Пятница, 29.03.2024, 16:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 16 » ЗАМА-ЗАМАНАЯЛДА СССР РАК1АЛДЕ ЩОЛА.
17:58
ЗАМА-ЗАМАНАЯЛДА СССР РАК1АЛДЕ ЩОЛА.

Дун гьит1инав г1олохъанчи вугеб мехалъ, жеги лъик1аб х1алалъ дунял бич1ч1илалде, г1акълу ц1убалалде биххана Советияб улка. Рокъобги къват1ибги, к1иго чи данделъараб бак1алдаги гьанжеги, ригь арал харабазги, дир ригьалъул г1адамазги щакърахун бицуна гьеб пачалихъалъул. Кинан бук1аниги дун бахиллъула жакъаги доб заманалда г1умру-яшав гьабулел, х1алт1и-пишаялда рук1арал г1адамазда. Щайин абуни, сундулго рахъалъ парахатаб, г1одобе биччараб, ургъел дагьаб, рит1ухълъи бугеб, г1адамал ращад гьарулеб, лъай-бажариялъухъ балагьун инсан х1алт1уде восулеб, адаб-хъатир ц1ик1к1араб, ц1огьал-хъамалчаг1и дагьаб, ай умматилан ах1улел г1емерал напсилан абулел дагьал заман бук1иналъ.

Гьанжегог1адин гьеб заманалде гъегъ балел, какулел чаг1иги камулароан цебеги, гьединал чаг1иги ц1акъ дагьал рук1ана. Амма х1исаб гьабидал, г1емерисез киг1ан гьаб заман лъик1аб бугилан беццаниги, зама-заманалда СССР рак1алде щвезабула. Щвезабизеги буго х1атта киг1ан бечедаб, бокьа-бокьарасе бокьараб гьабизе ихтияр щвараб гьаб заман бугониги. Щайин абуни, щайгурелъул, цебе гьанжег1адин, г1адамал бат1и-бат1иял сортазде рикьун рук1инч1о, бечедазде, мискиназде, язихъазде, ц1акъго ресалда ругезде. Щивасда лъалаан унеб нух. Гьанже лъиданиги лъаларо щив киб бак1алде унев вугевали. Киналго лъугьун руго маг1ишаталда, бечелъиялда хадур. Халкъалъ байбихьана гьундул, к1алг1аби разе, къиматал иномаркабазда, месед-г1арацалда ва цогидалдаги хадур лъугьине. Г1адамал бечелъалрабг1ан квешлъаби ц1ик1к1ана, какал ралел г1емерлъанаг1ан, цадахъго ц1огьалги, хъачагъалги бак1-бак1азда кьвагьулел алатал лъун рукъзал кьвагьулел, г1арцухъ г1адамал ч1валел чаг1и раккана. Гьаб заман бихьараб мехалъ, мех-мехалда г1адамазда СССР рак1алде щвезе лъугьана. Гьанже г1адамаз цебесеб улкаялъул бицунаго рак1алде щвезабула, доб заманалда бук1араб г1адлу-низам кьварараб, киназего г1ахьалаб закон, социалияб ращалъи, кинидаса бахъараб хвезег1ан, советияв инсанасе кьолеб бук1араб тарбия.

«Дун вуго СССРалъул гражданин, дун жавабияв вуго партиялдаги, халкъалдаги, пачалихъалдаги цеве гьелъул мустах1икъав васлъун вук1ине» абураб пикру щивав чиясул г1аданибе т1ун бук1ана улкаялда. Гьелъулъ бук1ана пачалихъалъул къвак1иги гучги. Школалде араб къоялдаса нахъе т1оцеве октябреноклъун, пионерлъун, хадув комсомолалда, гьенив рак1бац1ц1адго ц1алани ва х1алт1ани, партиялде вихьизавулаан гражданин. Лъик1аб лъаялъги, г1уц1арухъанлъиялъул гьунаралъги, рак1бац1ц1адаб х1алт1уцаги рачунел рук1ана г1емерисел хъулухъазде ва халкъалда гьоркьоб бугеб къадруялде.

Советияв ц1алдохъанасе рук1ана рихьизарурал мисалал, идеалал, лъалеб бук1ана лъидаса мисал босизе кколебали. Жакъа ц1алдохъанас лъидаса мисал босилеб? Халкъалъул г1арацги бикъун гьундул рарав чиновникасдасайищ? Г1адамал ч1ван заг1ипасда зулму гьабун т1алъиялде нух бахъарав депутатасдасайищ, флешкаби рит1ун, лъимал рикъун, исламалъул ц1аралдасан «магъало» бахъулев хъачагъасдасайищ, яги вач1анщинасе х1елун, рищватал кьун ва росун жиндий тахбак1 балагьулев чиновникасдасайищ? Лъидаса босилеб мисал?

Щиб х1исабалде босилеб ва кинал т1алабал ругел жакъасеб власталъул чи хъулухъалде вачине? Эйнштейнил г1адаб бет1ер бугониги щолищ жакъа бак1 г1олохъанчиясе нахъа кверч1вай гьабизе чаг1иги, г1арацги, лъай-хъваялги гьеч1они? Ц1ияб пачалихъалъ рихьизарич1о мисалал ва гьеч1о идеология, советияб пачалихъалъ т1аде ине аслияб шарт1лъун рак1 бац1ц1адаб х1алт1и ва лъай, Ленинил нух, х1алт1улъ ва ц1алулъ цебехъанлъи т1алаб гьабулеб бук1ун батани, жакъа кинабго буго биха-хочун, Т1алх1ат Кантуловас ах1улеб коч1олъ гьал мухъазда г1адин:

Т1ад ругезул зурмихъе

Закон кьурдулеб буго,

Кьварараб тамих1 буго

Теларилан ч1аразе.

 

Рит1ухълъи т1епун буго,

Т1екълъи г1емерлъун буго,

Г1антлъи къвалакь кверал ч1ван,

Ч1ух1ун хьвадулеб буго.

Гьал коч1ол мухъазда цониги раг1и гьеч1ин тола дица гьанжесеб заманалда рекъон кколарел, ургъун рахъарал, гьеч1еб жо к1одо гьабун хъварал.

Нужецаго хал гьабе жакъа борхалъиялъул х1ок1алде х1ет1е лъолел, т1аде ине къач1арал г1олохъабазда-киназдаго жалго рихьулел руго «крутояллъун», ханзабилъун, кинабго иш-пиша бажарулел г1акъилзабилъун. Къокъ гьабун абуни, ханзаби г1емер руго, хур бекьизе, бокь бахъизе чи къанаг1атги ватулев гьеч1о. Хурзалги рекьила, бокьалги рахъила, г1елмуги ц1алила, пачалихъги г1уц1илаян лъугьурав цониги х1аким яги нухмалъулев вахъунев гьеч1о. Жакъасеб халкъалъе т1адчаг1аздаса х1ажатаб жо буго цох1о-унеб нух бихьизаби, мисалал загьир гьари, щиб жо кколеб рогьо ва щиб жо гьунар абураб суалалъе жаваб бати. Гьеб суалалъе жаваб батич1ебг1ан мехалъ СССР рак1алде щвезабулел г1адамал г1емер рук1ине руго.

Гъайирбег Къурамух1амадов.    

Просмотров: 473 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz