Автор И. Мух1амадов. Июль 2026 сон. 14 июлалда
Макьасда «Родина» рестораналъул территориялда т1обит1ана исанасел медалистал
к1одо гьариялъул тадбир. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ,
нилъер ракьцояв меценат Загьид Хучбаровас, цо-цо школазул директорзабаз ва
цогидазги.
«Рак1-рак1алъул
баркиялда цадахъго к1удияб баркала кьезе бокьун нужее, нужер муг1алимзабазе ва
эбел-инсуе. Жакъа нужеца рихьизарурал х1асилал рик1к1ине бегьула унго-унгояб
бах1арчилъилъун ва ниж кутакалда рохарал ва ч1ух1арал руго нужедаса.
Х1акъикъаталдаги, нуж ккола районалъул меседилал г1олилаллъун. Дир хьул буго
т1адег1анаб лъайги щун, нуж районалде т1ад руссинин ва нужерго росу-ракь
цебет1еялъе х1алт1илилан. Бицунеб раг1ула жакъа ЕГЭ кьун бажаруларин абун. Амма
нужеца бихьизабуна гьел харбал кьуч1 гьеч1ел рук1ин. Жакъа нижер х1алт1улъ
бищунго аслияб бут1а ккола лъай кьей ва нижеца кинабго къуват рехулеб нужее
лъай босизе х1ажатал шарт1ал г1уц1иялъе. Дун ц1акъго вохана исанасел
медалистазда гъорлъ г1иц1го райцентралъул ва гьелда аск1орго ругел росабазул
школаздаса гурелги, рик1к1адисел росабазул школазул выпускникал рук1иналъги. Гьелъ
бицунеб буго нилъер т1олабго муниципалитеталда лъай кьей цебет1ун бач1инеб
бук1ин», - ян абуна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас.
|
Автор Ф. Мух1амадова. Июль 2026 сон. 
Эмен: Дуе кьураб
суал ц1араб г1ужалде Ц1орозе теч1ого
т1убазе гьабе. Т1ад къараб ишалъе
къвал чучич1ого, Къебеллъухъ махх
г1адин баг1аризабе.
Вас: Эмен, дуца
хъвараб гьайбатаб кагъат, Каранда жаниб лъун,
ц1унила дица. Кагътида рехсарал
дур т1адкъаялги, Къот1араб ц1ер
г1адин, т1урала дица. Ц1адаса Х1амзат
Эменги васги… Гьезда
гьоркьоб бугеб бухьен ккола инсанасул г1умруялда бищун гъваридаблъунги к1вар
бугеблъунги. Эмен ккола васасе бихьинчилъиялъулги жавабчилъиялъулги мисаллъунги,
жиндирго г1умрудулаб х1албихьиялдалъунги рух1ияб хазинаялдалъунги гьесулъ
лъик1абщинаб куцалев насих1атчилъунги. Бакьагьеч1и росулъа Т1инч1аев
Мух1амадилгун дир лъай-хъвай ккана вацапалдасан, районалда бугеб «Память гор»
ДРООялъул нухмалъулев, СВОялъул г1ахьалчи, районалъул нухмалъулесул СВОялъул
суалазул рахъалъ кумекчи Г1абдурах1ман Г1абдурах1мановасул кумекалдалъун.
Бит1араб бицани, 1998 соналъ гьабураб «лъимергун» сундул бицинебали ургъел
бук1ана дие. Амма СВОялъул г1ахьалчи, мухъилав Т1инч1аев ватана щвалде щвараб
пикруялъул, ц1убараб бихьинаб г1амалалъул маг1арулав. Сундулъго гьес мисал
босулеб бугоан жиндирго эмен рагъухъан-интернационалист Мухтаридаса. Гьеч1оан
г1олиласулъ ясазда гьоркьов цо, хъизамалда бищун гьит1инав вук1иналдаса
гогьлъи-г1анч1лъиги.
|
Автор И. Мухlамадов. Июль 2026 сон. Районалъул чанго росабалъ, унел руго
бат1и-бат1иял х1алт1аби. Г1иц1го росабазул мукъсанабго бюджеталдаги божун
ч1еч1ого, г1емерисез бегавулзабаз х1аракат бахъулеб буго х1алт1абазе спонсорал
ралагьизе. Жалго жамаг1атазги бак1арулеб буго г1арац росдал х1ажалъабазе.
Гьамущи х1ухьбахъиялъул парк Гьал къоязда «Жилье и городская
среда в Республике Дагестан» абураб программаялда рекъон росулъ байбихьана
ц1ияб х1ухьбахъиялъул парк баялда хурхун х1алт1аби. Гьелъул г1ат1илъи бук1ине
буго 250 квадратияб метр. Проекталда рекъон, гьенир рук1ине руго скамейкаби,
лъималазул гьелчерабигун хъещт1ераби, кьишнидул урнаби, лъезе руго
видеокамераби ва паркалъул территория сверун къазе буго маххул решеткабаз. Сметаялда рекъон объекталъул г1аммаб багьа бахунеб буго 1
285 878 гъурщиде. Г1ага-шагарго, рииялъул ахиралдехун киналго х1алт1аби
раг1алде рахъине рак1алда бугилан бицана росдал бегавулас.
Ччук1ун бач1унаредухъ, сверун
бетоналъул къедги гьабун ва жеги г1ат1ид гьабун, къач1алеб буго росдал
хабзалалъе бугеб нух. Бетон т1езе буго жибго нухдеги. Гьеб х1алт1и гьабизе цо
миллионгун к1инусазаргоялдаса ц1ик1к1ун гъурущ бак1арун буго жамаг1аталъ ва
цо-цо хасал спонсораз.
|
Автор М. Гlумаров. Июль 2026 сон. Хъатг1анасеб Байикь росдал 65 хъизамалдаса 35 чи ана К1удияб
Ват1анияб рагъде, гьезул бащадаздаса ц1ик1к1ун-19 ял нахъруссун гьеч1о.
Ват1аналъе г1оло рух1 кьуразул бах1арчилъиялъе нуг1лъун, гьел дуг1адулъ
рехсеялъе сабаблъун бахъун ч1ун буго росдал хабзалалъ гьезул ц1арал т1ад
рек1к1араб зани. Аллагьас мунагьал чураги киналго бах1арзазул.
1849 абилеб соналъ Хьаргаби росдада г1агарлъуда Шамил
имамасул бодул рагъухъан, Байикь росулъа Х1усен, шагьидасул хвелалдалъун
къадаралде щвана. Гьесул хвел раг1изабизе вач1унев чапарги ва гьесие вас
гьавиялъул рохел гьесухъе щвезабизе вач1унев чапарги Аварг1оралъул к1иябго
рахъалда данделъула. Гьавурав васасда рагъда ч1варав инсул ц1ар лъола.
|
Автор Ф. Мух1амадова. Июнь 2026 сон. Мах1муд
Г1абдулхаликъов, Г1агарав
чи, дир гьудул,
Дагъистаналъул
артист, Аваразул
Насрудин!
Исламалда
абула, г1адамазе рохел, гьими бикьиги садакъа кколилан. Г1емерал гьеч1о
районалъул г1адамал жидеца щивасул рек1елъ рокьиялъул, берцинаб бербалагьиялъул
асар тарал.
Гьезда
гьоркьор ц1акъго дагьал руго х1акимлъиялъул сверудаса чаг1и. Дун йохарай йиго
хундерил творчествалъулал г1адамал мат1уг1ан рац1ц1адалги, хун хадургицин
«Лъик1ал рук1анин, х1ал Алжаналъуб батаги» ян рехсолеллъун хут1иялдаса.
Гьединазул цоявлъун вуго «Дагъистаналъул артист, аваразул Насрудин» Мах1муд
Г1абдулхаликъовги. Исана т1убала гьев гьавуралдаса 100 сон. 60 соналдаса
ц1ик1к1ун г1умрудул сонал РСФСРалъул мустах1икъав артистас кьуна театралияб
искусствалъе.
Гьавуна
Мах1муд нилъер районалъул Гъоркьколо росулъ. Школа лъуг1арав 16 сон барав чи
вач1ана гьев Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб музыкалиябгун драмаялъул
Авартеатралде. Рагъде киналго артистал араб 1941 сон бук1уна доб. К1иго моц1ил
х1албихьиялъул болжалгун театралде восарав Г1абдулхаликъовас бихьизабула
жиндирго театралияб бажари-гьунар…. ва заманалдасан гьев лъугьана халкъалда
гьоркьов вокьулев ва машгьурав артистлъун. Россиялъул Халкъиявгун мустах1икъав,
Дагъистаналъул Халкъияв артист, Зах1маталъул Баг1араб Байрахъалъул, Гьудуллъиялъул
ва «Знак Почета» орденазул кавалер, г1емерал грамотабазулгун шапакъатазул
бет1ергьан, гьелда гьоркьоб аслияб-публикаялъ рак1алъ восарав инсан, Артист.
|
|