Четверг, 25.04.2024, 20:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Декабрь » 1 » ЗАХ1МАЛЪАБАЗЕ КЪУРКЬИЧ1ЕВ.
12:32
ЗАХ1МАЛЪАБАЗЕ КЪУРКЬИЧ1ЕВ.

Зах1малъабазе къуркьич1ев

Авар мац1алда къват1ибе унеб газеталъул редактор х1исабалда, дун кутакалда йохула бац1ц1адаб маг1арул мац1алда, «т1ад редакторас т1анк1 хут1иларедухъ» хъван рач1унел макъалабаздаса. Гьаб заманалда гьел дагьал гурого рук1унаро. Гьел къанаг1атал, штаталда гьеч1ел авторазда гьоркьов вуго Г1орут1аса Лабазанов Мух1амадги. Т1ерк1елаго рак1гун рагьула дица гьесул берцинаб хат1алъ мухъал ц1ураб конверт. Цебе гьес сахав инсан Мух1амадов Халиял х1акъалъулъ хъвараб очеркалъ дандерижиязул ц1ад базабун бук1ана газеталде. Щвалде щун хъвараб, чанц1улго дицагоги гъираялда ц1алараб бук1ана гьеб. Гьедин хъвалел мухбирзаби ралагьулеб (дол газеталъе кьолел сурсатал мукъсан гьарич1ел соназха!) чанги къо бихьана дида. Кутакалда асар гьабуна дие Мух1амадица гьаб нухалда хъван бач1аралъги. Гьабиларебги кинха, нижер газеталъул гьудул, мунагьал чураяв дир Гьимат-дадал гьобол, лъик1ав инсан, махщел камилав тохтур Харахьиса Х1акимил Ибрагьимил г1ажаибаб къисматалъул хъвараб очерклъидал гьеб батараб! Ц1алана, г1одана, жеги ц1ик1к1ун адабги х1урматги бач1ана авторасдеги героясдеги. Ц1але нужецаги. Х1акълъунго, г1адамас х1ехьолеб буго бихьанщинаб. Амма г1иц1го къуватав инсанас. Баркала, Лабазанов, макъалаялъухъ. Нусго базег1ан сах таги мун гьадинал г1адамазул нижехъе хъвазе.

Нижерго гьудул Х1акимил Ибрагьимиеги щулияб сахлъиги, рак1 разиял соналги дунялалда вохич1еб ахираталда щун вохизеги гьарула.

Редактор

 

Бат1и-бат1ияб бук1уна инсанасул къисмат, г1умруялъул нухал, бокьулеб х1алт1и, г1акълу-лъай, махщалил даража.

Г1адат х1исабалда г1емерисеб мехалъ лъималаз ирсалъе босула жидерго умумузул махщел. Гьанжего гьанже г1умруялъул нухде т1оцересел галаби т1амулел г1олилазе жидерго хасаб нух т1аса бищизе г1емерго бигьалъула жидер умумул маг1ишатияб рахъалъ лъик1аб ресалдаги, махщалил рахъалъ даражаги борхат бугони. Дие бицен гьабизе бокьун бугев Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа Х1акимов Ибрагьим ккола цох1о Харахьи участкаялда гуревги, районалдаго лъик1 лъалев Дагъистан республикаялъул мустах1икъав врач ва I категориялъул врач-терапевт. Жеги лъимерлъиялдаго, х1атта, гьавураб къоялдаса нахъего, х1ехьезе ккана Ибрагьимица чиякълъиялъулги ресукълъиялъулги, жидер лъик1аланго г1умруялъул х1албихьиги бугел, дунялги бихьарал ч1ах1ияб г1елалъецин ц1акъго зах1матал, рук1а-рахъиналъул шарт1ал. Жеги к1иго моц1 Ибрагьим гьавизе хут1ун бук1уна гьесул эмен Мух1амадов Х1аким 1942 аб. соналъул январь моц1алъ вах1шияб рагъде т1овит1араб мехалъ. Г1емер кват1ич1ого эбел Муъминатихъе бач1уна «ч1ег1ераб» кагъат гьелъул рос Мух1амадов Х1аким 1944 соналъул январь моц1алъ араб бак1 лъач1ого т1аг1анилан. Гьадинги заг1ипаб сахлъиялъул Муъминатил ц1обалде ккола к1иго гьит1инаб лъимер: 9 сон барай яц Пат1иматги 2 сон барав Ибрагьимги.

Лъалеб бук1ахъе, дол зах1матал, рагъул кор боркьарал соназ росабазул г1аммаб маг1ишаталъул х1алт1аби т1аде кколаан гьадингоги къисматалъ къварид гьарурал руччабазул заг1ипал гъуждузде. Зах1матаб х1алт1уцаги, жиндирго гьит1ичазул ургъелалъги, гьезул инсул рух1елалъги Муъминатил чорхолъе унти ккола. Бук1инч1о доб заманаялъ лъималазе пособиялдалъунги унтаразе пенсиялъулги х1укуматалъул рахъалдасан гьабулеб кинабг1аги кумек. Къокъго абуни вакъарасеги, рат1ликъасеги, квачаралги жиндирго жигаралдалъун гурони хвасарлъи бук1инч1о. Кин бук1аниги Ибрагьим школалъул г1умруялде вахана ва 1949 соналъ подклассалде уна.

Классцояздаса ц1алул рахъалъ нахъе ккезеги ч1еч1ого, гьес жиндирго рух1алда рекъараб къаг1идаялъ кверч1вазе кколаан рукъалъул мискинабго маг1ишаталда. Эбелалъул унтийин абуни къоялдаса къоялде зах1малъулеб бук1ана, кват1ич1ого бусадеги ккана. Гьанже рукъалъулги жидергоги ургъел к1иго гьит1инаб лъимералде т1аде бегула. Бук1ун батила гьезул чанги заман г1орц1изе хинк1 щвеч1ебги черх бацизе г1адатиябниги партал щвеч1ебги. Кин бук1аниги жидерго рукъалъул къварилъи гьел бесдалаз сабурго х1ехьола ва ц1ик1к1араб зах1маталда нухда бачуна. 5-6 классазде вахъаралдаса Ибрагьимица каникулазул заманалда колхозалъул маг1ишаталда жиндаса бажарараб х1алт1и гьабула. Яцалъин абуни цо лъаг1алил учительзабазул курсал лъуг1изарула ва аск1обго бугеб Хьиндахъ росдал школалде х1алт1изе лъугьуна. Амма къокъаб бук1ун буго г1олилалъул г1умру. 1958 аб. соналъ къокъидго ч1вараб унтудаса хадуб яц Пат1иматги къдаралде щола. Эбелалъги гьит1инав г1олиласги гьеб къварилъиги сабруялда х1ехьола.

Гьанже унтарай эбелалъулги рукъалъул маг1ишаталъулги ургъел т1убанго 15 сон барав Ибрагьимиде т1аде ккола. Жакъад ц1акъго зах1мат буго жеги гьит1инго вугев г1олилас гьеб къварилъи чияде ккезе ч1еч1ого кин х1ехьараб, кин жанибе бачарабали цебе ч1езабизе. Жакъасел г1олилал бицун божуларелг1адал зах1малъабиги нахъа тун, г1олилас 1960 аб. соналъ 10 класс лъуг1изабула. Гьесда лъик1го бич1ч1улеб бук1уна хадусеб г1умруги жиндие бигьаяб бук1ине гьеч1еблъи. «Щивлъун вук1инев»-абураб суалги гьесда цебе бук1инч1о. Гьит1инго гьесул анищлъун лъугьана унтун бусаде ккарай жиндирго эбелалъеги, гьелда релъун чорхолъе унти ккаразеги кумекалъул квер бегьизе к1олев лъик1ав тохтурлъун вахъине.

Амма рокъосан гьеч1еб ресалъги, т1аде кумек щвезе гьеч1еб бак1алъги гьесда лъик1го бич1ч1улеб бук1уна т1адег1анаб ц1алул заведение жиндие жеги анищлъун хут1улеб бук1ин. 1960 соналъ гьев ц1ализе лъугьуна Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялде. Гьенив ц1алулаго щибаб каникулазул заманалда, цебе х1амаги къот1ун, хьвадулаан росдадаса лъик1аланго рик1к1ада бугеб рохьове бух1улеб ц1ул х1адуризе. Г1ураб къадар эбелалъе хасалоялдеги тун, Ибрагьимица гьеб ц1ул бичулаан. Гьеб бичун щварал дагьалго гъурщаз ресги щолаан шагьаралда вугебг1ан заманаялъ къвариг1араб-тараб босизе. Гьеб г1акъубаялда ц1алун, 1963 соналъ училище лъуг1арав гьев, гьоркьохъеб медицинаялъул лъаялъул махщалилав, х1алт1изе вит1ула аск1обго бугеб Коло росулъе, хадубги Гьамущи росулъе. Х1алт1ана жинда божилъи гьабурал райбольницаялъул нухмалъулезулги, гьел росабазул г1адамазулги адабалъеги, баркалаялъеги мустах1икъаб даражаялда. Кин бугониги гьесул рак1 г1одобе биччалеб бук1инч1о. Къисматалъул къварилъаби г1емер х1ехьарав, гьесухъ лъадарарав Ибрагьимица таваккал т1амуна.

1966 соналъ, бергьенлъиялда къабул гьариялъул экзаменалги кьун, гьев Дагъистаналъул мединституталде ц1ализе лъугьана. Институталда ц1алулаго гьесие к1удияб кумек бук1ана училищеялда ц1алун щвараб лъаялъулги к1иябго соналъ фельдшерлъун х1алт1ун щвараб х1албихьиялъулги. Гьесие рес щвана, ц1алуда цадахъго Республикаялъул Централияб больницаялъул урологияб отделениялда медбратлъун х1алт1ун, дежурствоял гьаризе. Эркенаб заман ц1акъ дагьго гурони хут1ич1ониги, гьеб х1алт1иялъе рес кьуна рокъой хут1арай унтарай эбелалъулги жиндиргоги маг1ишатиял ургъелал дагьалго т1аса рехизе. Гьедин х1алт1иги ц1алиги цадахъ бачун, лъик1ал къиматазда институт лъуг1арав т1адег1анаб тохтурлъиялъул махщалилав х1алт1изе вит1ула доб мехалъ медицинаялъул х1алт1ухъабазде, хасго врачазде ц1ик1к1араб х1ажалъи бук1араб рик1к1адаб Ц1умада районалде.

Х1алт1ула районалъул больницаялда врач-терапевтлъун, цадахъго бачунеб бук1уна бет1ерав врач хисулесул хъулухъги. Абизе ккола цойгидал муг1рузул районазде дандеккун Ц1умада райбольницаялда х1алт1и г1емерго зах1матаб бук1анилан. Аслиял зах1малъаби рук1ана райцентралдаса г1емерго рик1к1ада ругел росабиги, машинаялъеяли киб гурин, лъелго унезецин зах1матал, х1инкъарал (хасго хасало) нухалги, гьединго росабалъ гьеч1ел г1умру гьабиялъе х1ажатал шарт1алги.

Гьенив х1алт1улаго чанго нухалъ ине ккана унтаразухъе нухда сордоги бан 60-70 км. нахъаги тун.

Гьит1инго зах1малъабазде ругьунав, гьезулъ лъадарарав Ибрагьимица т1олабго жиндирго къуватги, щвараб лъайги буссинабун бук1уна унтаразулги заг1ипал-язихъазулги т1алаб-агъазалде. Больницалъулги т1олабго районалъулги нухмалъиялъ лъик1аб къимат кьуна г1олохъанав тохтурасул х1алт1уегун махщалие. Борхана къадру ц1умадисезул г1адатал г1адамазда гьоркьоб.

Гьанже-гьанжеги гьесул бицен ккараб бак1алда «Нижер Ибрагьимилан» абула гьез. Гьеб к1иябго раг1иялъги нилъеда г1емераб жо бицуна.

Ункъо соналъ Ц1умадаги х1алт1ун, рес щола гьесие жиндирго г1агараб Хунзахъ районалде х1алт1изе вач1ине. Амма бач1инахъего гуро жиндирго г1агараб Харахьи росдал участковияб больницаялда х1алт1изе бак1 щвараб.

К1иго соналъ Гьоц1алъ участковияб больницаялдаги х1алт1ун, ункъо соналъ Хунзахъ районалъул Централияб больницаялъул хехаб кумекалъул станциялдаги х1алт1ун, г1иц1го 1983 соналъ рес щола гьесие жиндирго г1агараб росулъ участковияб больницаялда врач-терапевтлъун х1алт1изе.

1968 соналъго Ибрагьимица г1уц1ун бук1ана жиндирго хъизан. Гьейги кколаан Харахьи росулъ къадруяб тухумалъул росдацаго ц1ик1к1араб адаб-х1урмат жиндир гьабулей, медсестралъун больницаялда х1алт1улей Пат1имат. Гьелъул к1удияб кумек бук1ана унтарай Ибрагьимил эбелалъеги рукъалъул маг1ишаталъеги. Ахир-къадги 1983 соналъ хъизамго данделъана, эбелалъул рак1алъеги ургъелалги дагьлъун, рек1елъе парахалъи решт1ана. Г1олел рук1ана жиндирго Ибрагьимил лъималги. Гьанжени рак1алде кколаан къварилъалабазул къвалакьа гьевги ворч1анин, парахатаб, г1одобе биччараб г1умру бугин цебеян. Амма гьанжеги кьог1аб къисматалъ х1адурун батана гьесие ц1акъго зах1матаб гьесул иманалъулги сабруялъулги гьабулеб х1албихьи.

Рак1алдаго гьеч1ого ч1вараб зах1матаб унтиялъ къокъидго бусаде ккарай, лъималазе йокьулей эбел, росдалго адабалъе мустах1икълъарай гьесул хирияй лъади… лъималги нахъе тун 1998 соналъул август моц1алъ бит1ун анищаб завалалда г1умруялдаса ят1алъана. Г1емераз пикру гьабулеб бук1ана гьаб иргадулаб къварилъи Ибрагьимица бигьаго х1ехьеларин, гьаб рух1алидаса хадуб гьес, т1убанго г1умруялдаса рак1 буссун, бет1ер дализе биччалилан. Ккеч1о гьедин. Гьаб нухалъги Ибрагьимил сабруги, Т1адег1анав Аллагьасул х1укмуялде щулияб иманлъейги бергьана. Хадусеб г1умруги гьес жинде божун хут1арал лъимал г1езариялде, гьезие лъайгун тарбия кьеялъул, гьел жиде-жидер хъизан-рукъалде руссинариялъе кьуна. Гьебги гьесухъа бажарана.

Бихьулеб буго цо заг1ипав чиясе гьеб кинабго г1емерго кьварараб, баччизе х1аталдаса ун бак1аб г1умруялъул х1албихьи бук1ин.

Бит1араб нухдаса кьурич1ого, жиндирго щулияб иманалъул кьуч1 заг1иплъизе теч1ого кин гьелщинал къварилъаби х1ехьаларилан гьесда гьикъидал гьес абула кинабго бугила нилъер Т1адег1анав Бет1ергьанасул х1укму гьес нилъер иманалъул гьабулеб х1албихьи, гьединлъидал гьебги нилъеца, каламги зигардиги тун, къабул гьабизе кколилан. Дида лъаларо кин гьев, ц1акъго гьит1инаб къоялдаса нахъе жиндирго къварилъабигун живго хут1арав чи гьединаб щулияб иманалъул т1адег1анлъиялде вач1аравали. Борхана гьес х1ажгун г1умраги, т1убана исламалъул 5аб. рукнуги.

Дида Ибрагьим лъала дун Харахьи, доб мехалъ районалдаго ункъго гурони бук1инч1еб, гьоркьохъеб школалъул 8 классалде ц1ализе вач1араб 1956 аб. соналдаса нахъе. Г1олохъанлъиялда г1емер т1адч1ун Исламалъул рукнабазул т1алаб гьабич1ев дун, рух1даллъун вук1унаан Ибрагьимил хьвада-ч1вадиялда. Рак1ч1ун абизе к1ола жив школалъул г1умруялде вахаралдаса, кинаб ах1вал-х1алалде кканиги, цониги как яги Рамазан моц1алъул к1ал гьес гьоркьоб биччач1илан. Гьебги ккола Иманалъул щулалъиги, рух1ияб бечелъиги. Хириял ц1алдолел, дица г1емер бицен гьабулеб гьеч1о тохтур х1исабалда Ибрагьимил х1алт1улги, т1адал ишаздехунги, унтараздехунги бук1араб бербалагьиялъулги.

Нужецаго пикру гьабеха гьит1инаб къоялдаса, ай жив гьавуралдаса, гьелщинал къварилъабиги х1ехьарав, г1азабалги къулч1арав чиясул кинаб бербалагьи бук1инеб унтараздехунги заг1ипаздехунги. Г1иц1го абун тела гьев вуго ц1ик1к1араб рух1ияб бечелъиги, кинабго рахъалъан т1адег1анаб культураги, унтараздехун к1удияб т1алабгун х1еренабги х1алимабги бербалагьи бугев унго-унгояв тохтур. Лъалеб бук1ахъе г1елму, хасго медицинаялъул, цо бак1алда ч1ун бук1унаро. Ибрагьимицаги кидаго х1аракат бахъула унтаразе гьарулел дарабазулги гьел гьарулел къаг1идабазулги цебет1ураб х1албихьи лъалевлъун, жиндихъаго гьединал къаг1идаби х1алт1изарун бажарулевлъун вук1ине. Гьанже мустах1икъаб х1алхьиялда вугониги гьесухъе жеги г1емерав чи вач1уна кумек х1ажалъун. Гьесги гьел ресалда рекъон мурадги т1убан рит1ула.

Х1ехьезе ккаралщинал къварилъабазги рихьарал рух1елазги асар гьабич1ого тун батиларо живго тохтурасул сахлъиялъеги.

Гьедин батилин ккола жеги х1алт1изе къуват-жаналда вук1аго гьев х1алхьиялде ине ккарав. Адаб-х1урматалда рехсола г1адамаз Ибрагьимил ц1ар. Къадру буго гьесул росабазул жамаг1атазда гьоркьобги. Живго Ибрагьимица бищунго т1адег1анаб шапакъатлъун рик1к1уна Аллагьасул рахъалдаса кириги г1адамазул рахъалдаса рак1-рак1алъул баркалаги.

Мух1амад Лабазанов, Г1орут1а росу.

Просмотров: 386 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz