Воскресенье, 09.08.2026, 22:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Июнь » 22

Автор И. Мухlамадов. Июнь 2026 сон.

Исана 50 сон т1убала машгьурав г1алимчи, техникиял г1елмабазул доктор, профессор, Дагъистаналъул АССРалъул мустах1икъав г1елмияв х1аракатчи, ракетабазул яргъилгун космосалъул технологиязул разработчик, нилъер районцов, Т1анусиса Г1алиевазул ц1ар раг1араб хъизамалда кунч1араб цогиги гвангъараб ц1ва – Шамил Г1алиевас жиндирго г1елмиябгун лъай кьеялъул х1аракатчилъи байбихьаралдаса. Гьединго, гьал къоязда т1аде щола гьев гьавураб къоги. Г1алимчиясда к1иябго байрамги баркун, районалъул СМИязул къокъа гьесул х1алт1улаб кабинеталде гьоболлъухъе щвейдал, нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

- Шамил Гьиматович, т1оцебе кин рак1алде ккараб г1елмияб нух т1аса бищизе? -

Дие лъимерлъул заманалдаго ц1акъ интерес бук1унаан бакъ-моц1алъулгун ц1вабзазул. Къаси-къаси кидаго ц1вабзазухъ валагьун вук1унаан гьит1инав дун. Гьезул г1емерлъиялъги гвангъиялъги рик1к1алъиялъги г1ажаиблъизавурав дир пикрабазул кунч1и киса-кибего щолаан. Дица чанго нухалъ х1албихьана гьезул къадар рик1к1инеги, амма бажаруларон. Г1елмуялде т1амураб т1оцебесеб галилъун рик1к1ине бегьула Избербашалда бук1араб Интернатги лъималазул рукъги цадахъ бугеб бак1алде щвей. Инсуца гьениве ц1ализе кьун вук1ана дун. Гьениб дида т1оцебе бихьана ралъад ва гьелъ жеги ц1ик1к1ун г1ажаиблъизавуна дун. Дида ч1ах1иял умумуз бицунеб раг1улаан цо лъилалиго т1убараб г1умру ун бугин иццул бет1ер балагьулаго, амма кинго батун гьеч1илан. Гьеб хабарги рак1алде щун, дица пикру гьабуна гьадиг1ан к1удияб ралъад г1езег1ан г1емераб лъим гьанибе лъица ва кинандай т1урабин абун. Амма киг1ан ургъаниги, дида гьелъие жавабги батулеб бук1инч1о. Дица гьеб ц1ехолеб бук1ана сверухъ ругелщиназдаги.

Просмотров: 80 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.06.2026 | Комментарии (0)

Автор Ш. Хъазанбиева. Июнь 2026 сон.

Эбелалъул кочIол хIайранаб бакъан,                                      МугIрул киниялда байбихьи бугеб.                                      Сабрудал расеназ куркьбал гъураб гьелъ,                            Дуниял сверул лъимергун цадахъ.                                    МагIуялъ лъалъараб, рухIелалъ цIураб,                         Нуцалай, дур кочIол роцен кинабдай?                                  РекIел тIегь бекараб къваридал къояз,                              ЦIидасан угьдичIищ дур кинидахъ кечI?                МухIамадханида цадахъ битIараб                                    Дур кечI пашманго тIад буссун бачIана.                            Гьев цIунизе жинхъа бажаричIила,                          Гьелъул угьди рагIун, сородана мун.                                      Нуцалай, бахиллъун йиго дун дуда,                                        Дур къохIехьеялда ва къвакIиялда.                      Аллагьасул хъвайин, гьесул къадарин,                                  Къадруяб дур кечIалъ ахIулеб буго.                                        - ЧIаго тIад вуссинин къотIиги гьабун,                                Ун гурищ вукIарав, МухIамадхан, мун.                      Кинида кьучI лъураб бабал кочIое,                                      Кьураб рагIиялъе щай мутIигIлъичIев?                          - Эбелалъул кочIол хIайранаб сарин,                                         ВатIаналъул кечIгун цолъана дие.                                    Россиялъул солдат, улкаялъул вас –                                ВатIаналъе гIоло къанщана берал.                                  Эбелалъул кочIой дун хилиплъичIо,                       Хиянат гьабуна рекIкIаб гуллица.                                Гьеб кечIалъ малъана жеги гьитIинго,                                Эбелги ватIанаги цо даражайин.                                  Эбел, дур кочIое дун хилиплъичIо –                                Гьеб гурищ букIараб дур кочIол магIна?                              Улбузул кечI цIунун, босана дир рухI –                                  Тарбиялъул дарсал гьедин рукIинчIищ?     

Просмотров: 35 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.06.2026 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Июнь 2026 сон.

13 маялда Хунзахъ т1обит1ана КПРФалъул районалъул отделениялъул партиялъул х1исабкьеялъулгун рищиялъулаб конференция.

Т1оцевесев секретарь Мух1амад Мух1амадовас х1исаб кьуна ахирисеб к1иго соналда жаниб гьабураб х1алт1ул. Гьедин, районалдаса партиялде лъугьун вуго 12 чи ва жакъа гьенив г1ун вуго 95 член. Бак1арун буго 17 000 гъурущ взносазул. 2025 соналъ т1орит1арал рищиязда бак1алъулаб отделениялдасан лъабго участокалде депутатлъиялде рихьизарун рук1ун руго 13 кандидат. Гьездасан анлъго кандидат вищун вуго бак1алъулаб самоуправлениялде депутатлъун, гьездасанги лъабго депутат ворч1ана райсобраниялде. Араб соналъул августалда партиялъул бак1алъулаб отделениялъул командаялъ г1ахьаллъи гьабуна республикаялъул т1оцевесев президент Мух1у Г1алиевасул 80 сонилаб юбилеялда хурхун т1обит1араб руччабазул волейболалъул турниралда.

Просмотров: 32 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.06.2026 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz