аралгун гьудул-гьалмагълъигун цадахъ шаг1ирасул хабада т1угьдул лъезе иналдасан.

«Пашманлъизе ккараб жо, жакъа гьанир данделъун ругел г1емерисезулг1адин дир рес ккеч1о гьев к1удияв инсангун цадахъ г1умру гьабизе ва гара-ч1варизе. Хасго жакъа Дагъистаналда х1алт1улаго дида бич1ч1улеб буго гьесул к1одолъиги пикрабазул гъварилъиги: ч1аго вук1аго, живго поэт вук1аниги гьесда г1акълу камилав философ ва политик х1исабалда цебеккунго бихьулеб бук1ана лъугьине бугеб ва х1аракат бахъулеб бук1ана Дагъистаналъул хадусел г1елал къисматалъ гьезие х1адурун ругел зах1малъабаздаса ц1унизе. Гьес киназдаго абулаан: бечелъиялдагун ц1аралда хадур лъугьунаго аслияб жо к1очон тезе бегьуларилан – нилъее жидее г1оло г1умру гьабун бугеб Дагъистаналъул халкъ. Гьеб нухдаса кьурич1о гьев жиндирго г1умруялдаги творчествоялдаги. Щивго хут1ич1о гьесул «Къункърабаз» рак1 асир гьабич1ев. Жиндирго г1агараб гьит1инаб Ц1ада росдал х1акъалъулъ ах1арав нилъер поэтасул ц1ар дунялалдаго раг1ана. Т1олго дунялалда т1орит1арал шаг1ирасул кваркьалабиг1адин, «Хъах1ал къункъраби» акциялги г1емерал соназ ч1аго буго»,- ян абуна Владимир Васильевас. Гьединго республикаялъул нухмалъулес баркала кьуна шаг1ирасул г1агарлъигун гьудул-гьалмагълъиялъе гьесул рух1ияб нахърател ц1унаралъухъ.

Гьелдаса хадуб Мах1ачхъалаялда Ленинил комсомолалъул паркалда Лъаларев солдатасул памятникалда цебе гьабуна байрамалъулаб митинг, цинги делегация ана, Расул Х1амзатовасул рокъобе, хадуб республикаялъул хъвадарухъабазул Союзалда т1обит1ана «Халкъал цолъизарулеб поэзия» абураб темаялда гургинаб стол. Ахиралда, гьебго къоялъул къаси Расул Х1амзатов рак1алде щвезавиялъул мурадалда, Поэзиялъул театралда т1обит1ана шиг1руялъул сордоги.

Хадусеб къоялъ байрам т1обит1ана Хунзахъ районалда. Радалго Бух1нат1а абулеб бак1алда районалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас жинцаго дандч1вай гьабуна киналго тадбиралде рач1унел гьалбадерида. Гьенибго г1уц1ун бук1ана умумузул квен-т1ехалъул бечедаб тепсиги. Гьеб къоялъ шаг1ирасул Ват1аналде рач1арал гьалбадерида гъорлъ рук1ана Дагъистаналъул т1оцевесев президент Мух1у Г1алиев, республикаялъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мух1амад Ах1мадов, цо-цо районалъул цересел нухмалъулел, Дагъистаналъул бет1ерасул муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Мух1амад Камилов ва цогидалги.

Ц1ада росулъ ц1и гьабун къач1араб мемориалияб комплексалде бак1арун бук1ана г1емераб г1алам. Данделъаразе саламги кьун, тадбир рагьана районалъул бет1ерасул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас.

- Ниж кутакалда рохарал руго поэтасул Ват1аналда нуж къабул гьаризе рес щвеялдаса. Гьале 15 соналъ нилъеца «Хъах1ал къункърабазул» къоял к1одо гьарулел руго живго Расул Х1амзатовги гьеч1ого. Дунялалда миллионал г1адамазда лъала ва къимат гьабула гьесул творчествоялъул. Гьесул г1умруги творчествоги бук1ана Ват1аналъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьев Россиялъулги Дагъистаналъулги мустах1икъав васасул ц1ар даим хут1ила нижер рак1азулъ ва нижеца ц1унила гьес нахъе тараб рух1ияб бечелъи,- ян абуна гьес.

ДРялъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мух1амад Ах1мадовасги баркана киназдаго шаг1ир гьавураб къо.

- Расул Х1амзатов ккола жиндирго къисматалъги ц1аралъги поэзиялъги Дагъистан т1олабго дунялалда раг1изабурав инсан. Гьев вук1ана нилъер ракьги муг1рулги нилъер щобалги рокьулев, гьеб дунялалдаго т1ибит1изабурав т1оцевесев шаг1ир ва т1оцевесевлъун хут1изеги хут1ана. Ц1вабзаздасан нух балагьулевг1адин, Расул Х1амзатовасул творчествоялдасан лъала Дагъистанги. Исана к1удияв шаг1ир рак1алде щвезавизе нилъехъе рач1ун руго бат1и-бат1иял миллатазул 45 поэт. Гьезул щивас нилъее босун бач1ун буго рокьул гьит1инабго бут1а ва гьаниса цадахъ босизе буго Дагъистаналда бугеб рокьиги. Расул Х1амзатов вук1ана ва хут1изе вуго цогидал поэтал т1аде рахине къеркьолеб борхалъилъун, - ян лъуг1изабуна гьес жиндирго к1алъай.

Дагъистаналъул Халкъияй шаг1ир Залму Батировалъ бицана Расул Х1амзатовасул творчествоялда руччабаздехун бугеб рокьиялъ ккураб к1удияб бак1алъул. «Гьесие кутакалда рокьулаан руччаби ва ч1ужуг1аданалъул х1акъалъулъ ц1акъ берцинал ва рак1 биинабулел асарал хъвана шаг1ирас. Хъах1аб росулъа Мах1мудие цох1о Муи йокьун йик1арай ятани Расулие киналго руччаби хириял рук1ана. Гьединго гьесул творчествоялда ц1айи бугеб бак1 ккуна ц1огь, ришватчилъи, х1алх1елчилъи ва цогидалги г1умруялда дандч1валел квешал рахъал къват1ир ч1вазариялъ, - ян абуна гьелъ.

Гьединго баркиялъул к1алъаял гьаруна Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул т1оцевесев секретарь Геннадий Ивановас, Минск шагьаралъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Михаил Поздняковас ва цогидазги. Гьенибго «Хунзахъ районалъул х1урматияв гражданин» абурал шапакъатал кьуна Залму Батировалъеги, Мух1амад Ах1мадовасеги.

Гьелдаса хадуб Ц1адаса Х1амзатие ва Х1ажиегун Расулие рарал памятниказда цере т1угьдулги лъун гьалбал щвана шаг1ирасул рукъ-музеялде. Гьебго къоялъ Ц1ада рагьана Поэзиялъул рукъги. Байрамалъулаб ах1вал-х1алалда лента къот1иялъулъ г1ахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул т1оцевесев президент Мух1у Г1алиевасги.

«15 сон буго Расул Х1амзатов нилъгун гьеч1елдаса, амма гьев гьавураб къо къо к1одо гьабулеб г1адат ч1аго хут1ана ва санайил нилъехъ рач1уна т1олабго Россиялдаса ва къват1исел пачалихъаздаса гьалбал. Расул Х1амзатовгун цадахъ г1емерал тадбиразда г1ахьаллъана дун, дида вихьана гьев рохалида вугев мехалъги пашманлъиялъ къвал байдалги. Рук1ана г1умруялдаса рази гьеч1ел г1емерал, амма Расул Х1амзатовасе кидаго хирияб бук1ана г1умру. Гьесул поэзиялъ гъорлъе рачана инсанасул г1умруялъул киналго рахъал. Щибаб санайил дица ц1идасан рагьула диего Расул. Санал анаг1ан дун жеги ц1ик1к1ун ургъизе т1амула гьесул куч1дуз. Гьезул руго гъваридаб философияб маг1на. Т1олабго дунял тираниги гьесие рух1г1ан хирияб бук1ана Дагъистан. Гьесул рак1ч1араб бук1ана Дагъистан Россиялда гъорлъ бук1ине кколин абураб пикруялда. Амма кинаб Россиялда гъорлъ? Нилъедаги бат1и-бат1ияб бихьараблъидал Россия. Нилъеца араб соналъ к1одо гьабуна Расулил эемен Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса 140 сон т1убай. Х1амзатида бихьана жеги пачаясулаб Россиягицин, Расулил аслияб г1умру ана СССРалда ва гьес живго рик1к1унаан Советияв чилъун. Амма СССР биххидал, 90 аб соназ т1олабго улкаялдаго г1адин Дагъистаналдаги бугеб х1апу-чапур бихьидал, гьес абуна унго дир Дагъистанцин кколищ гьабилан? Гьединлъидал дида рак1алде ккола Расул Х1амзатов гьавураб къо к1одо гьаби цох1о кьурди, кеч1 ах1и, квана-гьекъей гуребги, шаг1ирасул асаразул х1исабги гьабун г1емераб жоялда т1ад ургъизе ккейги бугилан. Гьесул дарсалги васигатги ц1алун ургъизе ккола кире нилъ г1умруялъ рачунел ругел, кинан хьвадизе кколел ва дунялалда бугебщинабги т1екълъигун рит1ухълъи гьеч1олъиги къинабизе кинал нухал ратилелали. Цо-цо шаг1ирзабазул куч1дул рук1уна г1умрудул цо хасаб бут1аялда гурони х1ажалъуларел, ай цогидаб заманалда хурхинч1ел, амма Расул Х1амзатовасул асарал инсаният бугебг1ан мехалъ ч1аго рук1ине руго», ян абуна Мух1у Гьиматовичас.

Тадбиралъул официалияб бут1аялдаса хадуб кьурдул ва кеч1 ах1иялъул номералгун цере рахъана Дагъистаналъул бат1и-бат1иял районаздаса ва республика тун къват1иса рач1арал творческиял коллективал. Мемориалияб комплексалда аск1обго гьалбал кваназаризе х1адурун бук1араб к1удияб шатералда марк1ач1ул бер рук1к1инег1ан халатбахъарана ихтилат-кеп.

И. Мух1амадов.

Просмотров: 554 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz