Автор.И.Мух1амадов.Февраль 2018 сон.
1 февралалда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъ 2017 соналда гьабураб х1алт1ул х1исаб кьеялъул данделъи.
|
Гьал къояз Дагъистаналда лъугьунеб-толелъ бат1и-бат1ияб асар гьабич1ев чи рик1к1адаб колодацин ватиларин абизе к1ола дида. Х1укуматалъул Бет1ергун цадахъ т1олабго Дагъистаналъул т1алъи х1алт1удаса нахъе бит1и, гьеб г1еч1елъубе-гьезул цо-цоял туснахъ гьари лъугьана роц1араб зоб гъугъан гьарччал рараб г1адаб лъугьа-бахъинлъун.Цоял-рохана, цойгидал-иргадулъе ккеладаян ургъалилъе ккана, лъабабилел, дун г1адин, рек1екълъана. Щайиланищ нуж? Бук1ине кколеб тамих1алде такъсирчаг1и (гьеллъун рик1к1уна дица ват1аналъе хиянат гьабулел) ц1аялдаса гуро, йохъ. Рек1екълъана цебе бакъулаб Дагъистаналъул т1алъуда рук1арал къап1арал муг1рузул васалги рак1алде щун… Лъеберго соналдасаги ц1ик1к1ун заманалъ -бат1и-бат1ияб нухмалъиялъул хъулухъазда, зах1матал, рагъда хадусел соназ республикаялъул партиялъул обкомалъул т1оцевесев секретарлъун х1алт1изе ккарав, х1акъикъаталдаги «халкъияв х1акимилан» ц1ар щварав Г1абдурах1ман Даниялов…
|
«Биччанте, МухIамад, цо щобил бакъан»- щибаб аваданаб горсверулъ ахIулеб машгьураб кечI, магIарул халкъалъе къабулаб бакъан.. Исанасеб февралалъ гIумруялъул 80 сон тIубалаан магIарулазул бакъназул устар, Майиндур ТIалхIатов гьавуралдаса. Лъабго сон буго гьев Аллагьасул къадаралде щваралдаса. Ккана 12 соналъ цебе гьабураб гара-чIвари цIидасанги магIарулазе бикьани лъикIин ккана нижеда. КучIдузда куркьбал гъезе бакънал рукIинчIелани дуниялго гIинкъаб букIинаан. Цогидал гьунаразда дандеккун бакъназул устарлъи цIакъго хIикматаблъунги бихьула. КечI-бакъан бокьулел магIарулазул гIемерал гьечIо гьеб махщалил устарзаби. Консерваториязда цIалун хасаб лъай щвечIониги, жидер гьунаралъ маданият бечед гьабуразул цояв вуго Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан ва искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи Майиндур ТIалхIатов. Цо-цо гьединал къиматал г1адамазда гьоболлъи бала маг1арул мухбирзабаз. Бакъназул, кучIдузул, гьел ахIулезул бицун гьадинаб гара-чIвари ккана нижер Майиндур ТIалхIатовасулгун.
|
|