20 сентябралда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул депутатазул собраниялъул иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас, гьесул заместителаз, цо-цо росабазул бегавулзабаз ва цогидазги. Сессия бачана районалъул депутатазул собраниялъул председатель Хваджаев Хваджаца.
Сессиялда гьоркьор лъурал суалаздасан рук1ана районалъул бюджеталда хиса-басиял гьари, районалъул прокуратураялъул т1алабалда рекъон нормативиябгун правовияб акталда хиса-басиял гьари ва районалъул администрациялъул структураялда хиса-басиял.
Т1оцебесеб суалалдасан к1алъазе вахъана райадминистрациялъул финансовияб отделалъул нухмалъулев Х1айдарбегов Х1айдар. Гьес бицана бюджеталда хиса-басиял лъугьанин республикаялдасан т1аде г1арац бач1иналдалъунилан. Гьедин ЖКХялъулгун ралел бак1азул министерствалдасан Россиялъул регионазул пачалихъиял ва муниципалиял программабазда квер ч1вазе бач1ун буго 4557300 гъурущ. Гьеб г1арцуде райцентралда лъабго парк гьабизе раг1ула. Культураялъул министерствалдасан бач1ун буго 409617 гъурущ, гьездасан библиотекабазул интернеталъулгун хурхен бук1инабизе бихьизабун бугила 359617 гъурущ, хут1араб 50000 гъурущ бихьизабун буго культураялъул бищун лъик1аб х1алт1ухъабазе кьезе. Гьеб г1арцуда т1адеги районалъул бюджеталдасан биччазе кколеб буго 40500 гъурущ районалда ругел харжал МРОТалде рахинаризелъунги. Минфиналдасан бач1ун раг1ула 5615700 гъурущ районалъул бюджеталдасан г1арац щолел учреждениязда гьоркьор рикьизе ругила гьел сурсатал. Росабалъ харжал МРОТалде рахинаризеги бач1ун буго 2033600 гъурущ. Гьел сурсаталги росабазда гьоркьор рикьун ругила. Гьединго финансазул министурствоялдасан г1аммаб лъай кьеялъул пачалихъияб стандарт т1убазабизе бач1ун буго 6380 000 гъурущ, жеги 2353100 гъурущ бач1ун буго школалда цебесеб лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул харжал МРОТалде рахинаризеги. ЗАГСалъеги бач1ун буго 306292 гъурущ, ВУСалъе 565500 гъурущ. Гьеб г1арацги инеб буго харжал МРОТалде рахинаризе. Районалъ 50 ва 30 млн гъурщил къадаралда финансазул министерствоялъухъа босун бук1араб кредит, райадминистрациялдаги министерствалдаги гьоркьоб гьабураб къот1и-къаялда рекъон 7 сонил болжалалда, санайил дагь-дагьккун бец1улеб х1ал гьабун буго. Гьеб бец1изе бихьизабулеб буго исана соналдаса байбихьун. Гьелъие бюджеталдаса биччазе кколеб раг1ула 4025900 гъурущ. Гьелъие г1оло НДФПалъул план 4300000гъурщица ц1ик1к1инабизе кколеб буго. Гьездасан 4025900 гъурущ кредит бец1изе, 227900 гъурущ райцентралда паркал разе бач1араб г1арцуде т1аде жубазе.
Финансовияб отделалъул начальникасул докладалъухъги г1енеккун, районалъул 2018 соналъул бюджеталде рехсарал т1адежураял тасдикъ гьаризе х1укму гьабуна. Гьедин, исана сонил бюджеталъул т1аде бач1унеб бут1а бащалъулеб буго 745357048 гъурщида, т1аса унеб-760129337 гъурущ.
К1иабилеб суалалъул бицана Хваджаев Хваджаца. Гьес абуна прокурорасул т1алабалда рекъон къараб низамалда (закрытый режим) т1обит1улеб районалъул бет1ерлъуде кандидатал рищулеб конкурсалъулаб комиссиялъул данделъиялда, аудио ва видео записал рахъизе бегьулеб гьеч1илан.
Лъабабилеб суалалда хурхун баян кьуна районалъул юридикияб отделалъул начальник Г1абдулаев Х1асаница. Гьес бицана законалда рекъон райадминистрациялъул структураялда гьаризе кколел хиса-басиязул. Гьедин чанго отделги къан гьезул бак1азда аслияв специалист абурал ц1иял хъулухъал гьаризе кколел руго. Законалда рекъон отдел г1уц1изе ккани гьениб вук1ине кколев вуго лъабгоялдаса дагь гьеч1ев х1алт1ухъан. Цо-цо депутатаз жидерго рази гьеч1олъи загьир гьабуна гьеб суалалда хурхун. Гьезие жаваб кьуна районалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас: «Дида кутакалда лъик1 бич1ч1ула штатал къокъ гьари бигьаяб суал гуреблъи. Щайгурелъул, оптимизациялде гьоркьове ккарав чиясул хъизан хут1ула г1арацги гьеч1ого. Амма, г1адамазда бич1ч1изе кколаха цогидаб рахъги. Мисалалъе, 24 библиотека буго районалда, гьезул щибалда вуго цо-цо х1алт1ухъан. Хузахъ бугеб централияб библиотекаялдайин абуни вуго 18 х1алт1ухъан. Сундуе г1оло? Гьениб кутакаб х1алт1и бук1унищ? Администрациялдасан биччараб г1арцуца кваназарун руго гьел. Нилъеда т1ад руго ц1ик1к1арал налъаби. Гьелги цогидалги къокъ гьарич1они киса бахъун кьезе бугеб нилъеца гьеб г1арац? 70 х1алт1ухъан вуго администрациялда контракталги лъуг1ун х1алт1илел. Цогидал х1алт1ухъабазда к1оларищ гьезул бак1алда анкьида жаниб цоц1ул доре-гьанире кагътал росун хьвадизе. Нилъеда лъазе ккола нилъ киналго районалъе хъулухъ гьабизе тарал рук1ин. Депутаталги росабазул бегавулзабиги цадахъ рекъон гьабизе ккола кинабго х1алт1и, къот1изе ккола киналго х1укмаби. Цох1о районалъул бет1ерасухъа кинабго гьабун бажаруларо. Гьедин киналго цадахъ рахъун х1алт1ун Ц1ада мемориалияб комплексги къач1ан, т1адег1анаб даражаялда т1обит1ана нилъеца Расул Х1амзатовасул юбилей. Амма гьеб х1алт1улъги дида цониги депутатас г1ахьаллъи гьабулеб бихьич1о. Щибаб сессиялдеги рач1ун, гьенир квералги рорхун лъуг1уларо депутатазул х1алт1и. Щивав депутатас ц1унизе ккола жидерго росдал интересал, х1аракат бахъизе ккола ругел г1унгут1аби цоцазде т1амун теч1ого лъуг1изаризе. Гьединго жамаг1аталъул къуваталдалъун роц1ц1инабизе к1вана Г1арани лъел суалги. К1удияб баркала буго гьеб ишалъулъ кумек гьабунщиназе, хасго гьеб росдал депутат Ах1мадова Хатиматие»,-ян абуна гьес.
Гьамущисан депутат Мух1амадг1алиев Мух1амадх1ажица баркала кьуна районалъул нухмалъиялъе росулъ спортивияб школа къач1азе гьабураб кумекалъухъ. Г1оч1лосан депутат Мух1амадинов Мух1амадсайгидица гьикъана районалъул бет1ер кида вищизе вугеван ва гьеб суал ц1ац1азабиялъе г1илла щибилан. Амма гьесул суалалъе ч1ванкъаот1араб жаваб кьун бажарич1о лъихъаниги.
- ах1вал-х1алалда ана районалъул собраниялъул депутатазул иргадулаб сессия.
|