3-4 ноябралда Г1арани школа-интернаталда т1обит1ана 2000 соналъ гьарурал ва жеги г1олохъанал ясалгун васазда гьоркьосеб гулби реч1ч1иялъул республикаялъулаб турнир. Гьеб г1уц1ун бук1ана жидерго х1алт1и т1убазабулаго г1умру кьурал къуваталъулаб идарабазул х1алт1ухъаби рак1алде щвезариялъул мурадалда районалъул администрациялъул ва республикаялъул гулби реч1ч1иялъул федерациялъул цадахъаб х1аракаталдалъун.
Тадбир рагьизе рач1аразда гьоркьор рук1ана рехсараб спорталъул тайпаялъул республикаялъул Федерациялъул президент Г1абдула Чупалов, тарихчи Г1алибег Хъазанбиев, районалъул рагъулав комиссар Багьавудин Шапиев, кьвагьдеялъул рахъалъ щуц1ул улкаялъул чемпион, спорталъул мастер Ферзали Джалиев, районалъул нухмалъи ва цогидалги.
Данделъаразе саламги кьун тадбир рагьана районалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас. «Дун ц1акъ вохарав вуго жакъа гьадинаб тадбир районалда т1обит1изе щвеялдаса. Нилъеца гьаб т1обит1улеб буго жидерго хъулухъ т1убалаго рух1 кьурал къуваталъулал идарабазул х1алт1ухъаби рак1алде щвезариялъе г1оло. Нилъер районалдасаги анлъго къуваталъулав къурбанлъун ккана жидерго т1адаб иш т1убалаго. Лъиего балъголъи гуро пачалихъалъул ва жамг1ияб х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъе къуваталъулал идарабазул бугеб к1варалъул. Гьел рук1инч1елани нилъги гьадин парахатго рук1инароан жакъа»,-ян абна гьес. Гьединго к1алъаял гьаруна тадбир рагьиялъулъ г1ахьаллъарал цогидазги.
Турниралда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги 10 командаялъ. Жибго турнир г1уц1ун бук1ана 5 упражнениялдасан-ВП-1, ВП-2, ВП-4 (винтовка), ПП-1, ПП-2 (туманк1). Къецазул х1асилалда г1аммаб командаялъулаб сиях1алда т1оцебесеб бак1 ккуна «Хунзахъ» командаялъ, к1иабилеб-«Ц1ияб Сугъралъ», лъабабилеб бак1 щвана Мах1ачхъалаялъул «Динамо» командаялъе. Бергьараб ва призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна дандрекъон кколел даражаялъул грамотаби ва медалал.
И. Мух1амадов.
Сурат
|