Автор И. Мухlамадов. Май 2026 сон. 15
маялда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб маданияталъул к1алг1аялда
т1обит1ана райцентралъул данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна росдал бегавул
Мух1амад Т1алх1атовас, гьесул заместитель Т1агьир Мух1амадовас, диниялгун
жамг1иял х1аракатчаг1и Ах1мад Абужанатовас,
Малах1усен Х1усеновас ва Къурамух1амад Абух1овас.
Данделъаразе саламги кьун, бегавул Мух1амад
Т1алх1атовас жамаг1аталда цебе х1исаб кьуна жив хъулухъалде вач1аралдаса нахъе
гьабураб х1алт1ул. Гьедин, чабахги бан ва цо-цо бак1аздасан г1ат1идги гьарун
къач1ан руго райцентралдаса Гъонохъ, Хьини ва Нак1к1икь росабалъе унел нухал.
Къач1ан руго Гъонохъ, Байикь, Ч1ондокь ва Гиничукь росабазул жанисел къват1ал.
Ч1ондокь х1адурун буго спортивияб инвентарь лъезе площадка. Гьединго чабахги
баччун ва цо-цо къват1азде хъил ва бетон т1ун къач1ана райцентралъул къват1ал.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2026 сон. Машгьурав г1алимчи, литературовед,
фольклорист, филологиял г1елмабазул доктор, бат1и-бат1иял суалазда хурхун 300
ялдасаги ц1ик1к1ун г1елмиял х1алт1абазул автор, филологиялъул бут1аялда Россиялъул
г1елмабазул академиялъул (РАН) Югалъулаб Россиялда вахъарав т1оцевесев
академик, «Х1урматалъул г1аламат», «Халкъазул гьудуллъиялъул» ва цогидалги
г1емерал пачалихъиял шапакъатазул бет1ергьан, нилъер ракьцояв, Ц1адаса
Х1амзатил машгьураб хъизамалда кунч1араб цогиги гвангъараб ц1ва - Х1ажи Х1амзатов
гьавуралдаса 100 сон т1убаялда хурхарал тадбирал т1орит1ана исана лъаг1ел
байбихьаралдаса нахъе цин Москваялда, хадуб Мах1ачхъалаялда. Амма исанасеб сон
районалда г1алимчиясул сонлъун лъазабун бук1инги х1исабалде босун, тахшагьаразда
т1орит1араздаса къеч1еб даражаялда академикасул юбилей к1одо гьабуна 14 маялда
гьесул гьит1инаб Ват1ан – Хунзахъги.
Гьедин,
тадбир байбихьана радал, Ц1ада росулъ рик1к1ен г1емерал гьалбаз районалъул
нухмалъигун цадахъ г1алимчиясе бараб памятникалда цере т1угьдул лъеялдасан.
Хадуб гьел щвана Ц1адаса Х1амзатил рукъ-музеялде, халгьабуна гьениб г1уц1ун
бук1араб тематикияб цебелъеялъухъги.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2026 сон. 5 маялда райадминистрациялда
т1обит1ана районалъул терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК)
иргадулаб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер, комиссиялъул
председатель Нурмух1амад Задиевас, гьесул заместитель Х1амид Гьит1иновас,
республикаялъул УФСБялъул Хунзахъ бугеб районазда гьоркьосеб отделалъул
нухмалъулев Шамил Г1умаровас, РЭСалъул ц1ияв начальник Г1умар Г1исаевас, муниципалитеталда
ругел МЧСалъул, къуваталъулалгун ихтиярал ц1унулел идарабазул вакилзабаз ва
цогидазги.
Киназего саламги кьун, данделъи
рагьана районалъул нухмалъулес. Гьес рак1алде щвезабуна терроризмалда данде
къеркьеялъул бут1аялда т1обит1улеб х1алт1и чучлъизе тезе бегьунгут1и ва т1аде
щолел ругел байрамкъоязул заманалда х1инкъи гьеч1олъиялде кьолеб к1вар
ц1ик1к1инабизе ккей. Гьединго кинабго х1алт1и цох1о хасал идарабазде рехун
теч1ого, жалго г1адамазги ц1одорлъи гьабизе кколилан т1адеги жубана.
|
Автор П. Шамилова. Май 2026 сон. 22 июнь 1941 сон. Сардилъ г1ужалъ г1асияб хъудиялъ макьидаса
борч1изабураб советияб халкъ. Соролеб гьаракьалъ Левитаница лъазабулеб буго,
фашистазулаб Германия божут1а рек1к1 гьабун нилъер улкаялде рагъгун т1аде
к1анц1анилан.
Байдабазде бак1арараб халкъ, г1одулел руччаби, рукъун
заралгун къерщезарулаго цабигун ццидалъ ч1арал бихьинал, щибго бич1ч1уларого
улбузул гвердазул квенч1елалги ккун иргадал гьезухъ балагьун хаган хут1арал лъимал. Школа лъуг1иялъул
сух1маталдаса къват1ире рач1унаго, балугълъиялъул аттестат кодобе щвелалде
ярагъ кодоб кквезе ккарал, сух1маталде рет1ераб хъах1аб рет1ел биялъ белъараб,
мусруялде сверараб аза-азар улкаялъул г1олилал.
Гьедин байбихьана 4-го соналдасаги ц1ик1к1ун халат бахъараб
К1удияб Ват1анияб рагъ.
Г1емер г1олилал ана рагъде эбел-инсулгун, г1агарлъиялъулгун
къо-мех лъик1 гьабич1ого. Дир росулъаги ун руго гьединго бат1и-бат1иял
районазда х1алт1илел рук1аралги, гьенисанго т1адги руссинч1о г1емерисел.
|
Автор Мухlу Гlалиев. Апрель 2026 сон. Залму Батировалъул икъбаллъун дица рик1к1уна гьей
Хунзахъ росулъ, адабияталъул рахъалъ бечедаб, художествияб раг1ул г1асрабазго
къимат гьабулеб, машгьурал хъвадарухъабигун шаг1ирзабазул ват1анлъун кколеб
Хунзахъ районалда гьаюрай йик1ин. Рехселин район машгьурлъизабурал халкъиял
хъвадарухъабазулгун шаг1ирзабазул ц1арал: Мух1амад Сулиманов, Загьид Х1ажиев,
Ц1адаса Х1амзат, Расул Х1амзатов, Фазу Г1алиева, Г1абасил Мух1амад. Шаг1ир
гьеч1еб росуго батиларо гьениб. Рак1алде рач1уна Бестужев-Марлинскиясул раг1аби:
«Кавказалъухъ валагьидал, шаг1ирлъун вахъинч1ищ мун, щайгурелъул гьадиг1ан
зобалазде г1агарлъидал, гьевлъун вахъинч1олъи буго адаб тей».
Республикаялдаги гьеб тун къват1иехунги рик1к1уней шаг1ирлъун
Залму Батирова яхъана къисматалъ еэдун гуреб, жиндирго пагьмуялъги зах1мат
бокьиялъги куцан. Гьелъул буго г1емеррахъазулаб гьунар. Гьеч1о гьелъ г1оч1ода
ч1вач1еб, гьелъул пикру хъинт1ич1еб цониги тема: тарих, социалияб г1умру,
рек1ел балъгояб асар загьир гьабулеб лирика. Гьелъ хъвана к1иго мухъалъул,
ункъмухъилал, анлъмухъилал, микьго мухъалъул асарал ва к1удиял къисабигун
пьесаби. Гьелъ хъвала бигьаго, эркенго; гъираялда г1енеккула гьелъухъ ва ц1алула
гьелъул асарал. Гьелин абуни, В. Белинскияс абухъе, «чвахун рач1унел ва
т1адагьал» асарал гуро гьел.
|
Автор "Росдал Захlматчи". Май 2026 сон. ХIажи
ХIамзатов гьавуна 1926 соналъул щуабилеб маялда Хунзахъ районалъул ЦIада
росулъ, халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатил хъизамалда. 1943 соналда лъугIизабуна
ГIараниб росдал школа, 1948 соналда – Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб
институт ва 1960 соналда – КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Партиялъул тIадегIанаб
школалъул журналистикаялъул отделение.
1949-1952
соназда хIалтIана СССРалъул РАНалъул Дагъистаналъул филиалалда бугеб ЦIадаса
ХIамзатил цIаралда бугеб Тарихалъулгун мацIалъул ва адабияталъул институталда,
цин лаборантлъун, хадуб – гIелмияв хIалтIухъанлъун ва гIелмияв секретарьлъун,
1952-1957 соназда вукIана гьебго институталда кIудияв гIелмияв хIалтIухъанлъун,
КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Дунялалъул адабияталъул институталъул Дагъистаналда
бугеб филиалалъул нухмалъулевлъун. 1962-1963 соназда вукIана ИЯЛИялъул гIелмияв
секретарьлъун.
|
|