Четверг, 28.03.2024, 22:13 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 11 » ВЕТЕРИНАРИЯБ ХЪУЛУХЪАЛДА.. Х1АЛТ1И ЛЪИК1АБЛЪУН РИК1К1АНА.
12:13
ВЕТЕРИНАРИЯБ ХЪУЛУХЪАЛДА.. Х1АЛТ1И ЛЪИК1АБЛЪУН РИК1К1АНА.

Гьал къоязда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул ветеринарияб управлениялъул х1алт1ухъабазул совещание. Гьелда гьоркьоб лъун бук1ана рехсараб хъулухъалъ 2016 соналда гьабураб х1алт1ул х1исаб кьей ва 2017 соналда цере ч1арал масъалаби.

Совещаниялда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул бет1ер С. К. Юсуповас, гьесул заместитель Ш. М. Г1аммаевас, республикаялъул ветеринарияб лабораториялъул директор А. С. Г1абдуразакъовас, Федералияб хъулухъалъул Дагъистан республикаялда бугеб ветеринариябгин фитосанитарияб надзоралъул начальникасул заместитель И. С. Самедовас ва т1олалго Хунзахъ районалъул маг1ишатазул г1и-боц1ул сахлъи ц1униялда хадуб хъаравуллъи кколел районалдагин г1ат1иракьалда ругел ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъабазгин цо-цо росабазул администрациязул бут1руз.

2016 сон, г1иц1го нилъер районалъул г1и-боц1ухъабазе гуребги, т1олабго Дагъистаналъего зах1матаб сонлъун бук1анилан, байбихьана жиндирго х1исабкьей районалъул ветеринарияб управлениялъул нухмалъулев Хъ. М. Г1амирхановас, щайгурелъул районалъул 17 г1и-боц1ухъабазул къавуда 193 х1айван унтун бук1ана нодулярияб дерматиталъ, х1инкъи бук1ана ящур, бруцеллез, туберкулез, хъирис, инфекциялъулал, инвазиялъулал унтаби т1ирит1ун иналъе. Районалъул ветеринарияб хъулухъалъул бербалагьиялде ккола 24 росабазул администрациязда ва 31 росдал маг1ишаталъул предприятиялда хьихьарал, жалги аслияб къаг1идаялда Кочубеялъул, Бабаюрталъул, Кизилюрталъул, Уланхолиялъул гочинабун г1и-боц1и хьихьулел зонабазда, районалда жаниб ва Ц1унт1а, Шамил районазул риидалил муч1дузда хьихьулел 24 азарго бет1ер боц1ул, 117,2 бет1ер г1иял, 890 бет1ер х1амузулгин чуязул, 24 азарго бет1ер х1анч1азул, 664 бет1ер гьабзазул, 4310 т1ала наязул.

Гьабгощинаб г1и боц1уда гьоркьоб церехун рехсарал г1адал унтаби т1ирит1ич1ого рук1иналъе,-ян бицана хадубги Хъ. Г1амирхановас,-районалда бугеб 5 ветлечебницаялъул, 7 ветеринарияб участокалъул, 75 ветеринарияв х1алт1ухъан, гьездасан 29 врач, 26 фельдшер, 20 техническияб персоналалъул х1алт1ухъан гъорлъе вачараб лабораториялъул, гьединго жинца республикаялъул 4 районалъул г1и-боц1уе хъулухъ гьабулеб Хунзахъ ветлабораториялъул х1алт1ухъабаз, гъеж гурун гьабураб х1алт1ул х1асилалда, к1ванила 2016 соналъе х1айванал унтизе бегьулел киналниги инфекциялъулал ва инвазиялъулал унтаби гьукъиялъе гьабураб план 100 ва жеги ц1ик1к1ун процентаз т1убазабизе. Районалъул ветеринариял х1алт1ухъабаз бихьизабунила, гьединал зах1матал шарт1азда унго-унгояб махщел ва къох1ехьей. Гьес мисал бачана бет1ералда ветучасткаялъул заведующий М. М. Муртазаг1алиевгун Г1аралхъутаналъул «Г1арада» участкаялда ящур т1ибит1араб заманалда унтараб боц1уе дару-сабаб гьабун, щибаб рокъобе раккун унтараб боц1и бугищали лъазабун, гьезие профилактикияб вакцинация гьабун, сордо-къоялъ ч1еч1ого дезоматал хисун,транспорталъе дезинфекция гьабун гьел х1алт1ухъабаз гьабурабщинаб х1алт1ул.

Гьарурал ветеринариялгун санитариял, производствалъулгин маг1ишатиял цадахъад тадбиразул х1асилалда, «Очлинский» росдал поселениялъул бет1ер Б. С. Г1абдурашидовасул, Тельманил ц1аралда бугеб СПК председатель М. М. Бат1аловасул г1ахьаллъиялдалъун рехсараб унти т1убанго т1аг1инабизе к1ванила.

Жигараб х1алт1и гьабун буго ветх1алт1ухъабаз бруцеллез бугищали лъазелъунги. Серологиялъулаб хал гьаби гьабун буго 14354 х1айваналъе. Гьелъул х1асилалда т1атинабизе к1ун буго 13 унтараб х1айван:

2-Ленинил ц1аралда бугеб СПКялда, 2-Гьоц1алъ, 3-Амущи, 3-Г1орк1ач1и, 2-Гозолоколо, 1-Г1акаро. Гьел киналго ветеринариялгин санитариял т1алабазда рекъон т1аг1инаризе рихьизаруна. Хадубги Хъарачу Г1амирхановас бицана:

-Бруцеллезалде данде вакцинация гьабуна 10834 г1акдае, 1964 г1ач1аралъе ва 3589 щуго-анлъго моц1 барал бачазе.

Гьебго заманалда бруцеллез бугищали хал гьабуна 25995 бет1ер чахъдал ва 1685 квийдул. Жамаг1аталъул 12981 чахъабазул ва 515 квийдул. Цадахъго хал гьабиялде росун рук1ана 160 бет1ер чуязулгин-х1амузул ва 62 гьве. Гьезда гьоркьоб гьеб унти т1атинч1о.

Х1исаб гьабулеб заманалда бруцеллезалъ унтун руго щугоял. Гьелги ккола Гъонохъ, Гьоц1алъ, Самилахъ, Ц1ада хъутаналдаса г1адамал.

Районалда туберкулез бугищали лъазелъунги хал гьабиялде росун рук1ана 13908 бет1ер х1айваназул, гьездаго гьоркьоб жамаг1аталъул боц1ул 4002 бет1ер. Рохизе ккараб жо буго гьединаб боц1и батич1олъи.

Дагьаб гьеч1еб х1алт1и гьабун буго паразитариял унтаби т1атинариялъе ва гьукъиялъе. Лабораторияб хал гьабиялъе росун руго боц1ул ракул 5024, г1иял 8850 пробаби. Гьелдалъун 2 ва ц1ик1к1унги паразитал ратун руго Д. Г1алиевичасул, Баг1арав Партизан, Энгельсил, Ц1иябг1умру, Мущулинский, Байикь, Г1ахьалч1и СПКязул боц1уда. Гьел гьукъиялъе дару гьабун буго 135047 бет1ер г1ияе ва 26683 бет1ер ч1ах1ияб боц1уе.

Щибаб соналда ихдал ва хасалихъе т1обит1ула боц1уда нуг1ал ругищали лъазелъун хал гьабиял. 2016 соналда районалда ратана 93 ч1ег1ер х1айваналда нуг1ал. Лъабгоялдаса анлъгоялде щвезег1ан ч1ег1ер х1айваналда нуг1ал ратана Т1ануси, уздалросулъ, Г1обода, Г1ахьалч1и, Сивухъ, Г1оч1ло, Г1орут1а, Гьамущи, Гьац1алухъ СПязда. Гьел т1ад ратарал боц1ул къадар г1емер гьеч1ониги, щибаб соналда гьеб батулеб буго цого маг1ишатазда. Гьелъ бицунеб буго гьел маг1ишатазда нуг1азде данде гьабулеб рагъ г1ураб къадаралда гьеч1олъи.

Хасаб бак1 кколеб буго боц1ул хъирис, пироплазмидозныял унтаби загьирлъич1ого рук1иналъе гьабулеб х1алт1иялъ. Гьеб мурадалда, 43600 бет1ер боц1ул ва 320000 бет1ер г1иял бачун бук1ана профилактикияб ва сахлъизариялъулаб купкаялде, ккараб бак1алда гьабуна химиопрофилактикаги. Гьелъги рес кьуна х1айваназул унтаби дагьлъизариялъе.

Хадубги Хъ. М. Г1амирхановас г1одорч1аразул к1вар буссинабуна ветеринариял хъулухъазул х1алт1ухъабазул к1вар бугеб масъалалъун, ветеринарияб къаг1идаялъ босани, росдал маг1ишаталъул сахаб продукция г1езаби бук1ин. Гьеб мурадалда, ВСЭялъул лабораториялъул х1алт1ухъабаз гьабун буго 7238 кванил продуктабазул экспертиза, гьездасан х1айваназул-124, г1иял-244, х1анч1азул-3755, рахьдал ва рахьдал продуктабазул-386, ччуг1ил-7, овощазул ва пихъил-2684, ханазул-14400 экспертиза. Гьелъул х1асилалда кассаялде кьун буго-51830 гъурущ.

Гьелдаго цадахъ лабораториялъул х1алт1улъ руго г1унгут1абиги. Мисалалъе росани, кинабго продукциялъул гуро экспертиза гьабулеб, хасго ханазул, гьац1ул, х1анч1азул. Камулеб гьеч1о рук1ине кколел документалги гьеч1ого базаралде бач1унеб продукцияги.

Хасаб х1алт1и гьабун буго электроннияб къаг1идаялъ ва цадахъго кагътидаги продукциялда цадахъ рук1унел документал кьеялдеги. Гьединал документал кьеялдалъун кассаялде бач1инабун буго 48770 гъурущ.

Управлениялъул к1вар бугеб суаллъун кколеб буго кин бак1-бак1азда ветеринарияб х1алт1и г1уц1ун бугебали лъазаби. Хал гьабиялъул х1асилалда г1унгут1аби ратарал бак1азда гьелги рихьизарун, гьел лъуг1изариялде к1вар буссинабулеб буго.

Совещаниялда к1одо гьаруна х1исаб кьолеб заманалда жидеца х1алт1улъ цебехъанлъи бихьизабурал специалистал: Районалъул администрациялъул грамотаби кьуна: Гъ. М. Гъазиевасе -Самилахъ УВЛ ветврач, Г. Н. Мух1амадовасе-Аралхъутаналъул ВУялъул ветврач, М. М. Муртазаг1алиевасе-Аралхъутаналъул ВУялъул заведующий, З. Къ. Мух1уевалъе-ветуправлениялъул фельдшер. Ветеринариялда гьабураб рак1 бац1ц1адаб хъулухъалъе г1оло медаль кьуна Х1. Х1ажиевасе-управлениялъул ветврач.

Комитеталъул грамотаби кьуна: Б. С. Г1абдурашидовасе-Г1оч1ло росдал администрациялъул бет1ер, М. Гьит1иновасе-Бакьагьеч1и УВЛалъул ветврач, И. Г1абдусаламовасе-Г1ахьалч1и УВЛалъул ветврач, М. Г1абдулмуъминовасе-Аралхъутаналъул ветфельдшер, М. Давудовасе-Буц1ра ВУялъул заведующий.

РФялъул Минсельхозалъул баркалаялъул кагътал кьуна: М. Х1асанбеговасе-Гьоц1алъ ветеринарияб управлениялъул заведующий, М. Давудовасе-Буц1ра ВУялъул заведующий.

К1алъазе вахъарав «Стелла» СПКялъул председатель К. Г1амировас рак1-рак1алъулаб баркала кьуна киналго ветеринариял х1алт1ухъабазе ва г1арцулаб конверт кьуна жидее боц1и сахлъизабиялъе к1удияб кумек гьабурав Самилахъ УВЛалъул заведующий Г1. Мух1амадовасе.

Докладалда т1асан к1алъазе рахъарал Самилахъ УВЛ заведующий Г1. Мух1амадовас, Харахьиса ветврач М. Мух1амадх1ажиевас, Г1оч1ло росдал администрациялъул бет1ер Б. Г1абдурашидовас бицана жиде-жидер х1алт1улел бак1азда дандч1валел зах1малъабазул, х1алт1и г1уц1ун бугеб куцалъул. Аслияб къаг1идаялда к1вар кьезе кколеблъун гьез рик1к1унеб бугоан г1емерал г1адамаз г1умру гьабулел Г1ахьалч1и, Х1ариколо, Самилахъ, Бакьагьеч1и г1адал росабалъ расколал, хвараб боц1и букъизе бак1 гьеч1олъиялде, гьел чара гьеч1ого х1ажат рук1иналде. Рук1инч1ел бак1азда боц1уда раккун рач1унел руго цо-цо квешал унтаби, амма гьеб киналъего биччараб г1арац буго ц1акъго мукъсанаб. Гьединлъидал гьез х1ажатаблъун рик1к1ана т1адехунисел идарабаздасан кумек.

К1алъазе рахъарал республикаялъул ветлабораториялъул директорасул заместитель А. С. Г1абдуразакъовас, райадминистрациялъул бет1ер С. К. Юсуповас ц1акъго лъик1аб къимат кьуна районалъул ветеринарияб хъулухъалъул х1алт1ухъабазе, гьезул к1вах1 лъалареб зах1маталъе. Гьеб рик1к1унеб буго республикаялдаго бищунго лъик1ал ветеринариял хъулухъаздасан цояблъун. Республикаялда ругел 66 тайпадул боц1ул маг1ишатазда гьоркьоб анц1ила щугояб кколеб буго нилъер районалде. Гьелъги бицунеб буго боц1ухъанлъи нилъер районалда ч1ара-хьараб къаг1идаялда цебе т1олеб бук1ин. Гьелдалъун совещание къараблъун рик1к1ана.

Просмотров: 518 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz