Пятница, 29.03.2024, 16:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Сентябрь » 7 » ГАРА-Ч1ВАРИЯЗДА ЛЪАНА ПИКРАБИ.
20:35
ГАРА-Ч1ВАРИЯЗДА ЛЪАНА ПИКРАБИ.

-Расул Х1амзатович, цо-цо поэтазе хасалихълъи бокьула, цогидазе рии, их. Лъазе бокьилаан дуе кинаб асар гьабулеб ихалъ?

-Муг1рул г1урччинлъулелъул, г1орал кьаралъулелъул, г1ат1идаб, гьалагаб, хъах1илаб Каспиялда лъедолел гумузул сас раг1улелъул дир каранда рак1 пархезе, ралъад г1адин, гьелчезе лъугьуна. Балагье сверухъе, балагье, бихьила г1адамазул разилъи, цоцаздехун гьезул рак1азул г1агарлъи, т1абиг1аталъул гьайбатлъи-гьелъ абулеб буго дир муг1руздеги г1одорлъабаздеги, дир г1алахаздегун ахал-хурзабахъе их бач1ун бугилан. Бач1уна гьеб щибаб соналъ г1ашикъго, разиго, рек1елъе лъугьараб кеч1 г1адин, т1оцебесеб рокьи г1адин. Их-унго-унгоги х1асратаб кеч1 буго, кеч1ин абуни-гьеб г1умру буго. Гьале гьеб кеч1:

Х1инч1алъ бусен гьабизе

Босун унеб сумалъищ,

Бурт1ил к1ут1би релъараб

Харил г1урччинлъиялъищ,

Хуриб гьанжего гьанже

Ц1и бахъараб рахъалъищ,

Оцол лълъарат1а ч1вараб

Ч1ег1ер ракьул мах1алъищ,

Иццухъ черолел ясаз

Къанц1улеб рет1елалъищ,

Къадада рак ч1валел гьал

Руччабазул кверазищ,

Рагъида киниялде

Къулараб гьаб бакъалъищ,

Бакъде кенч1олеб бугеб

Херасул мегежалъищ,

Дица абулеб буго

Их щванилан росулъе...

Гьединаб буго бищунго дие хирияб Дагъистаналъул их ва гьелъ рек1ее бицине к1оларебг1ан к1удияб асарги гьабула.

-Расул Х1амзатович, дуца рак1алда щвезабуни бокьилаан лъимерлъиялъул кидаго к1очонарел цо-цо лах1затал. Кинал гьел рук1арал?

-Г1емер рук1ана дир лъимерлъиялда талих1ал, жал киданиги к1очонарел лъугьа-бахъинал. Нилъеца школалдаги хадуб институтаздаги г1емер ц1алана нилъее г1акълаби кьурал, г1умру гьабиялъе ва гьеб лъаялъе квербакъи гьабурал чанги бат1и-бат1иял т1ахьал. Амма гьездасаги камилаб, бищунго лъик1аб т1ехьлъун лъугьана нилъее маг1арул росулъ бугониги шагьаралда бугониги г1умру арал, г1акъилал хераз бицараб раг1и, нилъерго эбел-инсуца гьарурал малъа-хъваял. Дир рек1еда кидаго хут1ана дирго инсул г1акъиллъиги эбелалъул х1еренлъиги.

Дир инсуе бокьулаан г1едег1инч1ого, г1одове виччан, хабар бицине. Гьес жеги гьит1инаб лъимер-дун лъолаан жиндирго накабазда, гъуждузде бачунаан керчаб ва хинаб хъабчил бук1он, цинги, гьоркьоб къот1изе теч1ого бицунаан бихьараб-таралъул, маг1арулазул нек1сияб ва гьанжеселъул. Инсуца цо нухалда бицараб хабар, маргьу, ц1алараб кеч1 ва гьединго кинавалиго коч1охъанас ах1араб кеч1ги бакъанги дида циндаго рек1елъе лъугьунаан ва гьеб киданиги к1очонебги бук1инч1о.

Дирго Ц1ада росдал школалда ункъабилеб классалда ц1алулелъул цо нухалда дун ана къого километрг1анасеб нух вилълъун нахъегн тун, инсул гьудуласухье. Гьесда г1емерал церегосел авар халкъалъул маргьаби, куч1дул рек1ехъе лъалаан. Ункъо сордо-къоялъ тетрадазда хъвана дица гьес бицараб ва ц1аларабщинаб кеч1ги маргьуги. Т1адвуссуда, воххиялъ, г1ажаибго бергьарал куркьбал гъурав г1адин, дида нухлул халалъиго лъач1о. Хулжазухъ бук1ана къиматаб давла.

Гьанжеги руссуна лъимал доб дир х1ат1ил расенал хут1араб нухдасан рокъоре. Гьанже лъелго гуроха, хехал машинабазда.-Гьезда кодорги рук1уна тургьби, чемоданал, хулжал. Щиб бугеб гьезда жаниб? Чан х1икматаб кеч1, маргьу щвараб нужехъе хъвазе?.. Лъаларо гьезда гъорлъ вугищали литератураялде, доб мехалъ дирго г1адин, рокьи ккарав вас. Ватани бокьилаан. Гьев вук1инаан маг1арул халкъалъул ц1ияв, хасав, дидаса ва цогидаздаса бат1ияв поэт. Гьединал поэтал гьанже чара гьеч1ого х1ажат руго. Гьез бицине ккун буго гьаб зах1матаб, х1инкъараб векалъулги жакъасеб г1умруялъулги.

Дун вохула лъималазда кодор т1ахьал рихьараб мехалда. Гьанже гьезухъе г1адин, дир лъимерлъиялда, нижехъе г1емер ц1ализе швеч1о гьел. Ц1ияб т1ехь ц1ализе кьуни, ялъуни ц1ияб маргьу бицинин раг1и кьурав чиясул ц1аназе вехьлъи гьабизе, ялъуни чу кваназабизе х1адурго вук1ана дун ва гьедин г1емериселъги ккана.

Гьит1инаб мехалдаса нахъего рокъор ниж ругьун гьарулаан зах1мат бокьизе, г1умру арал, херал г1адамазул адаб гьабизе, улбузухъ г1енеккизе, бицараб раг1ул маг1на гьабизе ва гьеб бокьизе.

Гьелде к1вар кьеч1ебани ва к1удиязухъ г1енеккич1евани дида к1велаандай нижерго школалъул къадал газеталда бахъараб т1оцебесеб кеч1 хъвазе? Гьеб кеч1 хъвана дица анц1ила цо сон бараб мехалда. Узухъда, гьеб бук1ана дие-г1умруялъго к1очонареб лъугьа-бахъинлъун.

Лъимерлъи ана дир Ц1ада росулъ. Гьеб буго кьурабазда гьоркьоб къараб росу. Гьенисан лъуна дица к1удияб дунялалъул нухде гали. Гьанже киве щваниги ва киг1анго берцинал бак1аз дир рак1 х1айран гьабуниги, дир ват1аналъул берцинаб ва гьайбатаб сурат дица сундухъниги хисиларо.

-Лъимерлъиялда щвараб г1адлуялъул ц1ал г1умруялъе чара гьеч1еб жойин абула, дуе кьурал дарсал кинал рук1арал лъимерлъиялда?

-Цо-цо мехалда абула бот1ролъ пикрабазе бак1 гьеч1ого гуро бегьулебги бегьуларебги раг1и бицунеб, т1огьисан мац1 букарун бицунин. Амма рек1елъ т1ирщич1еб раг1и к1алдисан къват1ибе кин инеб? Дие бокьулаан къват1ахъ бицунеб лъик1абги квешабги хабаралъухъ г1енеккизе. Цинги дица гьеб щвара-щваралъуб гьурщулаан. Гьединлъидал дида рокъоб к1ал-базар абунги ах1улаан.

Гьанже дица щваралщинал бак1азул, бихьараб-таралъул дирго ракьцоязда бицунелъул, рак1алде бач1уна жеги гьит1инго дие кьолеб бук1араб г1акълу: «Бицунелъухъ г1енекке»,-ян. Унго гьеб бук1ун бугеб ц1акъаб г1акълу. Дица цебеккун абуна, дица куч1дул жеги школалда ц1алулелъулго хъвазе байбихьана. Амма доб мехалда дарсал ц1алун, гьарун раг1алде рахъинег1ан столалда нахъа г1одов ч1ун ях1 гьабизе к1олароан. Инсуца дун вугеб рокъобе нуц1а къан бахъиналдего, дун щолаан нижерго рукъалъул т1охде. Цо нухалда дун вихьаравго эмен ах1дана эбелалде:

«Доб маг1ида бараб г1арщ босея гьанибе. Расул бак1ида къах1ан вухьине бокьун буго, гурони гьесул ц1алдохъан лъугьине гьеч1о»,-ян.

Дир инсул гьудул Абут1алибица абулаан: «Коч1олъ гьунарги зах1матги рекъон ккезе кколин, лъалиниб ханжар г1адинан»...

Гьанже столалда нахъа ч1аралъув, унго, дида рак1алде щолел г1емер эменги гьес кьолел рук1арал насих1аталги.

-Киналлъун рихьизе бокьилеб дуе нилъер лъимал? Щиб гьарилаан дуца гьезие?

-Бокьилаан гьел рихьизе къуваталлъун ва къвак1араллъун, жеги умумузул лъик1алщинал г1адаталги къаг1идабиги ц1унулел ва гьездаса пайда босулеллъун рук1ине. Биччанте гьезул бут1рузда т1ад зоб кьерхунгут1изе. Биччанте гьезул рокъоб даимго рекъел бук1ине. Бокьилаан гьаризе щивав васасул ва щияй ясалъул гleмерал яцалги г1емерал вацалги рук1ине. Дир вук1ана лъабго вац-к1игоял рагъда ч1вана. К1иго яцги. Руго лъабго ясги, лъабго ясазул ясалги. Дун талих1ав чи вуго.

Кидаго к1очон толаро гьит1инаб мехалъ инсуца гьарулел рук1арал малъа-хъваял: «Щиб бугониги бегьулареб жо гьабунищ, хадуб киг1анго рак1 бух1аниги, гьелъул хъублъи бац1ц1ине гьеч1о». Гьес абулаан: «Бищунго нахъег1анаб жо щиб? Х1инкъун сородулев бихьинчи.

Гьелдасаги инжитаб щиб? Х1инкъун сородулев бихьинчи»-ян. Рак1алда буго дица цох1ониги гьереси бицани инсуца дие гьабулеб бук1араб г1адлу, «Дур пикрабазул хуриб бижараб ч1ах1-къул ккола гьереси»,-ян абулаан гьес. Гьеб жиндир заманалдаго ч1арач1они, кьолболъан бахъич1они, гьелъ т1убараб хурги ц1езе бу­го ва баракатаб х1алухъиналъе бак1 гьениб хут1изе гьеч1о».

Гьит1инаб мехалда чанги жо х1ехьезе ккола гьереси, сих1ирлъиялдасаги бергьун рит1ухълъи ч1езабизе ккани. Рит1ухълъи ч1езабизе бихьинчилъи х1ажалъула чиясе.

Инсуца абулаан нижеда: «Дунан абун ч1арав чи чи гурин. Гьев ракьалде вач1ун вугин жиндирго халкъалъул вакил х1исабалда ва гьев вук1ине кколин гьеб т1адег1анаб борчалъе рит1ухъавлъун». Гьединаллъун рук1ине хьул буго нилъер гьит1ичалги. Гьит1ичазе насих1ат х1исабалда хъвараб бук1ана досул «Дир дарсал» абураб поэмаги. Гьеб байбихьула лъималазе кьолеб ц1ик1унго бег1ераб г1акълуялдалъун:

Щибаб жо г1емерлъанаг1ан

Г1адат буго учузлъулеб.

Г1ажаиблъи, адаб кинаб

Г1емерлъидал хиралъулеб?

Г1адан ракьа-гьаналъ гуро

Панзидаса вац1алъулев.

Лъик1аб-квешалда г1уж балеб

Г1акълу-тадбир къвариг1уна.

-Кеч1 г1умруялъул аслулъун рик1к1унищ дуца, Расул Х1амзатович? Гьелдехун кинаб бербалагьн бугеб дур, Дагъистаналъул г1адамазул? Кин бижараб коч1оде рокьи?

-Кеч1-гьеб х1акъикъат буго. Дагъистаналъул халкъазул поэзия г1уц1ана коч1ол кьуч1алда. Халкъиял поэтазул куч1дул хъвазе, рак1аризе байбихьана г1иц1го лъеберабилел соназда, гьелде щвезег1ан гьел г1адамаз цоцае рек1ехъе ц1алун лъалаан ва т1ирит1улаан. Дир инсул, Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзатил, рокъор дир лъимерлъиялдаса нахъего раг1улел рук1ана цоцае ц1алулелги ах1улелги куч1дузул гьаркьал ва панаял бакънал. Дида куч1дул раг1ана дир г1агараб росулъ ах1улелги. Гьел рук1ана росабалъа росабалъе кеч1 ах1изе хьвадулел коч1охъаби. Г1адамаз гьезул зах1мат г1адада толароан, щиб-щибниги кьолаан кеч1 axlaралъухъ. Лъимер гьабураб рокъосан раг1улаан кинидахъ кеч1 ах1улеб. Квешав чиясул х1акъалъулъ абула: «Гьесие эбелалъ кинидахъ кеч1 ах1ун батиларилан». Кидаялиго гьел куч1дул руччабазда г1емер лъалаан. Гьанжесел улбул ч1ух1ун рук1уна институт лъуг1иялъул дипломаздасан, кинидахъ куч1дулин абуни гьез к1очене толел руго.

Музыка нилъер гьаниб кидаго инсанасда цадахъ бу-го. Маг1арда г1ияе вехьлъи гьабулев вехьасда янгъизлъи лъаларо, гьесда цадахъ г1умруялъул берцинлъиялъул бакъан бачунеб швант1ихъ бук1уна. Муг1рузул лъаразул за г1оразул, риххулел кьурабазул хъуди, зобалазул гъугъай, х1анч1азул куч1дул-гьел киналго дир лъимерлъиялъул бакънал руго. Дие гьел рокьула, рич1ч1ула ва гьелъул рахъалъ хъвалебги буго.

-Дуда ц1ияб кеч1 хъвалелъул ургъулищ мун гьелъул кинаб къисматдай ккелебан?

-Шамилица абун буго: «Бук1инеселъул ургъел гьабулев рагъухъанасул бах1арчи лъугьунарилан». Ц1ияб коч1ол пикру боржунаго гьабула, амма гьелъул бук1инеселъул ургъелазде рег1уларо. Дие бокьилаан хъвазе куч1дул, гьезул бищунго х1инкъараб тушман-заманаялъукьа къоларел, жидеца дуниялалда нус-нус сонал ралел.

 

 

 

 

Просмотров: 583 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz