Вторник, 23.04.2024, 14:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Ноябрь » 25 » ЗАЛМУ
18:26
ЗАЛМУ

КватIана…

 

Дун магIил магIнаги рагIабазулъ лъун,

Нухлул лъабрикьуда бакьулъ чIун йиго.

Гьаб керен хачалеб чорокаб заман

Залим гIадин цебе эхетун буго.

 

Дида араб гIасру кIалъалеб буго,

Мун кIудияй гIезе дагьалъ кватIанин.

Бица-бицаралда хекко божулей,

Лъимер кинигинан гуккизе чIанин.

 

Мун ваучераца чурхъун реханин,

Чиго гурел дуда чагIиян кканин.

Мун кIудияб лъимер, лъай букIаниги,

Лъай цIалун щвечIеца гуккун реханин.

 

Бахъулел, хъамулел хъамалчагIазул

Чунтби цIечIого мун кантIун яхъинчIин,

Месед тIад бекьарал пахьул рагIабаз

ГIумру гуккулелъул кIалъазе лъачIин.

 

Дун, магIил магIнаги рагIабазулъ лъун,

Нухлул лъабрикьуда бакьулъ чIун йиго.

Нахъехун инеги бокьулеб гьечIо,

Цеехун инеги хIинкъулей йиго.

 

Гьаб къоялъул гIайиб дидаги буго –

ГIадамал кантIулеб рагIи батичIей,

Намусалъул диван дийги букIина

МагIил магIна кватIун рагIабалъ лъурай.

 

ЦохIо рохел буго мехалда цебе

Дица кечI ахIичIо хIалихьат веццун,

Умумуз дий тараб исламалъул нух

ХIарамаб гIарцуца чоргине течIо.

 

Р о кь и

 

Иманалъул роцен, дир рекIел рокьи

Бикьун лъугIулареб, кьун бахъунареб.

Дир бечелъи гьечIо мун гуронани,

Дир нахърател гьечIо, мун гьечIонани.

 

Дун гIорцIичIо зодил хъахIиллъи гьекъон,

Къаси зобал цIурал цIвабзахъ ялагьун.

Дир хIал хьечIо мугIрул каранлъ рижарал,

Керчал рохьил бакънахъ къойил гIенеккун.

 

Дир рокьуй рокьана тIокIкIарал иццал

КIутIбуз гьезда убач чанги гьабуна.

Дие хиралъана чвахулел лъарал

Черх чIаго гьабулел гIоразул бакънал.

 

СихIкъотIиялъ рекIей бачунеб зикру

Замана бацIцIунеб цIадлъун букIана.

РуцIцIухIун чIеялъул хIасратал бакъназ

Бакъ кьижараб сордо берцин гьабула.

 

Дица рокьи кьуна дун йокьулезе

Йокьуларезеги гьимизе кIвана.

Рокьукълъи каранда цIунарабани,

Дир рукьби ракьалда турун хвелаан.

 

Дир рокьиялъ нужей ахIун тела кечI

Каранда къарасул гIанси биине.

ГIагараб ракьалъе хъван тела сарин

Гьелде цо къо ккани хIалай букIине.

 

Чвахун унеб гIуруца

дир гIиналде щурана

 

Чвахун унеб гIуруца

Шурана дир гIиналде

ГIедегIун жинца гIадин,

ГIумру гьабугейилан.

 

БацIцIалъиги тIокIкIинги

Ралъдалъ жиндир тIагIанин,

ТIокIкIарал иццазул лъим

Гьениб цIехолеб гьечIин.

 

Жинца ахIараб кечIалъ

Карачелал гьелчанин,

Амма жиндир гIащикъаб

Бакъан гьениб биланин.

 

Лъехъ гIащикъал ритIучIал

Гьекъезе рачIунарин,

Къокъун унел къункърабаз

Ралъдал лъим гьекъоларин.

 

ЦIадал ран, мугIрул къотIун,

Къокъун унел иххазулъ

ХутIанила чIагояб

ЧIухIараб кочIол бакъан.

 

Жиб билизе гIедегIун

ГIодой чвахун батанин,

Жиндир хоб гьанже ралъдалъ

Киб бугеблъи лъаларин.

 

Чвахун унеб гIуруца

Дие аманат тола

Къояз сурав къотIулеб

ГIумру гьабугейилан.

 

ГьитIинаб рохел букIа,

КIудияб ургъел букIа,

КIочон халкъалда толеб

Бакъан бачунгейилан.

 

Жиб билизе гIедегIун

ГIодой чвахун батанин,

Хоб гьанже жиндир ралъдалъ

Киб бугеблъи лъаларин.

 

***

РакIалда буго цо рикIкIадаб сордо

НакIкIаз асирлъуде босараб доб мацI,

Каранда перхолел рекIел зобаца

ТIоцере гьурмада хъварал накъищал.

 

РекIел хIал бахчизе хIал бихьаниги,

НакIкIий асирлъарай моцI йикIана дун,

ЧIегIерал накIкIалгун къеркьезе кIвечIей

Къабул гуреб нухде гали бегьулей.

 

ЛъугIулеб букIана халатаб сапар,

Руссунел рукIана инсул росулъе,

Рехун грагадулел гьалмагъзабазул

ЦохIо рагIи дида рагIун батичIо.

 

Дирго ургъелалги каранде рачун,

МоцIгун тIерхьун ине бокьун букIана.

Гьаб дун йичIчIулареб дунялалдаса

Даимлъи лъикIилан кколеб букIана.

 

НакIкIаз бацулеб моцI дида кIлъала,

Дуца жинде данде мунго ккогейин,

Жиб тIерхьун аниги, баккун бачIунин,

НакIкIазул жидерго гIумру букIунин.

 

Дуца дурго къисмат къахIан кквечIони,

ЧIолорхъо туркIизе дуй захIмалъилин,

Къеркьеялъулъ бугин гIумру ракьалда

Кьун бергьарал чанги ругин сверухъе.

 

Э б е л

 

ТIадагьаб рохелги бакIаб ургъелги

Дуде бикьулелъул букIараб лазат.

ГIалхуда щуб гIадин, щущараб гIакълу

ГIадилаб дур мацIалъ бакIарараб куц.

 

Дун лъимадул эбел – лъимер йикIинчIо,

Лъимадухъ гIадин дихъ ялагьан мун.

НекIого дир гъалалъ батIиял расал,

Санал дир аниги, дуй дир гьитIинлъи.

 

Пашманаб гьимиялъ ургъелги бахчун,

Дуца сапаралда тIойитIана дун,

КигIан дуда аскIой йокьананиги,

«Дур рокъой а», - ян гарагадана мун.

 

Дун ана, ургъалил гъуниги баччун,

Гъалалъ цIиял хIахIал расалги тIирщун,

ТIад рекIун гурони, тIаса унареб

Гьеб дур херлъиялъул хиялги гьабун.

 

Дун хIинкъадго ана: дун тIойитIизе

Дуда кIолареб къо бачIине гурин.

Дир ургъел гьурщулеб кун меседил дум,

  • мунги гьечIого хутIизе гурин.
Просмотров: 447 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz