Автор.Полициялъул начальник, майор М. Сайбулаев.Октябрь 2018 сон
Хунзахъ районалда бугеб Россиялъул ОМВД-ялъ 2018 соналъул 9 моц1алда жаниб жиндирго хъулухъ т1убазабулеб бук1ана аслиял цере ч1арал масъалабазда рекъон, ва гьединго районалъул г1урхъабазда бугеб такъсирчилъиялъул ах1вал-х1алалда рекъон.Россиялъул Хунзахъ районалда бугеб ОМВД-ялъул аслиял масъалабилъун рук1ана ва гьабсаг1аги руго экстремизмалдеги терроризмалдеги данде гьабулеб къеркьей; нилъер г1адамазул эркенлъи, гьезул г1умругун сахлъи ц1уни, такъсирчилъиялде данде рагъ гьаби, жамг1ияб низам ва жамг1ияб х1инкъи гьеч1олъи ц1уни.