Среда, 24.04.2024, 12:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 28 » ЖИГАРАЛДА Х1АЛТ1АНИ…
20:44
ЖИГАРАЛДА Х1АЛТ1АНИ…

2014 соналда Хунзахъ рагъулабгин спортивияб профилалъул гьоркьохъеб школалде директорлъун т1амуна Мух1амадинов Мух1амадсайгид Г1алиасх1абович. Х1алт1изе лъугьараб т1оцебесеб къоялдасанго, к1удияб жигарчилъиялда байбихьана гьес ц1алулъ, г1адлу-низамалъулъ ва класстун къват1ибехун гьабулеб х1алт1улъ школа цересезул кьеразулъе бачине. Щварал грамотабазул, баркалаялъул кагътазул бицинч1онигицин, гьаб ахираб 3 соналда жаниб школалъе щун руго бат1и-бат1иял спортивиял къецазда бергьенлъаби росун 9 кубок. Гьезда гьоркьор руго Россиялъул ц1алдохъабазул риидалилаб кьвагьдохъабазул спартакиадаялда бергьенлъи босун щвараб гуребги, республикаялъул г1олилазда гьоркьор т1орит1улел къецазда цересел бак1алги росун Дагъистаналъул г1олилазул ишазул рахъалъ Министерствоялъ, райадминистрациялъ кьуралги. Жакъа нижгун дандч1варав школалъул директор Мух1амадсайгид Г1алиасх1абовичасда гьарана нижеца школалъул ц1алдохъабазул бергьенлъабазул ва ккарал хиса-басиязул бицеян. Гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

-Мух1амадсайгид Г1алиасх1абович, бергьенлъаби т1аса унгеги нужедаса. Бокьилаан нужер бергьенлъабазул х1акъалъулъ дагьаб г1ат1идго ц1алдолезе бицани.

Школалда ц1алулев вуго кинавниги 75 ц1алдохъан. Гьел ккола нилъер районалъул 23 росулъа ва 8 бат1и-бат1иял районаздаса, Мах1ачхъалаялдаса рач1арал лъимал. Бат1и-бат1иял школазда ц1аларал лъималазул бук1уна, киг1анго цого классал лъуг1ун ругониги, бат1и-бат1ияб лъайги, тарбияги. Гьезие лъик1аб лъайги, тарбияги кьей, гьел цоцалъ гъункизари ккола нижер т1оцебесеб к1варалъул масъалалъун.

Ц1алиялда цадахъго школалъ к1удияб к1вар кьола класстун къват1ибехун гьабулеб х1алт1иялдеги, физкультураялдегун спорталдеги. Нижер школалъул ц1алдохъаби дарсал лъуг1ун хадуб къват1ал сверулел рук1унаро. Буго гьезие школалда ч1езабураб низамги, рек1елгъейги. Гьелъги батила, ц1алдохъабазул къойидаса къойиде гъира бахъунеб бугеб школалдагун районалда т1орит1улел тадбиразда г1ахьаллъизе, гьенир цересел бак1ал росизе. Гьедин, дагьал церег1ан къоязда нижер школалъул ц1алдохъаби т1ад руссана районалъул школазул туристазулгин край лъазабулезул слеталдаса 15 командаялда гьоркьоб т1оцебесеб бак1ги босун. Араб соналдаги щун бук1ана школалъе гьебго слеталда 1-себ бак1 ва г1ахьаллъун бук1ана республикаялъул конкурсалдаги. Гьелда г1ахьаллъизе рач1ун рук1ана республикаялдасаго церет1урал, хас гьабун гьелде к1вар кьолел специализированныял командаби. Бугониги, нижее гьенибги 3-леб бак1 щвана. Гьединго Халкъазда гьоркьосеб музеялъул къоялъул х1урматалда, районалъул музеялда т1обит1улеб бук1ана «Музеялда сордо» абураб тадбир. Гьелъул программаялда гьоркьоб бук1араб квесталдаги школалъул ц1алдохъабаз т1оцебесеб бак1 ккуна. Гьелда гъорлъе рачун рук1арал т1адкъаял рук1ана гьезаг1ан нилъер районалъулгин улкаялъул тарих лъазе, суалазда хадургъей, нахъг1унт1и х1ажалъулел.

К1удияб Ват1анияб рагъ лъуг1аралдаса 72 сон т1убаялъул х1урматалда районалда т1обит1араб «Жея, васал!» абураб конкурсалда т1оцебесеб бак1ги босун школалъул команда г1ахьаллъана ДРялъул муг1рузулаб зонаялда т1обит1улеб конкурсалда, гьенибги 1-себ бак1ги ккун, гьеб борч1ана республикаялъулаб конкурсалде. Республикаялда т1обит1улеб гвардиялъул полковник Х1амзат Х1амзатов рак1алде щвезавиялъул кьвагьдеялъул турниралдаги школалъ босана т1оцебесеб бак1. Кьвагьдеялъул конкурсалда школалъул 2 яс яхъана Дагъистаналъул чемпионкалъун.

-Ц1алулъ кколел х1асилал кинал ругел?

-Исана школа лъуг1ун къват1ире риччазе ругел ц1алдохъабазда гьоркьор нижер вуго 3 медалист. Рак1алде ккола ЕГЭялдаги щибго квал-квал ккеч1ого гьезул мурад т1убалилан.

Ц1ализе бокьарав чиясе школалда киг1анги лъик1ал ресал руго. Дарсал лъуг1ун хадуб кваназеги, спортивиял секцияздеги, кружоказдеги ун хадуб, ц1алдохъабазе хадусеб къоялде дарсал х1адуризе къасисел занятиял т1орит1ула. Гьениб иргадал цо-цо учительги, воспитательги г1ахьаллъула лъималазул суалазе жавабал кьезе ва х1ажатаб кумек гьабизе. Амма нижее квал-квал бук1уна щибаб соналда школалде бат1и-бат1иял бак1азда ц1аларал ц1алдохъаби рач1унел рук1иналъ. Г1емерисел т1аде рач1унел ц1алдохъабазул, нижерго школалда г1одоса эхеде ц1аларазулг1адаб лъай бук1унаро. Нижерго школалъул ц1алдохъабазул лъаялъул даражаялде гьел рачине ккани гьезда т1ад г1емерал х1алт1изе ккола. Исана школа лъуг1улел, 5 классалда бахъараб ахиралде щвезег1ан гьаб школалда ц1аларал ц1алдохъаби руго лъик1аб тарбияги лъайги щварал. Гьединабго лъик1аб даражаялда рач1ине руго хадусел классазул ц1алдохъабиги.

Г1емерисел жидерго школаздаса нахъе рехарал ц1алдохъаби, жал рагъулабгун спортивияб школалде ц1ализе инарищилан, щибго ургъел гьабич1ого нахъе уна. Нужер школалъе х1ажат рук1унищ г1адлу-низам хвезабун жидерго школалдаса нахъе рехарал лъимал. Гьединал ц1алдохъабазул умумул нижехъе рач1уна гьел ц1ализе росеян гьарун. Нижеца г1аданлъи х1исабалдаги, х1албихьизелъунги росула. Г1езег1ан къо бихьула гьезда т1ад х1алт1улаго, амма х1асил ккеч1ого бук1унаро. Цого бак1алда кванан, цого бак1алда регун, цого бак1алда ц1алдолел рук1унелъул, ц1алдохъаби дагьал цоцалъ гъункарал, жалго жидедаго ч1ун хут1изе бажари бугеллъун лъугьуна. Гьеб гуребги школалда х1алт1улев вуго муг1рузулаб Дагъистаналъул волейболалъул федерациялъул Президент, физкультураялъул учитель-тренер Ах1мадов Мух1амад. Гьесул ц1алдохъаби чанго нухалда рахъана волейболалъул рахъалъ чемпионаллъун. Гугариялъе ц1алдохъаби ругьун гьарула х1албихьи бугел тренерал Г1исаев Мух1амадица ва Нурмух1амадов Нурмух1амадица. Гьезул х1алт1ул х1асилалдалъун школалъул ц1алдохъаби рахъана чанго турниралда чемпионаллъун. Школалъул художествалъул х1аракатчилъиялъе нухмалъи гьабула-Дагъистаналъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Умакусум Мух1амадовалъ. Ц1алдохъаби гъираялда хьвадула гьелъ рачунел музыкалиялгин хореографиялъулал кружоказде.

Школалда историялъул дарсал кьолел руго нилъер районалдаго ц1ар бугев, лъай ва махщел ц1ик1к1арав тарихчи Хъазанбиев Г1алибегица, математикаялъул дарсал рачуна х1албихьи бугей педагог Г1алиева Музиятица, химиялъул г1елму лъималазда малъула гьунар т1ок1ав муг1алим Х1амзатов Мух1амадица. Гьел ва цогидалги лъай ц1ик1к1арал муг1алимзаби х1алт1улел рук1иналъги, гьезул ц1одорал насих1атазги лъимал лъик1аб рахъалдехун ц1азе к1ола.

1995 соналдаса нахъе жакъа къоялде щвезег1ан, нижер школалъул 14 чи ц1ализе лъугьана т1адег1анаб рагъулаб институталде, к1игоял рагъулаб академиялде. Гьебги буго нижер школалъе г1езег1ан ч1ух1изе бегьулеб х1асил.

-Мух1амадсайгид, киг1анго басрияб школалъул мина бук1аниги, хал гьабураб мехалда гьаниб ц1и-ц1иял х1алт1абиги гьарун руго. Бицинарищ гьезул х1акъалъулъ?

-Райадминистрациялъул нухмалъулев Саг1ид Камилевичасул кумекалдалъун школалда гьабизе к1вана ц1ияб канализация, ц1орораб ва бух1араб лъим жаниб бугеб душевая, умывальник. Ремонт гьабуна клубалъе, гьабуна кьвагьдохъабазе тир.

Школалъул азбаралда гьаруна тротуарал, ч1ана гъут1би, берцин гьаруна т1угьдузул клумбаз, гьабуна гимнастикаялъул городок (воркаут), босана пневматическияб ярагъ ва спортивиял снарядал.

-Школалда ремонт ва цогидалги х1алт1аби гьаризе биччараб г1арац бук1унеб батилагури?

-Школалда ремонталъулал х1алт1аби гьаруна учительзабазул г1арцудасан, гьединго хун бук1араб котелалъул бак1алда босана ц1ияб, гьебги жидерго учительзабазул къуваталдалъун.

-Ц1алдохъабазе г1ураб квен-т1ех бук1унищ школалда?

-Лъабабго ригьалъ ц1алдохъабазе г1унги т1ок1аб квен кьола. Гьеб рахъалъ щибго абизе жо гьеч1о.

-Щибха нужее г1оларого бугеб?

-Школа буго ц1акъго цебего заманалда бараб басрияб минаялъуб. Гордал руго 30-абилел соналдасанго хисич1ел, турарал. Гьури-ц1ад бараб мехалда жанибе пулеб бук1уна. Гьеч1о лъималазе г1ураб къадаралда регизе кроватал, басралъун буго т1ад т1амулеб бусен-къайи, г1ураб къадаралда гьеч1о т1ахьал, квен-т1ехалъе ц1араг1. Гьединаб, додинаб жоялъе кумекалъе ратула цо-цо школа лъуг1ун аралги, амма гьезулги, гьеб киналъего къуват г1оларо.

-Мух1амадсайгид, баркала гара-ч1вариялъухъ. Нужер гьабулехъе хадубккунги къуват кьеги, рак1алда ругел мурадал т1урайги.

-Дуеги баркала нижехъе яч1аралъухъ.

Н. Г1алиева

 

 

Просмотров: 513 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz