Кутакалда ц1ик1к1араб баркат бук1уна зияраталъул гьеб жаниб бугеб росу-ракьалъе. Абусмуслим-шайихасулг1ан машгьураб зиярат нилъер районалда батиларо. Киданиги камуларо гьеб зияраталде рач1унел г1адамал. 14 маялъ Хунзахъе зияратазде вач1ун вук1ана Шамил районалдаса 500-г1ан чи.
Берцинго, г1уц1араб х1алалда, лъик1аб х1адурлъиялда рач1ана гьалбал зияраталъ. Абулмуслим-шайихасул ц1аралда бугеб мадрасаялъул директор Мух1амад-х1ажи Мух1амадовасул ва Абулмуслим-шайихасул ц1аралда бугеб районалъул жамг1ияталъул председатель Ах1мад Х1усеновасул нухмалъиялда гъоркь зияраталде рач1аразда дандч1вай гьабуна районалъул жамаг1аталъул вакилзабаз ва диниял церехъабаз. Т1оцере гьалбал щвана Абулмуслим-шайихасул зияраталде. Гьеб бугеб мажгиталда цере ч1ана цин гьел. Г1адамазул г1умруялъулъ дин-исламалъ кколеб бак1алъул, гьелда рекъон хьвадизе ккеялъул данделъаразе бицун цере рахъана Мух1амад Мух1амадов, Ах1мад Х1усенов ва «Шамил районалъул г1олилал» ДРООялъул председатель Суракъат Вагьабилов.
Абулмуслим-шайихасул зиярат бугеб мажгиталда какалги ран, дуг1а-алх1амги гьабун, киналго ана Дагъистаналъул к1иабилев имам, Гьоц1алъа Х1амзатил ва цогидалги зияратазде. Зияратаздеги щун, лъик1аб гьудуллъи-гьалмагълъиги гьабун, нахъе-нахъеги рач1ине хьулалда разиго ана гьалбал т1ад руссун.
П. Гунашева.
|