Пятница, 29.03.2024, 05:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 26 » ЗАКОНАЛЪУЛ Т1АЛАБАЛ Ц1УНИЗЕ ГУРИЩ ДУН ВАЧ1УН ВУГЕВ.
10:35
ЗАКОНАЛЪУЛ Т1АЛАБАЛ Ц1УНИЗЕ ГУРИЩ ДУН ВАЧ1УН ВУГЕВ.

Россиялъул прокуратураялъ бихьулеб бут1а лъола нилъер г1адамазул конституциялъулал ихтиярал, гражданазул эркенлъи, улкаялда законалгун, г1адлу-низам ц1униялъулъ. Жиб г1уц1аралдаса нахъе прокуратураялъ жигар бахъана Ват1аналъе, халкъалъе бит1ун хъулухъ гьабизе. Россиялъул прокуратураялда гьоркьобго Дагъистаналъул, гьелдаго цадахъ нилъер районалъул прокуратураялъги жигараб х1алт1и гьабуна такъсирчилъиялда данде къеркьеялъе, г1адамазул ихтиярал ва эркенлъи ц1униялъе. Чанго прокурор хисана районалда гьеб г1уц1аралдаса нахъе. Щивас бихьулеб бут1а лъуна районалда парахалъи ва законал ц1униялда сверухъ. Жакъа нижергун гара-ч1вари гьабулеб буго араб соналда нилъер районалде вач1арав прокурор юстициялъул к1удияв г1акълучи Г1умаров Рамазан Г1умаровичасулгун.

Гъоркьехун бахъулеб буго гьесдаги дидаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

-Рамазан Г1умарович, дир х1исабалда прокурор ккола бит1араб къаг1идаялда законал х1алт1изариялда хадуб пачалихъияб халкквей бук1инабулев чи. Бокьилаан Дуца бицани, кинаб къаг1идаялда районалда гьеб х1алт1и унеб бугебали. Кинаб г1уц1и бугеб районалъул прокуратураялъул гьеб жавабияб ва гьебго заманалда зах1матаб х1алт1иялда нахъа.

-Россиялъул Федерациялъул Прокуратура ккола цогояб централизованнияб система, жинца Россиялъул Федерациялъул Конституция ва РФялда ругел законал ц1унизелъун тараб. Гъоркьег1ан ругел прокурорал мут1иг1лъизе ккола т1адехун ругезе ва Генералияв прокурорасе.

Нилъер районалда бугеб прокуратураялъги хал ккола законал ц1уни кинаб къаг1идаялда унеб бугебали. Ккарал х1асилалги рихьизарула 20 ялдасаги ц1ик1к1ун отчетазул формабазда.

Гьедин, гьаб соналъул 10 моц1алда жаниб, прокуратураялъул жигарчилъиялдалъун т1атун буго 1101 законалде данде кколареб иш. Нахъ ч1ван буго законалда данде кколареб х1алалда гьабураб  80 дело, 63 г1арза бит1ун буго судалде, 67 бихьизабиги нухмалъулезухъеги бит1ун, 129 жавабияв х1алт1ухъанасе гьабун буго дисциплинарияб г1адлу-низам. Г1умруялде бахъинабун буго 5 уголовныяб делоги.

Нижер буго г1емер к1удияб гьеч1еб коллектив. Дун, прокурор Г1умаров Рамазан Г1умарович, прокурорасул заместитель Рамазанов Г1умарасх1аб Рамазанович, прокурорасул кумекчи Онжолов Х1усен Багъужаевич, канцеляриялъул заведующая Г1амирова Разият Гъазимух1амадовна ва водитель Г1алиев Мух1амад. Нижеца цере ч1арал масъалабиги, т1адал ишалги щивасул намусалда ва ях1алда рекъон цадахъ лъугьун т1уразарула,.

-Щай дуца юристасул махщел т1аса бищараб?

-Дие гьит1инаб мехалдасанго бокьулаан рит1ухълъи ц1унизе. Г1емер ц1алулаан детективал. Дагь-дагьккун гъира бижун бач1ана г1адамазул интересал ц1унун законал лъазаризе, гьезул кумекалдалъун гражданалги ц1унизе. Дун бач1инахъего гуро прокуратураялде вач1арав. Т1оцебе дун х1алт1ана полициялда следовательлъун, хадуб к1удияв следовательлъун, прокурорасул заместительлъун, ахиралдаги прокурорлъун. Гьел х1алт1абазги борхизабуна дир жавабчилъи ва щвана жеги ц1ик1к1ун х1албихьиги.

-Аслияб къаг1идаялда кинал г1арзалгун прокуратураялде г1адамал рач1унел?

-Г1адамазул г1арзал рук1уна ракьал кьеялда ва гьел ц1униялда, социалиял выплатабазда, пенсиязда, предпринимательлъиялъул ишазда, бюджеталъул бут1аялда, зах1маталъул законодательствалда, алиментал рахъиялда хурхарал. Мисалалъе босани, Гьит1инаб Гьоц1алъан г1арза бач1ун бук1ана Гьоц1алъ ГЭС балеб бак1алда аск1обег1ан бугеб ракь, законалъул т1алабазухъги балагьич1ого кьун бугилан, гьединго Г1араниса бач1араб г1арзаялда хъвалеб бук1ана рагъулаб городокалъе кьураб ракь законнияб гуреб къаг1идаялда кьураб бугилан. Гьабураб хал гьабиялъул х1асилалда, гьел унго-унголъунги ратана законалъул т1алабалги т1уразарич1ого кьурал. Г1айибиязда т1ад актал гьарун материалал судалде рит1ана.

Гьамущи росулъа цо хъизаналъул бет1ергьанчи т1аг1ун вугилан абун, гьересиял документалги гьарун босулеб батана лъималазе г1арац. Уголовныяб делоги т1ад гьабун гьеб материалги судалде бит1ун ана.

Нилъеда киназдаго рак1алде ккола экстремистал, террористал доба кибалиго Сириялда, г1арабазул улкабазда гурого, нилъеда аск1ор гьеч1илан, бицунеб раг1ун гурого, нилъеда эл лъазеги лъаларилан. Амма, хал гьабураб мехалда гьел нилъеда сверухъги ратулел руго. Дагьал церег1ан моц1азда Г1орут1а росулъ лъазабураб контртеррористазулаб операциялда, жанисел ишазул х1алт1ухъабазда т1атинаризе к1вана 2 террорист, гьезул цояв нилъерго районалъул Гьоц1алъа чи кколев ватана, цогияв Табасараналдаса вач1арав ватана. Лъида ккелеб бук1араб, Г1орут1аса чияс террористазе г1арцудалъун кумек гьабулеб батилилан. Амма гьеб росулъа Бейбулатов Ах1мадида хадуб хал кквейдал, гьеб гьедин бук1ин мух1канго якъинлъана.

Г1айибиязе данд рекъон кколеб тамих1 гьабуна. Рак1алде ккола  гьеб цоги гьединазе мисаллъун бук1инилан.

Дандч1вала г1адамал, жидерго лъималазе кьезе кколел алименталги кьеч1ого, жидерго харж-мухь балъго гьабулел. Амма щивав лъимадул инсуда лъан бук1ине ккола, киг1ан гьев вахчараниги, вахчарич1ониги, х1алт1улев вугониги, гьеч1ониги, судалъ х1укму гьабун бугелдаса нахъе, алиментал кьеч1ого гьев кивениги ворч1улареблъи. Х1алт1улев гьеч1ев чияс рес батизе ккола, алиментал кьезелъун, бокьараб х1алт1и гьабун гьел кьезе.

-Уголовныяб ишалъул хал гьабулеб судалда прокурорал рук1уна г1айиб т1аде г1унт1изабулел х1исабалда, гражданазулаб судалда истецаллъун, ахирисеб г1айиб г1унт1изабизе жидерго предложениял кьолел г1адамаллъун, нуж рокьуларел г1адамал г1емерал рук1унищ?

Кинаб судалда хал гьабулеб бугониги, прокурорал рук1уна рит1ухълъи ц1унулел г1адамаллъун. Нижер талих1 буго законалъул т1алабал гьезда рит1ун рич1ч1улел рук1ин.

 -Ккарабищ нужеца гьабураб х1укму нахъ ч1варал лъугьа-бахъинал?

-Ккеч1о. Щай гурелъул гьел х1укмаби гьарула т1оцебе уголовннияб халгьабиялъе дознавателазухъе, хъулухъалъулал приставазухъеги рит1ун кинабго мух1кан гьабун, якъин гьабун. Иш мекъи ккезе кинго рес бук1унаро. Кинабго мух1канлъараб мехалда гурого, ниж г1айиб г1унт1изабулезул рахъалда ч1оларо.

-Дур хъулухъалда жаниб кканищ, прокурорасул кумекалдалъун г1адамазе ц1акъго пайда-хайир ц1ик1к1араб иш?

-Цо районалда бук1ана педагогазе харжал ц1ик1к1инарун хадуб, кьезе кколеб бук1араб 20 миллион гъурущ кьеч1ого хут1араб лъугьа-бахъин. Прокуратура гьоркьобе лъугьиндал, гьеб г1арац педагогазухъе щвана.

Цоги бак1алда аслияб школаги къан, рагьулеб бук1ана байбихьул школа. Гьебги прокуратураялъул кумекалдалъун къач1ого хут1ана. Гьаниб цо-цо мисалал рехсаниги, гьединал лъугьа-бахъинал г1емерал рук1ана.

-Дуца мисалал рачана нилъер районалдаса цо-цо г1олохъаби террористазде гьоркьоре ккун рук1иналъул. Гьедин ккеч1ого бук1иналъе щиб гьабунидай лъик1аб бук1ина?

-Нилъер г1ун бач1унеб г1ел-нилъер бук1инесеб кколелъул, дица т1адаблъун рик1к1уна эбел-инсуца, школалъ г1ун бач1унеб г1елалде к1вар кьезе. Гьанжего гьанже школа лъуг1арал, жеги г1умруялъул х1албихьи гьеч1ел васал уна шагьаразде ц1ализе. Гьезда дандч1вазе бегьула гьезул бет1ер сверизабизе бегьулел г1адамал. Гьединлъидал, эбел-инсуцагин школаз г1олохъаби рит1изе ккола щал кколел террористал, экстремисталали мух1канго лъазабун, дандч1вазе бегьулел гьерсихъабазул, къвариг1ел гьеч1ел пишачаг1азул цебеккунго бицун, иш роц1ц1инабун.

Цо-цо г1олохъаби унел руго «Бац1ц1адаб исламалъе г1оло» абураб ах1иялда гъоркь Сириялде рагъизе. Гьел кколел руго законалде данде кколарел къокъабазде гьоркьоре. Х1асилал нилъеда рихьула ц1акъго пашманал кколел рук1ин. Лъималазда бич1ч1изабизе ккола лъаларел г1адамазулгун гьоркьоблъи гьабизе, бица-бицаралда божизе бегьунгут1и.

-Хунздерица Дуца малъараб гьабулеб бугищ?

-Хунз руго саламатал, церет1урал г1адамал. Бицунеб хабаралъухъ г1енеккула, гьелъие бит1араб къимат кьезе лъала, х1ажатаб бак1алда х1ажатал рихьизариял кьола, х1асил-калам законалъухъ г1енеккулел рит1ухъал г1адамал руго.

-Дуца ришват босулищ?

-Гьединал г1адамазде данде къеркьолев чияс кинаб ришват босулеб? Гьеб босулелги, такъсирал гьарулелги, законал хвезарулелги къват1ир ч1вазари гурищ-дир х1алт1и (виха-хочун).

-Баркала гара-ч1вариялъухъ. Бокьун буго нужее гьаризе сахлъи, законалъе ва ват1аналъе рит1ухъаб хъулухъ. Хъизаналда гьабулебщинаб данде билъаги, рак1алда ругел мурадал т1урайги.

–Дуеги баркала нижер ах1вал-х1ал ц1ехезе яч1аралъухъ.

Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.

   

 

 

Просмотров: 450 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz