Автор М. Мух1амадов. Апрель 2026 сон.
Исана 5 маялда нилоъер ракьцояв, Ц1ада росулъа академик Х1амзатов Х1ажи Х1амзатович гьавуралдаса т1убала 100 сон. "Лъаг1алил юбилярал" рубрикаялда гъоркь нижеца газеталда рахъизе руго гьесул г1умрудулги г1елмудалги х1акъалъулъ академикасул гьудул-гьалмагъзабазул ва цадахъ х1алт1аразул рак1алде щвеялгун макъалаби.
ХIажилгун
дир лъай-хъвай ккана 1984 соналъул июналда МахIачхъалаялда. Гьесул
кабинеталъуве дун вачана дир мугIалим, доцент (гьанже филологиял гIелмабазул
доктор, профессор) МухIума ЧIегIерчиевас. Дица лъугIизабун букIана филологияб
факультет ва кодоб букIана дун аспирантураялде витIараб ва ДГПИялъул ректор АхIмад
МухIамадовас гъулбасараб кагъат. Нижехъги гIенеккун, ХIажи ХIамзатовичас абуна
институталда лъикIал ресал ругила гIелмуялда тIад хIалтIизе бокьарав чиясе,
амма гIалимчи вахъиналъул иш дудаго бараб бугин.
Дагъистаналда
гуманитарияб гIелмуялъе кьучI лъолаго, ХIажи ХIамзатовичас Дагъистаналъул гIелму
бечелъизабуна адабият ва мацIал лъазариялъул, фольклор ва искусство
цебетIезабиялъул цIиял пикрабаздеги масъалабаздеги кIвар кьун, гъваридал
цIех-рехал гьариялдалъун. Гьес жиндирго хIаракатчилъиялъулъ пайда босулаан гIурусазул,
европаялъулазул ва бакъбаккул рахъалда ругел халкъазул культураялъул
лъикIабщиналдаса ва цебетIурабщиналдаса.